МагъчIваялъе рес

Интернет-ригьнакIо


Цоцазе гIагарал гурел васазеги ясазеги дандчIвазе кинго рес гьечIин абизе бегьула Афгъанистаналда, амма Facebookалдасан цоцазде хъвадариялъе гьезие киналгIали гIурхъаби гьечIо. Социалиял сайтал машгьурлъиялъе цоги гIиллалъунги кколеб буго гIолизаз бухьен гьенисан гьабулеб букIин. Кин цоцазулгун гьоркьорлъаби гIуцIулел жакъа Дагъистаналдаса гIолилаз? Кинаб бакI кколеб гьезул гьоркьорлъабазулъ социалиял сайтаз?

МухIамад Акбар цIалулев вуго школалда чIахIиязул классалда. ГIумруяда жанив цониги нухалда чияр ясалде кIалъарав вас гуро гьев, амма гьесул йиго Facebookалда гьалмагъ-яс.
Васалги ясалги диниял ва социалиял гIиллабазда бан цоцазда дандчIвазе рес гьечIолъиялъ Афгъанистаналда гIолилазда гьоркьоб цIакъ тIибитIун буго
Facebook виртуалияб куцалда гьел дандчIвалеб бакIал хIисабалда.

Акбарица щибаб сордойиялъ цо сагIат гIанасеб заман бала Кабулалда жиндирго рукъалда аскIоб бугеб интернет-кафеялда «гьалмагъгун» цоцазде хъвадарила. Гьеб гьесие бахунеб буго 100 афгъаналда ай 2$.

МухIамад Акбар: «Афгъанистаналда гьечIо диско-клубал ясалгун дандчIвазе. Ясгун дандчIвазе ва гьейгун хабар бицине кинабгIаги рес гьечIо гьаниб. ЧIужугIадангун кинаб букIаниги хабар-кIал гьабизе кканицин лъади ячине кколей йиго, амма гIемерав чиясе бигьаяб гьечIо лъади ячине. Facebookалъ гIемеразе гьеб проблема рагIалде бахъинабун буго».

Акбарица абулеб буго рагъуца свакараб ва биххизабураб жидер улкаялда социалиял сайтаздаса цоцазде кIалъаялъ гIумру дагьабго берцинабун бугин.

Афгъанистаналъул коммуникациялъул ва информациялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, улкаялда Facebookалда регистрация гьабун буго 470 000 чияс 2008 соналда вукIарав 6000 чиясде дандеккун.

Гьебго министрелъиялъ лъазабухъе, 30 миллион афгъанасул 2 миллион гIанасев чияс пайда босулеб буго интеренталдаса.
Интернет-кафеял рагьиги лъикIаб бизнеслъун лъугьун буго улкаялда.

Facebookалда лъай-хъвай гьабун хадуб хъизамал гIуцIарал Дагъистаналдаги ратулел руго. Жинда лъалел гьединал хIужабазул бицана Гъизилюрт шагьаралда тукада йичарулей Калисатица.

Калисат: «Дида лъала интернеталдасан лъай-хъвайги ккун рукъалде арай яс. Долъие доб мехалда букIана 32 сон. Гьей йикIана кутакалда диналда тIад чIарай яс. Интернеталда диналъул суалазда тIасан гьелъул калам ккун буго пуланав васгун. Гьесие букIана 26 сон. Гьедин хъвадариялъ гьел рачана ригьнаде. Гьанже гьезул вуго кIиго вас.

