МагъчIваялъе рес

ПачахIги султIанги


Путин ва Эрдогьан Анкараялда. 2014 соналъул 1 декабрь.
Путин ва Эрдогьан Анкараялда. 2014 соналъул 1 декабрь.

Россиялъул президент Владимир Путин ва Туркиялъул президент Ражап ТIайгип Эрдогьан цоцада релъарал руго авторитарияб миллатчиялъул рахъалъан балагьани. Ва гьеб сабаблъун кIиябго улкаялда гьоркьоб багъарараб дагIба рагIалде бахъинабизе захIматго буго.

«ХIакимлъуде вачIун, гьес рагIи кьуна жиндирго миллаталъе цебесеб кIодолъи ва гIадатиял къиматал нахъе кьезе бугин абун. Ва гьелдалъун гьев ккана жиндирго халкъалъул унго-унгояб гьумерлъун, ишаралъун».

Лъил хIакъалъулъ гьадин бицине бегьулеб? Путинил ялъуни Эрдогьанил? Гьасулги досулги, абуни мекъи ккезе гьечIо, ян абулеб буго нижер радиоялъул мухбирас. Щайин абуни – киIявго цоцаде цIакъ релъарал руго, гIамал-кIодолъиялъул ва хьвада-чIвадиялъул рахъалъан.

Ва гIемерал соназда жаниб хасго гьеб сабаблъун Путинидаги Эрдогьанидаги цоцазул политикияб нухмалъи лъикIалан бичIчIулаан. Цоцазе кутакалда лъикIал къиматал кьолаан. Масала гъоркьисала декабрь моцIалда Россиялъул президентас абуна, Эрдогьан вугин таваккаллъи бугев инсан. Исана сентябрь моцIалда Туркиялъул президентас Москваялде сапар бухьун, цIияб мажгит рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана.

Амма 24 ноябралда ккараб хIужаялдаса нахъе гьеб бичIчIиялъул лъалкIцин хутIичIо. Хасго кIиявго президентасул авторитарияб хасият букIун компромисс батулеб гьечIо. Гьелъул бакIалда гьанже тушманлъиялъул бербалагьи баккана.

2009 соналда Туркиялъул журналист Гьилми Торосица абуна, Путин цIияв гIурус пачахI гIадин вихьулев вугони, Эрдогьан цIияв султIан хIисабалда вахъанин.

Путинил гъира бугин ГIурус империялъул къуват щвезе, Эрдогьаница бала-гъалагьулеб бугин ГIусманияб империялъул гуч, ян абулеб буго Истанбулалда хIалтIулев политолог Гарет Дженкинсица.

Гарет Дженкинс: «КIиясулго буго империялда бараб ностальгия, кIиясего репрессиял рокьула. КIиясго информалатал зарукь росана, ва кIиясго гIамал гьабулеб буго жив кутакав ва таваккалав инсан хIисабалда вихьизавизе».

Гьалеха, 24 ноябралда Туркиялъ Россиялъул рагъулаб боржаро бортизабураб къоялъ, гьев кIиявго цевехъанас бихьизабуна жиндирго гIамал-кIодолъи. Россиялъул рагъулаб боржаро Туркиялъул гьавадул къуватаз бортизаби Путиница рикIкIана Эрдогьаница гьабураб хияналъилъун. Эрдогьаница жиндир иргаялда лъазабуна, турказул аскарияз жидерго гьавадул гIатIилъи цIунизе гIамал гьабунин Россиялъул гьужумал такрар гьабунгутIи мурадалда.

Гьеб гуребги, Анкараялъ хIаракат бахъана Сириялда гIумру гьабулел ва Башар Асадил низамалде данде чIарал туркменал цIунизе. Лъалеб букIахъе, Россиялъ гьениб жиндирго рагъулаб операция байбихьана Исламияб Пачалихъалде данде, аммаила, гIадатиял туркменазул кинабгIаги хурхен гьечIин эстремистазул къукъабазде.

Экспертаз абулеб буго цIорол рагъул заманалдаса хадуб гьеб бугин НАТО-ялда ва Москваялда гьоркьоб багъарараб тIоцебесеб гьадинаб захIматаб инцидент. Амма гьадин бугониги цониги рахъалъе рагъ бокьун гьечIин, абулеб буго экспертаз. Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас якъинго лъазабуна, Туркиялъулгун рагъ Россиялъе бокьун гьечIин.

Путинил ва Эрдогьанил гIамал-хасият гIадахъ босани, рес гьечIо абизе, церего рукIарал гIадал лъикIал бухьенал нахъеги халат бахъине буго, ян абулеб буго Гарет Дженкинсица

Гарет Дженкинс: «Рагъул эскалация букIине гьечIо, ян абизе хьул бугониги, Россиялда ва Туркиялда гьоркьоб цIорораб рагъ букIине бугин дида ккола. Путинил хиял гьечIо тIаса лъугьин гьабизе. Ва Россиялъул гIемерал ресал руго Туркиялъе захIмалъи гьабизе».

Гьадинал ресазда гъорлъ экономикиял гурелги – политикиялги руго. ТIоцебесеб иргаялда экспертаз рехсолеб буго Курдазул ХIалтIул партия. Советияб заманалда Кремлалъ гьелъие гIарцул ва цогидаб квербакъи гьабулаан, гьанжеги гьабизе бегьулин, абулеб буго гьез.

Макъалаялъул автор: Чарльз Рекнагель.

Хурхен бугеб

XS
SM
MD
LG