МагъчIваялъе рес

Провокациязде данде сабруялъул къуват


И. Бердиев, Шималияб Кавказалъул бусурбабазул координациялъул централъул бетΙер
И. Бердиев, Шималияб Кавказалъул бусурбабазул координациялъул централъул бетΙер

Цолъарал штатазда профессионалиялгурел киноматографаз МахΙамад-аварагасул хΙакъалъулъ бахъараб «Бусурбабазул гΙайиб гьечΙолъи» фильмалъ дунялалда багъаризабуна цΙакъ кΙудияб резонанс. Бусурбабазул улкабазда тΙоритΙана гΙемер гΙадамал гΙахьаллъарал протесталъул акцияби. Чанги улкабазда ккана полициялъулгун тунка-гΙусиял. Гьелъул хΙассилалда гΙаммаб къагΙидаялда хун вуго 50-гΙанав чи.

Шималияб Кавказалъул бусурбабазул координациялъул централъул бетΙер ИсмагΙил-хΙажи Бердиевасда ракΙалда буго Шималияб Кавказалда гьеб фильм балагьизе ресал къотΙизари тΙалаб гьабизе. Дагъистаналъул ва чачаназул чанго интернет-провайдералъ гьеб гьабуна гьанжеялдего, диваналъул яги цогидал идарабазул хΙукмабазде балагьун чΙечΙого. Москваялъул прокуратураялъул гΙарзаялда рекъон, Твералъул мухъалъул диваналда Ι октябралда тΙоритΙизе руго кколищ гьеб фильм экстремистияб магΙнаялъул абураб суал лъурал гΙенеккиял. Бердиевас абулеб буго гьеб фильмалдасан заралгурони, пайда букΙине рес гьечΙин.

Бердиев ИсмагΙил-хΙажи: «Гьанже нижеца хал гьабулеб буго гьеб суалалъул. Нижеца гΙамал гьабизе буго гьеб сайт къазабизе. Нижеца щибниги абизе букΙинчΙо, яги киналгΙаги галаби гьаризе рукΙинчΙо, гьелда цодагьабгΙаги гΙадамазе пайдаяб жо букΙарабани. Гьеб ккола баянго провокациялъулаб фильм. Гьеб ургъунго гΙадамазда гъорлъ ахΙи-хΙур багъаризабиялъе бахъараб фильм ккола. Гьелул авторал мурадалдеги щванин, абизе бегьула. Гьединлъидал нижеца гΙамал гьабизе буго гьеб гΙадамазда бихьичΙого хутΙизабизе."

ЭР. - Дуцаго абулеб буго гьеб провокация бугин. Гьелъул авторал мурадалде щвечΙого хутΙизе ккани, провокация кΙвар кьечΙого тезе кколин, малъулеб буго психологаз. ЛъикΙ букΙинчΙищ нилъер регионалдаги гьеб гьедин тей?

Бердиев ИсмагΙил-хΙажи: «Байбихьудасаго кΙвар кьечΙого тун букΙарабани, лъикΙ букΙинаанха. Гьанжеян абуни, доб яги гьаб къагΙидаялда гьеб цΙакъ машгьурлъизабун буго, киназего бокьун буго гьелъухъ балагьизе. Берцинго жиндирго пикруялда чΙечΙел гΙадамал гьелъухъ балагьараб мехалда, гьезие гьелдасан квешабгурони, лъикΙаб асар щоларо. ГьечΙо гьелда щибниги пайдаяб жо.

Диналъул чи хΙисабалда дида лъала щиб хъван бугеб къургΙаналда. ТΙадегΙанас абулеб буго, дица нужее къургΙан тΙаса биччанин, дица цΙунизе бугин гьеб. Дир ракΙ чΙараб буго, цогΙаги чиясда, бокьараб къагΙидаялда нилъер дин хисизабизе яги хвезабизе бажаралареблъиялда. Гьеб цΙунун буго тΙадегΙанас. Щивав чиясда жиндирго къагΙидаялда бичΙунеб буго гьеб. Гьедин, гΙадамал къватΙире рахъунел руго дин цΙуниязеянги абун. Гьелъул кинал хΙассилал ругелали нилъеда бихьулеб буго.

Гьеб киналъулго жавабчилъи буго гьеб гьабураб улкаялъул, гьеб фильм къватΙибе биччазе ресал кьураб улкаялъул. Гьелъул букΙине ккола гьеб киналъулго жавабчилъи."

Бердиевас абулеб буго жиндир ракΙ чΙараб бугин, нилъер регионалда гьединал хΙужжабазде гΙодоб биччараб реакция букΙинелда.

Рехсараб фильмалда хадуб франциялъул журналалъ бахъана аварагасул карикатура, гьелда хадуб гьебго галиялде ана испаниялъул газетаги. Бердиевасул пикруялда, исламалде данде гьединал къагΙидаби хадурги хΙалтΙизаризе бегьула. Гьес Шималияб Кавказалъул бусурбаби ахΙулел руго сабруялде.

Бердиев ИсмагΙил-хΙажи: "Дица киналго ахΙулел руго сабруялде. Сабру аллагьасдасан бугеб жо ккола. ГΙедегΙи гьеб шайтаналдасан бугеб жо кола. Сабру - тΙадегΙанасдаса. Нуж хΙинкъуге нилъер диналда хурхун. ЦогΙаги чиясда, цогΙаги рухΙчагΙолъиялда бажаруларо нилъер диналъе щибниги гьабизе, тΙадегΙанас гьеб цΙунун букΙиналда бан. Нилъеда тΙадаб жо ккола нилъерго ислам билъанхъизаби тΙадегΙанас нилъехъе гьеб кьураб къагΙидаялда. Нилъеца киназдаго бихьизабизе ккола исламалъул берцинлъи. Гьеб буго ракълилаб дин. Гьединлъидал дица нуж киналго ахΙулел руго сабруялде."
XS
SM
MD
LG