Гьединго Одноклассники сайталда дир лъай-хъвай ккана Майкопалда гIумру гьабулей лъарагIайгун. Гьейги йиго хIижабги къарай цIакъ диналда тIад чIарай яс. Гьелъул бухьенги ясалгун гурони букIинчIо гьениб. Гьединго диналъул суалазда тIасан гьелъухъе хъвазе байбихьун буго Ставрополалда гIумру гьабулев магIарулас. Гьанже цоцае абун руго. Гьелде тIадеги, гьел жеги цоцазда рихьунгицин рагIуларо.
Васасул эбел-эмен ун гьарун йиго гьей. Васасе сурат бихьараб гIун буго.
Дир вацалги рукIуна сайтаздасан ясалгун хабар-кIалалда. Телефоназдасанги букIуна гьезул бухьен. Ясал рихьизеги унин кколаха...»

МахIачхъалаялдаса бизнесчи МухIамадгIумаров МухIамадидаги лъади ятун йиго социалияб сайталда.

МухIамадгIумаров МухIамад: «Интернеталда гьудулзабазул гьудулзабазда гьоркьор дандчIванин абизе бегьула нижер аккаунтал. Цо хъван кIиго хъван хъвадариялде сверанин абизе бегьула нижер гьоркьорлъаби. Ниж гIемер хъвадарана дандчIвалелде цере. Хадуб, цоцазда рихьун хадуб, бегьун ратилаха ниж цоцае. Гьанже ункъго сон гIолеб буго нижеца хъизан гIуцIаралдаса».

Эркенлъи Радио: «Интернет буго бокьарав чияс бокьараб жо хъвалеб бакI. Гьенир лъай-хъвай ккарал чагIаз гIемерал рекIкIал гьариялъул мисалалги рукIана информалатазда».

МухIамадгIумаров МухIамад: «Гьединабго хIинкъи букIуна дуда вихьулев чиясдасанги. Гьес гьабулеб цо, ракIалда цогияб, бицунеб цоги батIаяб букIинеги рес бугелъул. Жакъа интернет бугин абизе бугьала гIадамазул гIумруялъул батIа тIолареб бутIайин. Дир бизнесго гIуцIун буго интернеталдаса. Дида гIумруялъ рихьичIел батIиял регионаздаса гIадамазцин гIезегIан гIарцул къотIи-къаял гьарула нижгун интернеталдасан. Нижер кинабго бухьен буго виртуалияб».

Жиндир бизнес реклама гьабиялда сверун гIуцIарав МухIамадил рагIабазда рекъон, жакъа Дагъистаналда бокьараб хьвада-чIвадиялъе бакIги ресги буго. Руго диналъ ва эбел-инсуца малъухъе рукIунел гIолилалги, руго жидеего бокьухъе ва жидедаго бичIчIухъе гIумру гIуцIулелги.

МухIамадгIумаров МухIамад: «КигIан нечаниги, дун гIемерго динияв чи гуро. Дида лъала диналда рекъон, цоцазе гIагарал гурел бихьичиги чIужугIаданги аскIор цоги чагIи гьечIого цо рокъорцин рукIине бегьулареблъи. Амма руго цоги масалалги. Васги ясги цоцалъ рекъон унел руго дибирасухъе, лъолеб буго магьари ва гьелдаса хадуб эбел-инсуда лъазабулеб буго жал рос-лъади ругилан. Гьединаб мисал дида лъала».

Афгъанистаналда гIадин васазеги ясазеги цоцазда рихьизеги кIалъазеги рес Дагъистаналда гьечIин абизе рес гьечIо. ГIолилал эркенго цоцалъ кIалъала шагьаразда. МагIарухъги бахча-хьван бугониги кIалъазе бокьаразда гьединаб рес батулелги руго. Дагьал гьечIо чIахIияз малъараб гьабун жидеда жеги рихьичIел гIолилаз хъизан гIуцIиялъул ва талихIал рукIиналъул мисалалги.

ГIурусазул аби буго-талихI къосараб хъизамалъул талихI къосиналъе гIилла щибалъул батIияб букIунин, талихIал хъизамал цоцазда релъун талихIал рукIунин. Гьеб рахъалъ босани киназулго анищ букIуна хъизанал цоцазда релъарал рукIин.
XS
SM
MD
LG