МагъчIваялъе рес

Къо тIагIарав чи данделъугеги!


Бабаюрталда автоавария
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:26 0:00

Бабаюрталда автоавария

Исана Дагъистаналда автоавариязул къадар цебесеб соналъул гьабго ригьалде дандеккун цIикIкIун буго. Гьединал баянал кьолел руго республикаялъул нухазда низам чIезабулеб идараялъ. Автоавариязда гIемерав чи холев вукIиналъ чачаналъ байбихьун буго гIадатиял гурел тадбирал тIоритIизе.

Чачаналъ республикаялъул бетIер Къадиров Рамзанил тIалабалда рекъон, цо къоялда жаниб гIадатиял гIадамазухъа нахъе бахъун букIана 700 автомашина ва гIуцIун букIана 900 протокол. Гьеб хIалтIи жакъаги халат бахъунебги буго. Къадировас гьединаб хIукму гьабиялъе гIиллалъун ккун руго ахираб заманаялда автоавариязда гIемерав чи холев вукIин.

Бицунеб буго чачаналъ вугев Эркенлъи Радиоялъул мухбир СултIанов АхIмадица.

СултIанов АхIмад: «Нухазда низам чIезабиялъул рахъалъ ахIи-хIар багъарилалде чанго къо цебе республикаялда цин хвана автоавариялда анкьго чи, цинги ункъго чи, гьезулги кIиго гIолохъанав вас чIаго автомашинаялда жанив вухIанин абизе бегьула. Гьенир кумекалъе сверухъ чIарал автомашинабазул цонигиялда жаниб букIун гьечIо цIа свинабулеб алат.

Ахирисеб анкьго моцIалда жанив хун вуго 106 чи, гьезулги ахирисеб моцIалда жаниб хваразул къадар 40 чиясде бахун буго. Къадировас абуна гьединал хвелал республикаялда кьварарал рагъал унел мехалдацин рукIинчIин. Нухазда низам хвезабулел гьес террористазда бащалъизаруна гьезулгIан кIудияб хIинкъи бугин гьединазул гIадамазейинги абун».

АхIмадица бицухъе жакъа къоялде чачаналъ бичун босизе рес гьечIо автомашинаялда жаниб букIине тIадаб атрибутика. Киналго квен-лъим тун гьеб босизе рортун руго.

СултIанов АхIмад: «Нухазда низам цIунулез хехгьабун жидерго ретIел хисана рагъулазул ретIелалде ва гьанже гьел киса-кирего чIун руго. Дида ккола гIадамал дагьалги хIинкъизе гьарулел жал ругин гьединал жалин. Гьез нахъе рахъулел руго гьитIихIинаб жо сабаблъунцин автомашинаби. 500 гъурщилаб гIакIа тIад къотIулеб бакIалда автомашина бахъун унеб буго. ЦIа свинабулеб алат, дарабазул къали, авариялъул ишара гьечIониги бахъун унеб буго. Гьал къоязда гьел алатал росизе рес гьечIо республикаялда. Кисаго гьел гIадамаз росун лъугIун руго».

Бабаюрталда ккараб автоавария. 14Авг2015
Бабаюрталда ккараб автоавария. 14Авг2015

Араб соналъ Дагъистаналда гьабун буго 1284 автоавария. Гьезда хун вуго 486 чи ва лъукъун вуго 1683 чи. Авариязда хваразул къадаралде балагьун бищунго хIинкъи бугел мухъаллъун рехсолел руго Буйнахъск, Сергохъала, Лаваша, ЧIарада, Гумбет ва ЦIунтIа мухъал.

Гьебго заманаялда къотIносан унев 374 чиясда тункун буго автомашина. Гьезул 106 хун вуго, хутIаразе гIисинал-чIахIиял лъукъа-къотIиял щун руго.

Нухазда низам чIезабулез батIаго кIвар буссинабулеб буго тIадехун рехсарал тарихазда гьоркьоб жалго гIадамазул гIайибалда гьезда машина тункиялъул хIужжа 251 букIиналде ва гьезулги жидедаго гIайиб букIун 70 чи хун вукIиналде.

Гьал руго рагьарал информалатаздаса росарал баянал.

Дагъистаналда полициялъул нухазда низам цIунулеб бутIаялъул сайталда кьолеб буго автоавариязул исана анкьго моцIалъул статистика.

Гьелда рекъон, араб соналъул гьабго ригьалде дандеккун, исана авариязул къадар цIикIкIун ва 852 бахун буго. Гьезда хун вуго 270 чи, лъукъун вуго1162. Цо июль моцIалда жаниб республикаялда хун вуго 44 ва лъукъун вуго 201 чи.

