МагъчIваялъе рес

ТIеренаб рукIкIен - кIудияб балагь


Бищун дагь босун миллионгун щунусазарго чи вуго Россиялда героиналда ва цогидал наркотиказда варав. Цо-цо экспетазул пикруялда официалияб статистикаялъ бихьизабуларо наркоманазул хIакъаб къадар, сияхIалде росарал гурони рикIкIунел гьечIолъиялда бан. Гьединаб хIужжа ракIалде босун гьеб къадар чанго нухалъ цIикIкIун букIине бегьулин абулеб буго гьез.

Россиялда наркотиказда рарал гIадамазул къадар тIадеги цIикIкIине бегьулин 2014 соналъул ахиралда Цолъарал Штатазул ва халкъазда гьоркьосеб коалициялъул къуватал Афгъанистаналдаса нахъе рачун хадубин, лъазабулеб буго Россиялъул политиказги.
Гьеб хIужжа ракIалде босун, цо-цо экспертазул пикрялда, улкаялда профилактикаялъул тадбирал тIоритIулел гьечIо. Улкаялда наркоманазул къадар цIикIкиналъул тенденция хутIулеб буго.

Дагъистаналъул наркотиказде данде къеркьолеб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев полковник Ширинбек Шигьабидовас нижер программаялъе комментариял гьарулаго абулеб буго, республикаялда баянго бихьулеб бугин, наркотикал хIалтIизарулел гIадамазул къадар цIикIкIунеб букIин. Гьеб тIолабго улкаялдаго бугеб тенденция кколин.

Ширинбек Шихабидов, Дагъистаналъул антинаркотикияб идараялъул пресс-хъулухъалъул бетIер
Ширинбек Шихабидов, Дагъистаналъул антинаркотикияб идараялъул пресс-хъулухъалъул бетIер
Ширинбек Шигьабудинов: «Гьединазул къадар жакъаялде кола нилъер гIага-шагарго 6500 чи. Гьел ккола Дагъистаналъул наркологияб диспансералда регистрация гьабурал гIадамал. Дунялалъул статистикаялъул практикаялда рекъон, гьеб къадар кьабизе кколеб буго минимум анцIгоялде. Гьелъул хIасилалде балагьун, абизе бегьула 70 азаргогIанав чияс нилъер республикаялда наркотикал хIалтIизарулел ругин. Гьел официалияб сияхIалда ругел 6500 чиясда гъорлъан, 400 гIанав ккола шприцалъул, ай, иньекциязул наркоманал. Наркотикал хIалтIзарулел яги гьел ричулел минимум цо-цо чи гьечIеб цогIаги росо гьечIо жакъа нилъер республикаялда. Узухъда наркотикал хIалтIизарулел руго бищунго гIемер шагьаразда. ТIоцебего МахIачхъалалялда, Дербенталда, Хасавюрталда, Каспийскалда.»

Шигьабудиновас абулеб буго, тIадеги ургъел ккезабулеб хIужжа кколин Дагъистаналда жакъа наркотикал хIалтIизарулел руччабазул къадар цIикIкIунеб букIинги. Гьесул рагIабазда, гьесул идараялъул хIалтIухъабазе батун буго руччабазул наркотикал хIалтIизарулеб чанго бакIцин.

Ширинбек Шигьабудинов: «Официалияб сияхIалде йосун йиго азаргоялдасаги цIикIкIун чIужугIадан. Гьединал руччабазул цо-цояз кколеб буго хасаб такси. Гьелда жаниб наркотикал гъорлъ жубараб хъалиян бухIулеб буго. Гьединаб къагIидаялда бизнес гьабулел таксистсалги ратулел руго чанги. Кинха гьел кквезе бажарилеб, нагагьаб лъугьа-бахъин загьирлъани гурони?!
Чанго нухалъ нижеда батана гIицIго руччабаз дезоморфин хIалтIизабулеб бакI. Дезоморфин кколеб буго кодеин гъорлъ бугеб дару. Амма гьеб наркотик хIисабалдаги хIалтIузабулеб букIуна. Наркоманазда гъорлъ гьелде абулеб рагIула «крокодилинги». Гьеб рикIкIунеб буго мискIиназул наркотиклъун. Амма талихIалъ дезоморфиналъул наркоманал дагьлъулел руго, гьел препаратал аптекабазда 20I2 соналдаса ричизе гьукъун рукIиналда бан. Гьединал бакIазде щвараб мехалда нижее гьенир лъимадуе ругел руччабицин ратана. Ятана цо нухалда 6 сон барай ясгун цадахъ чIужугIаданцин. Гьелъ абулеб букIана лъимер тезе бакI букIинчIин.»

