МагъчIваялъе рес

МиллатчагIазул гьобоялде лъин


Москва. ЦIех-реххчагIи хIалтIулел руго лъимадул къотIараб бетIергун чIужугIадан йикIараб бакIалда.
Москва. ЦIех-реххчагIи хIалтIулел руго лъимадул къотIараб бетIергун чIужугIадан йикIараб бакIалда.

Кинаб букIараб Москваялда Узбекистаналдаса чIужугIаданалъ жинцаго тIалаб гьабулеб лъимадул бетIер къотIиялде ва гьелъул хадусеб вахIшияб хьвада-чIвадиялде реакция?

КъотIараб бетIергун метроялда аскIоб гьей чIужугIаданалъ жиндирго вахIшилъи бихьизабизе байбихьун 40 минуталдаса гурони низам цIунулел рагъа-рачаризе байбихьичIин, абун гIайиб гIунтIизабуна оппозициялъул вакильзабаз талъиялде.

Националистазул вакильзабаз лъазабуна, вахIшияб лъугьа-бахъин кколин мигрантазда хурхун тIалъиялъул цIакъго лъибералияб бербалагьи букIиналъулги мигрантазул рахъ кколеб «Россия – киназего!» абураб гIуцIиялъул хIаракатчилъиялъул хIасилин.

КъотIараб бетер кодоб ккурай чIегIераб ретIел ретIарай чIужугIаданалъул сурат тIоцебе баккана социалиял интернет-сурсатазда. Гьездаго цадахъ букIана жий террорист йигин гьей ахIдолеб мехалда пуланав чияс велъахъулаго бахъараб видеоги. ТIоцебе гIадамазда кколеб букIун буго гьелъ муляж ккодоб ккун бугин.

Гьелъул хьвада-чIвадиялде кIвар кьезе байбихьун буго, гьей «Аллагьу акбарин!» ахIдезе байбихьараб мехалда.

Амма нухмалъиялъ лъазабуна, гьей чIужугIаданалъ гьабураб жидеца гьанжеги терракт хIисабалда къабул гьабулеб гьечIин, гьелъул гьанже хал-шал психиатораз гьабулеб бугин.

Пачалихъиял хъулухъчагIаз ахIулел руго лъиамалазул тIалаб гьабулезда тIад хъачIаб конироль чIезабиялде.

Федерациялъул мажлисалъул гIахьалчIужу Елена Мизулиналъ лъазабуна, лъималазул тIалаб гьабулезе хIалтIи балагьулел агентлъиязул хал-шал гьабизе кколин ва гьединал хIалтIухъабазе лицензия гьечIого хIалтIизе нух къазе кколин.

Гьединал хIалтIухъабазул хасал сертификатал рукIине кколин, лъазабуна Россиялъул лъамалазщул ихтиярал цIунулев Павел Астаховас.

Москваялъул мэр хисулей Инна Свитенкоца абуна, лъималазул тIалаб гьабулел хIалтIухъабазул тIоцебего медикияб хал-шал гьабизе кколин. Лъималгун хIалтIилалда цебе, ракI чIараб букIине кколин, гьединал руччабаз наркотикал ва гьезда релъарал цогидал жал хIалтIизарулел гьечIолъиялдайин.

Пачалихъияб Думаялъул депутат Владимир Гутеневас Россиялъул федералияб миграциялъул хъулухъ ахIана нахъ тIамичIого Москваялдаги цогидал шагьараздаги Россиялъул «ХIалтул кодекс» хвезабулел гIадамал ралагьиялъул рейдал тIоритIиялде.

«Жакъасеб трагедия, гьай-гьай вахIшияб жо ккола, амма гьеб кколаро нахъе-цере балагьичIого минуталда жанир батIи-батIиял къанунал ургъиялъе багьана», абун бадиб чIвана жидерго коллегабазда Пачалихъияб Думаялъул оппозицияв депутат Дмитрий Гудковас.

Хасал хъулухъазул тохлъиялде кIвар буссинабулаго оппозициялъулав ва коррупциялде данде къеркьолев активист Алексей Навальныяс жиндирго блогалда хъвалеб буго гьадин: «Хасал хъулухъазул нормативал: Путиниде данде плакатгун метроялда аскIов эхетулеб мехалда кквеялъе къваригIуна щуго минут. КъотIараб лъимадул бетIергун метроялда аскIоб «Аллагьу акбарин!» ахIдолел мехалда – I сагIат».

«Говорит Москва» радиостанциялда кIалъалаго, Узбекистаналъул диаспораялъул вакил ХIабиб ГIабдуллаевас гIурусал ахIана такъсир гьабуралъул миллаталде кIвар буссинабиялдаса инкар гьабиялде. «Гьелъул пикру хисана миллаталде балагьичIого», - ян жубана ГIабдуллаевас.

XS
SM
MD
LG