Дагъистан, Чачанлъи, Гъалгъай, Шималияб Гьири, Гъабардагун-Балкария, Гъарачайгун-Черкессия, Адыгея ва Калмикия рикIкIуна Россиялдаго автоавариязде ккарав 1000 чиясда гьоркьосан бищунго гIемерал хвелал ругел регионаллъун. Гьединаб цIех-рех гьабун букIана Forbesалъ.

Чачаналъа АхIмадица жеги бицана нухазда низам чIезабулеб букIин рекIее гIолеб букIаниги гьеб гьабулеб бугеб къагIида гIадамазе гIемерго рекIее гIолеб гьечIин.

СултIанов АхIмад: «Гьединал тадбирал гIадамазе, цо рахъалъан, рокьулел руго, амма гьезие рекIее гIолеб гьечIо низам цIунулез гьеб ишалъулъ бихьизабулеб бугеб гъира-шавкъ. ХъачIго, инсан санде гьавичIого гьабулеб буго гьез гьеб. Гьелде тIадеги гьез гьабулеб бугеб хIалтIи федералиял къануназде данде кколарелъул. Дарабазул къали гьечIин абун гIакIа тIад къотIулаха автомашина бахъун унаро. Гьединго хехлъи цIикIкIинабуралъухъ яги цоги гIиси-бикъинал жалазухъ автомашина бахъизе кколаро.

Гьанже жидедего ккараб гIайибалъухъ кьолеб гIакIаялде тIаде гьез кьезе ккезе буго гьезул автомашина полициялъ ккун букIараб бакIалъеги гIакIа.

Байбихьуда абуни, Къадировас бицунеб букIана цо къоялъул болжалалда жаниб гьеб гIакIа бецIичIони, гьел гIадамазухъа автомашинаби тIуранго нахъе рахъиялъул, амма Пачалихъияб Думаялда гьесул гьеб цебелъеялда тIад релъана».

АхIмадил пикруялда, нухазда автоавариял ккеялъе бищунго кIудияб гIайиб буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда. Къанунал жидее хъван гьечIел гIадинаб хьвада-чIвади букIунила гьезул.

СултIанов АхIмад: «Цо бугони, Чачаналъ ран руго цIиял ва лъикIал нухал. ГIолилазе бокьулеб буго хъамаризе. КIиабизе бугони, дида ккола, гьеб аслияб гIилла бугин ва гьелъул лъицаго рагIинабун бицунарин, гьел руго жалго низам цIунулезул гIайибалда кколел авариял. Гьел рукIуна гьанир гIурхъаби тарал жал гьарулел. Гьез хъамаризарулел Приора автомашинабиги авария ккарабго хъумуз гIадин дандекъан уна.

Бицунеб буго бокьарав хIакимчи кквезе вугин гьес нухлул низам хвезабуниян. Дида лъалеб бакIалдасанги цере автомашина бачине ихтияр кьолеб документ-правабицин гьечIого полициялъул хIалтIухъанасул документги бихьизабун терелел рукIараз жакъа росулел руго автомашинаялда жанир рукIине кколелщинал атрибутал ва гIадлуялде бачунеб буго жидерго хьвада-чIвади. Амма цоги рахъалъан, цогиязе гьабулеб гIадлу полициялъ жидеего кколареблъун рикIкIунеб буго. Нолъ дирго рукъалда аскIоб дида бихьана полициялъ чIезеги гьарун чияр автомашинабазул цIурдуздаса чIегIераб кагъат нахъе бахъулеб, гьебго заманаялда, гьезул жидерго автомашинаялда цебесеб цIер хутIизегIан киналго киналго рукIана бецIлъизарурал. Гьезие бегьулеб буго цогиязе бегьулареб буго».

Бабаюрталда ккараб автоавария. 14Авг2015
Бабаюрталда ккараб автоавария. 14Авг2015

Хасавюрталдаса Умайсат дагьал церегIан къоязда ккана автоавариялде. Эбелалъул гъеж беки ругеб, талихIалъ, гьелъие ва гьелда цадахъ рукIаразе бицинегIанасеб зарал ккун гьечIо. ГIодове виччан кIудияв чияс бачунеб букIараб гьезул автомашинаялда нахъасан речIчIун бачIун буго цогияб ва гьазулаб рахънибе гирун гебегуниса бахъун буго.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:45 0:00
Интернет-мухъ

Нухазда кколел авариязул бищунго кIудияб гIайиб автомашина бачунев чиясда бугин бицана Эркенлъи Радиоялъе Хунзахъ-МахIачхъала нухда «Газель» автомашинаялда гIадамал раччулев ХIамзатица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:06:12 0:00
Интернет-мухъ

Гьаб программа хIадурулеб бугеб гIанасеб заманаялда Эркенлъи Радиоялде битIун бачIана Бабаюрталда гьаб сагIат ккарабин абун автоавариялъул видео. Гьенив «Газель» автомашинаялда Камаз кьабидал хун вуго ункъго ва лъукъун вуго ичIго чи.

XS
SM
MD
LG