Наркотикал хIалтIизарулезе къокъаб заманалъ кеп кьолеб батани, хадуб гьезие жидеегоги, гьезул гIага-божаразеги гьеб балагьалде буссиналъул аза-азар мисалал ругониги, гьеб «унти» щулаго хутIулеб бугин нилъер республикаялдаги, улкаялдагийн абуна Шигьабудиновас. Казбек мухъалдаса МахIамадова Аминатица нижер программаялъе бачана гьединаб цо мисал.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:33 0:00
Интернет-мухъ

Республикаялъул клиникияб азарханаялъул реанимациялъул бутIаялъул терапевт ГIамирил МухIамадица нижер программаялъе комментариял гьарулаго, абулеб буго наркотикал хIалтIизарулел гIадамазе тамихI гьабизе кколин, гьезде букIине кколин пачалихъалъулги жамгIиталъулги хъачIаб асарин.

Интернет-мухъ

Нижер мухбир Том Балмфортгун кIалъазе бигьаго разилъаниги, наркотикал хIалтIизариялъул рахъалъан кIудияб хIалбихьи бугев Москваялдаса Игорица жиндирго фамилия рехсезе гьукъана. Авторас хъвалеб буго гьесул ругин щибниги загьир гьабуларел цIорол гIадал цIахIилал бералин.

КIалдир цаби-гIусал камурав, херав чиясул гIадаб, свакараб гьумер бугев 27 сон барав Игорида лъикI лъалеб буго, кинаб зарал героиналдаса, наркотиказдаса чиясе бугебали. I0-ялдасаги цIикIкIун соналъ гьес хIалбихьулеб буго гьеб «загьруялдаса» инкар гьабизе, амма «бажарулеб гьечIин ва гьелде жиндир хьулцин хутIулеб гьечIин ахирисеб заманалдайин» гIарз гьабулеб буго гьес.

Наркотиказда варавлъун Игорь лъугьун вуго балукълъиялде вахиналдего. Эбел хун хадув 12 сон барав Игорь махрумлъун вуго рукъалдасаги. Соналдаса гьес гьекъезе байбихьун буго, къойида жаниб, жинцаго абухъе, гьес гьекъолеб букIун буго водкаялъул кIигогIанаб литр. КIиго соналдаса гьев вуссун вуго наркотиказде, мухIканлъизабуни, героиналде.

Игорь: «Киназго хIалбихьула гьелъул, жинда бажарулин заман щвараб мехалда чIезе, жиндаго жив лъикI лъалин, жиндир жиндаго ракI чIараб бугинги абун. Дицаги хIалбихьана 200I соналда. Гьалеха гьанже 20I4 сон буго. I3 сон. Жакъаялде щвезегIан дица абулеб букIуна добго жо: жив жиндаго чIезавизе бажарулин, жинда живго лъикI лъикIин, жив жиндаго божулин».

Наркотикал росизе ресал рукIиналъе Игорица байбихьун буго цIогьодизе. Гьев махIрумлъун вуго гьитIинаб къоялдасаго рукIарал гьалмагъзабаздаса. Гьес лъабго сон бахъун буго туснахъалда. Гьесул боххазул жанисел рахъал цIезарун руго шприцазул лъалкIаз. Гьес жинцаго абулеб буго, жив гьанже ригьиналъе, хъизан гIуцIиялъе данде кколев чи гурин.

Фамилия бицинчIого кIалъазе бигьаго разилъаниги, Игорь виххулев вуго ва бабадизе байбихьулеб буго, гьединаб гIумруялде жив вачIиналъул история бицунаго.

Игорь: «Дунни вуго гIадамазулъ жуварав, хIалтIи бокьулев, кIвахIалав гурев чи. БичIунищ дуда, дир гIумруялъул период букIана захIматаб, дица балагьулеб букIана, щибин долде абилеб, хвасарлъийищ гъоб, гIодов виччайищ? Лъаларо. ХIассилалдаги дун жувана гьаб битIахъего абуни, нахъегIанаб чуруклъиялде. Ккана дун гьаб хьуцIалъе.»

