МагъчIваялъе рес

Р. ГIадилгереев: «Полициялъул бутIаялда чи чIвай гьанже такъсир кколеб рагIуларо»


КIиго соналъ цеве Нугъай мухъалъул жанисел ишазул бутIаялда жанив полициялъул подполковник Сайпулакъади Жамалудиновас гъванщилъ таманчаги речIчIун чIван вукIана 22 сон барав Эрадил Асанов.

Такъсир гьабиялда щаклъи букIун полициялде вачун вукIарав гьев Асанов нусги бахъун жиндиде тIаделъун вукIанила, гьединлъидал речIчIизе кканила жиндица гьесда таманчайиланги абун, жинда щибго гIайиб гьечIин чIун вукIана гьев подполковник Жамалудинов.

Гьал къоязда цIех-рехалъ гьев подполковникас унголъунги живго цIунизелъун речIчIун бугин гьеб таманчайиланги абун гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун рагьун букIараб такъсиргьабиялъул иш къан бугин абурал баянал кьуна «Эркенлъи» радиоялъе чIварасул гIагарлъиялъ.

Гьев подполковник Жамалудинов тамихIалде цIайлан тIалаб гьабун Асановасул гIагарлъиялъ чанго митингги тIобитIана, Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасдаса бахъараб Россиялъул президентасде щвезегIан кагъталги хъвана, хитIабалги гьаруна, амма гьеб киналъулго хIасил ккечIо. Гьев Эрадил чIваялда, ай хас гьабун гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун букIин гурони, живго гьев подполковник Жамалудиновасда тIад такъсиргьабиялъул ишцин рагьичIо. Гьев унтарав чи вугин, азарханаялда вегун вугин гьевилан абун цониги къоялъ кквезеги кквечIо гьев къуваталъул идарабаз. Гьеб ишалъул ахIи бахъинабугейила абун Асановазе цин хIинкъаби кьун, хадуб гьезие гIарац кьезе лъугьун рукIун руго Жамалудиновасул гIагарлъи. Гьелъул хIасил ккечIеб мехалда нужеца щиб гьабуниги гьев жидер васасе тамихI къотIизе гьечIин абун кIал гьикъун букIанила гьез жидеда, гьез абухъин кканин гьеб ишилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда чIварасул имгIал ГIадилгерев Рустамица.

ГIадилгерев Рустам: «Лъицаниги щибниги гьабичIо гьеб ишги къана. Щиб гьабилебали лъалареб бакIалде Эрадилил гIагарлъиги ккезабуна. БитIараб бицани нижер абизе рагIицин хутIун гьечIо. Гьанже гьеб ритIухълъи чIезабизе ккани ниж БагIараб майданалдеги рахъун ракъунчIчIейги лъазабунищ рукIине кколел, яги гьев полициялъуласдаса къисас босизейищ ине кколел? Гьеб гьабизе тIамулел руго ниж нилъер улкаялъул къуватазул идараялъул системаялъ. Гьесул херай эбелги йиго чара хун, гьелъ абулеб буго гьанже жиндица гьеб иш Аллагьасде тIамун танилан, гурони гьелъул жо кколареблъи бичIчIулеб бугилан. БотIролъ жоги речIчIун чи чIван вуго, гьеб иш такъсир кколарила, гьев полициялъулас живго цIунулев вукIаниланги абун къан буго такъсиргьабиялъул иш. Гьеб бакIалда тIокIабги щиб абилеб?».

Щай гьеб иш къараб, щай гьев Жамалудинов тамихIалде цIачIевилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Егор Балашовасулгун бухьен гьабуна. Дагьаб хадуб кьелин жиндица баяниланги абун тIокIаб бухьеналде вачIинчIо гьев чи.

Дагъистаналда такъсиргьабурал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазе тамихI къотIи гьеб гIемер къанагIатаб иш букIиналъ, гьединал хIужаби тарихияллъун рикIкIине бегьулин абулеб буго адвокат МухIамадов Мурадица. Жив хIалтIулев вугев 7 соналда жаниб, жиндица низам цIунулез такъсир гьабиялъул хIасилалда зарал ккарал 20 гIан чиясул ихтиярал цIунулел рукIанила, амма гьеб такъсир гьабурал цониги низам цIунулев тамихIалде цIачIин бицана адвокатас. Республикялда кинабго диваналъулги къуваталъул идарабазулги система цадахъ рекъон хIалтIулила гьединлъидал гьез жидерго хIалтIухъабазде данде рахъараб жо гьабуларилан баян абуна гьес.

Мурадил пикруялда разияй йиго адвокат МухIамадова Сапиятги. Гьей жийгоги низам цIунулездасан къварилъи ккарай гIадан йиго, чанго соналъ цее жиндирго хъулухъалъ туснахъалде ине йикIарай гьей полициялъулаз юхун йикIана. Гьеб такъсир гьабурал чагIи жеги тамихIалде цIцIанги гьечIо.

МухIамадова Сапият: «Полициялъулаз гьабураб такъсиралъе гIоло къварилъи ккарал гIадамазул дица бачунеб бугеб 3-4 иш 4-5 соналъ халат бахъинабулеб буго къуваталъул идарабазги, диваналъги. Щибго кьучIгьечIел багьанабиги ратун нахъчIвала гьез дица хъварал гIарзал, гIадамал инжит гьарулел руго гьеб системаялъ. Дун адвокатлъун хIалтIилей йигелдаса цохIо Шамил мухъалда цо дрель бикъарав вас вухарал полициялъулазе тамихI къотIи гурони дида цониги низам цIунулел тамихIалде цIараб хIужа лъаларо. ЦIакъ гIемер такъсирал гьарула гьел низам цIунулез, туснахъалда тIамуразе гьез кьолеб гIазаб.

ЦIакъ гIемер такъсирал гьарула гьел низам цIунулез, туснахъалда тIамуразе гьез кьолеб гIазаб, щибниги такъсирго гьабичIел гIадамал кквезеги ккун гьезде тIаде такъсирал росизе тIамулел рукIиналъул, жидерго хъулухъалдаса пайдаги босун гьел гIадамал талавур гьарулел рукIинги гьеб киназдаго лъалеб жо буго, амма гьезул цонигиясе тамихI къотIуларо. Масала, Казбек мухъалъул полициялда цIех-рехалъул бутIаялъул нухмалъулев Темирханов Шамильги гьесдаго цадахъ цо чиги вухун гьесухъа гIарац бахъулел рукIаразул къокъаги ФСБялъ тIадккун рукIана.

Амма гьезул цоясул вац вуго диванчи, цойгидасул вацгIал вуго полициялда кIудияб хъулухъалда, гьединго цIех-рехалъул комитеталдаги руго гьезул гIадамал. Гьел киназулго кумекги щун Темирбековги гьесул къокъаги жаниб тIами щакаб жо буго. Гьединха киналго ишал унел. ЦIех-рехалъул комитеталъги жидераздаго щибго хъвазе толаро, гьелги тIубарал жанаварал руго. ЦIех-рехалъуд идара пачалихъалда жаниб бугеб пачалихъ бугилан абизе бегьула».

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул статистикаялда рекъон ахирисеб кIиго соналда жаниб такъсир гьабурав 34 полициялъулав тамихIалде цIан вуго. Адвокатаз абулеб буго полициялъулазул кьерал дагьлъизаризе кколел рукIиналъ гьадингояб жоялъе гIоло цо-цо чагIи нахъе реххун ругин гьениса, унголъун такъсирал гьарулел рукIаралъурго ругилан.

XS
SM
MD
LG