Гьединаб хIалалде ккаразул къадар, Россиялъул Федералияб наркотиказде данде къеркьеялъул хъулухъалъул хIисабалда рекъон, улкаялда бахунеб буго миллионалдаса миллионгун щунусазарго чиясде. Лъиданиги рачIел экспертазул пикруялда рекъон, гьеб къадар кIиго нухалъ цIикIкIун букIине бегьула.

Соналда жаниб наркотиказда раразда гъорлъан гIумруялдаса ватIалъулев рагIула I00 000 гIанав чи. Цингиги наркотикал хIалтIизарулеб мехалда шприцалъул рукIкIби хисулел рукIиналъ, наркоманазда гъорлъ ВИЧалъул унти тIибитIулеб буго ва гьединазул къадар цIикIкIунеб буго. Сахараялъул жанубиял рахъалда ругел улкабаздацин гьединазул къадар гьанже гIодобе унеб буго.

Россиялде героин аслияб къагIидаялда бачIунеб буго Афгъанистаналдаса. Кремлалъ гьеб хIакъикъат рикIкIунеб буго миллияб хIинкъигьечIолъиялъул проблемалъун. Гьелъул гIайибги гьелъ зама-заманалдаса чIвалеб букIуна НАТОялъул рагъулал контингентаздаги, Афгъанистаналда унеб конфликталъ героин биччаялъе шартIал цIиккIинарулел ругинги абун.

Араб соналда Россиялъул тIадегIанав санитарияв тохтурлъун вукIарав Генналдий Онищенкоца абулеб букIана, 20I4 соналъул ахиралда Афгъанистаналдаса НАТОялъул рагъул къуватал нахъе рачун хадуб, Россиялде баччулеб героиналъул къадар цIикIкIине бегьулин. Наркотиказул траффикалдеги, гьел хIалтIизариялде данде къеркьейги къувалъизабизе кколин, хасаб кIвар профилактикаялъул тадбиразде буссинабизе кколин. Гьесго абулеб букIана улкаялда жанир ругел наркотказда рарал гIадамал хвасар гьариялъеги кIудияб хIаракат бахъизе кколин.

Россиялъул демографазги наркомания рехсолеб буго улкаялъул халкъалъул къадар дагьлъулеб букIиналъе бугеб багьанабазул цояб хIисабалда.

Цо-цо экспертазул пикруялда, Россиялъул нухмалъиялъ Игорь гIадал гIадамал квер хьвагIун тун руго. ХIакъаб кумек наркоманиялъул балагьалдаса гьел хвасар гьариялъе гьабулеб гьечIо. Мисалалъе, гьечIо чанго улкаялъ билъанхъизабулеб хIалтIизарурал шприцал цIиязухъ хисиялъул практикаялда хурхараб пачалихъияб программа. Гьелъ ВИЧ унти тIибитIиялъул темпал гIаги тохлъизарулин, абулеб буго гьезул цояз.

Гепатит, ВИЧ ва тубуркулез унтаби рагIула героин хIалтIизабулезул аслияб къадаралда. Гьелдаса гьел сах гьариялъеги хIаракат бахъулеб гьечIо. Гьединазе кумек абизегIанго гьабулеб гьечIо.

«Андрей Рылковасул фонд» абураб хIукуматалъул гуреб гIуцIиялъул волонтер Максим Малышевас абулеб буго, накотиказда рарал хутIулел ругин жидедего жалго тунин. ЖамгIияталда жаниб гьадиназда бан загьирлъулеб буго дискриминация. Гьезда тIолабго гIумруялъего гIуж лъолеб буго ва сахаб гIумруялде нахъ руссиналъ шансал кьолел гьечIо.

Максим Малышев: «Гьелдаго цадахъ гьезул рес гьечIо къваригIараб медикияб кумек щвезе. Щайгурелъул загьирлъелеб буго наркофобия. Азарханаялде гьединав чи вачIараб мехалда тамашалъулел рукIуна: "Вай, мун нарокоман гурищ! Щиб дуе къваригIун бугеб? Кинаб пайда букIунеб мун сахлъизавиялдаса, щай мун нижеца сах гьавизе кколев? Мун щиб гьабуниги хвезе вуго гури.»

Наркотиказда раразда хурхун хIалтIи гьабулел жамгIиял гIуцIиял Россиялда руго ресукъал. Амма гIарац гIунгутIиялъул проблемаги хIалуццинабулеб буго гьезде пачалихъалъул хъулухъчагIазул бугеб квешаб бербалагьиялъги.

«Андрей Рылковасул фондалъ» гIамал гьабулеб буго наркотиказда раразе тIоцебесеб кумек гьабизе. Гьелъ гепатит, ВИЧ гIадал унтабазда хурхарал медикиял тестал гьарулел руго, кьолел руго дараби, шприцал.

Фондалъ ахIи балеб буго ТIолабго дунялалъул гIуцIиялъ героиналъул «лагълъиялдаса» рорчIизариялъул къагIидалъун бищунго хьулал рижинарулеб Метадоналъул легализациялде. Гьеб препарат Россиялда гьукъараб буго. Метадоналъул пропагандаялъе гIоло «Андрей Рылковасул фондалъул» сайт къан букIана 20I2 соналъул февралалда.

Москваялъул Марьино мухъалда дагьалъ цебе Малышевас ва гьесул коллегабаз наркоманазе, гьездаго гъорлъ Игорие, кумек гьабулеб мехалда, полициялъ аресталъул хIинкъиял кьун, гIуцIиялъул хIаракатчагIи нахъе къотана. Гьенисан нахъе ун, гьез кумек гьабуна цогидал наркоманазе – гьезие батIалъе букIинчIо гьел хъахIбалъиялда ругел ясал рукIиналдаса.

«Андрей Рылковасул фондалъ» хIалтIизарулел къагIидаби кьучIодасаго батIиял руго цогидал гIуцIабазулазде данде ккун. Мисалалъе, «Наркотикал гьечIеб шагьар» абураб Екатеринбургалдаса гIуцIиялъ «ломкабазул» заманалда наркоманал маххул хьурхеназ рухьулел руго кроватазда. Гьеб гIуцIиялъул бетIер Евгений Ройзман цебесеб соналъул сентябралда вищун вуго Екатеринбургалъул мэрлъун.

Жидецаго гьабулеб хIалтIи живгоги наркотиказда варавлъун вукIарав Максим Малышевас рикIкIунеб буго лъел къатралъун. Гьесулго рагIабазда гьелъул бихьулеб асар букIунаро гIагарисеб заманалда «наркотикияб политикаялде». Гьедин букIаниги гьес жидерго гIуцIиялъул хIалтIи рикIкIунеб буго цIакъ къварагIараблъун.

Максим Малышев: «Нижеца рикIкIуна нижеца гьабулеб хIалтIи, халат бахъинабизе кколин, ниж дагьал рукIиналде балагьичIого, нижеда кардиналияб къагIидаялда гьеб система, «наркополитика» хисизабизе кIвезе гьечIониги. Гьедин букIаниги, нижеца гьеб хIалтIи халат бахъинабулебги буго."

Игорида лъалеб буго, жамгIияталъ ва пачалихъалъ наркотиказда рарал къабул гьарулеб гьечIолъи. БитIараб бицани, жал гIадал гIадамазе кумек гьабиялъе жиндагоцин берцинго багьана бихьуларин, абулеб буго гьес. Амма жив гIадин гьеб балагьалдаса рорчIизе бокьарал наркоманал дагьал гьечIин. Пачалихъиябгун жамгIияб кумекалъ жал хвасар гьаризе шансал кьезе рукIанин, жубалеб буго гьес.

Игорил рагIабазда, гьев гIадал гIадамазде цо-цо полициялъулазул букIунеб буго хасаб интерес. Гьес чанго мисал бачана, жиндаго лъалел, полициялъул бербалагьиялдаса «щаклъи» бугел, наркоманал, гьаричIел такъсирал тIадеги росизарун туснахъазде рехун рукIиналъул. Гьесул рагIабазда, гьединал полициялъул интересалдаса гьев цIунун вуго хIалтIулев вукIиналъ. Гьесда бажарун буго шагьаралъул маршруталъул такси къачIалеб бакIалда хIалтIи батизе.

Игорь: «Дун хIалтIулев вукIинчIевани, ракI бацIадго абила, дун цевего туснахъалде кколаан. Щайгурелъул наркотиказе гIарац къваригIунелъул. Мун хIалтIулев чи гьечIони, киссаха гьеб щвелеб? Гьединаб мехалда мун кколев вуго яги цIогьодиялде яги хъамаллъиялде. Мун кколев вуго гьетI-гьетIараб нухалде. Ахир-къадги гьелъ мун туснахъалде вачуна. Аслиб къагIидаялда гьелъие гIемер заман къваригIунаро. ГIемер заманалъ гьеб нухда хутIуларо мун."
XS
SM
MD
LG