МагъчIваялъе рес

Хун хадубги балагьулеб ритIухълъи


Гьал къоязда диваналъ цIидасан халгьаби байбихьана, сурав босулаго полициялъул бутIаялдда хварав, Мух1арамкенталдаса Насир Жавадовасул ишалъул. Рокъоб изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда хурхун рагьун букIана гьесда тIад иш. Къуваталъул идарабаз жидеца кинабго къануналда рекъон гьабунилан лъазабуниги, хварасул гIагарлъиялъ абулеб буго низам цIунулез жидецаго рехханин гьеб ярагъ гьесул рокъобейин ва Жавадов хун вукIаниги, гьесда гIайиб букIинчIолъи чIезабизе къваригIун бугин жидеейилан.

МухIарамкент мухъалъул диваналъ, гьал къоязда, цIидасан халгьабизе байбихьана гьебго мухъалдаса Жавадов Насирил рокъоб изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда хурхун рагьараб иш.

Жавадов полициялъ 2013 соналъул сентябралъ ккун вукIана, низам цIунулезул щаклъи букIана гьес МухIарамкент мухъалъул администрациялъул бетIер Абрек ХIажиев чIвазе хIадурлъи гьабун букIиналда. ХIажиевас Жавадовасул, къануналда дандекколаредухъ гьабулеб, бизнесалъе квалквалал гьарулел рукIанин, гьелъ чIванин бизнесчияс гьев мухъалъул бетIерилан лъазабулеб букIана цIех-рехалъул идарабаз. Гьеб ишалда хурхун хасал тадбиралги тIоритIулел Жавадовасда сверун.

Гьедин къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз ккун полициялъул бутIаялде вачараб къоялъ, гьениб сурав босулаго хвана гьев Жавадов. Низам цIунулез лъазабуна гьев рекIел унти бачIун хванилан. Амма гьесул гIагарлъиялъул ракIчIун буго гьев полициялъулаз вухун хвезавун вукIиналда. Рагъулав тотурлъун хIалтIулев вугев, хварасул вац, Нияз Жавадовасул баяналда рекъон, Насир вухун хвезавун вукIин бихьизабулел гIемерал далилал руго. Гьес абулеб буго жаназаялъул каранзул кIудияб бакI хъахIиллъун букIанила, къаркъала хъарсхъарсун букIанила, гьединго гьесул хьабалухъгIучIалги горбогьодалги гъургъурун рукIанилан. Амма гьесул жаназаялъул хал гьабурав полициялъул экспертас гьел баяназул хIисаб гьабун гьечIин ва хъвай-хъвагIаязде росун ратичIилан. Гьединго гьес лъазабулеб буго экспертас вац хвараб цо заман бихьизабун бугила, Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул сайталда тIубан батIияб заман бихьизабун бугила. Гьединго гьесда ретIун букIараб ретIелги жидехъе кьолеб гьечIила, гьелда бидул лъалкIал хутIун ратилила, гьелъ бахчулеб батилила гьеб полициялъилан абулеб буго хварасул гIага-божараз. Гьезул ракIчIун буго Насир Жавадов полициялда вухун, гIазабкьун хвезавун вукIиналда. Гьезго рикIкIунеб буго Насир Жавадов кквеялъе гIилла бугила цо-цо чагIазе гьесухъа бизнес бахъизе къваригIун букIин.

Гьедин кIиго сон буго гьев Жавадов полициялъул бутIаялда хвеялда бан къуваталъул идарабаз такъсиргьабиялъул иш рагьуларого. Гьеб рагьиялъе кьучIаб гIилла гьечIинги абун анкьцIул инкар гьабун буго гьез гьеб иш рагьизе. Амма гьанжеги жидеца гьеб иш реххун тезе гьечIин, ритIухълъи чIезабизе бугин лъазабулеб буго гьез.

Гьединго Жавадовазул тухум-кьибилалъе къваригIун буго хварав Насир такъсирчи гуреблъи чIезабизеги. Низам цIунулез гьесул рокъоб изну гьечIого цIунун ярагъ батанин, гьес МухIарамкет мухъалъул бетIер чIваялъе хIадурлъи гьабун букIанин абурал баянал гьересиял рукIин чIезабизе ракIалда буго гьезда. Гьединлъидал Жавадов хвеялда бан гьесул рокъоб изну гьечIого цIунараб ярагъ батиялда хурхун гьесда тIад рагьун букIараб такъсирияб иш лъугIизе тун букIана диваналъ.

Жавадосул адвокат Елена Денисенкоца «Эркенлъи» радиоялъе бицухъе хварасул гIагарлъиялъ гьеб ишалъул цIидасан байбихьи тIобитIейилан тIалаб гьабун буго, гьезие Насирида гIайиб гьечIолъи чIезабизе къваригIун буго. Адвокаталъ бицухъе Насир Жавадов ккун полициялде вачиналде чанго къоялъ цебе гьесул рокъор хасал тадбирал тIоритIулел ругинги абун низам цIунулел рукIун хал-шал гьабулел. Гьел тадбирал тIоритIизе рес кьолеб документги бихьизабун гьечIо гьез, рукъалъул бетIергьабаздаги щибго жо абичIого жалго рачIун лъугьун руго гьенир раккаризе.

Елена Денисенко: «Радакь анклъогоялда, лъиданиги щибго жоги абичIого гьезул рукъ сверун ккураб къададасанги кIанцIун жанире лъугьун руго гьел низам цIунулел. Жал гьадинаб ишалъ рачIарал чагIи ругин абун лъиениги баянги кьун гьечIо гьез. Рукъалъул чагIи кьижун ругебгIан меххалъ гьезул азбаралъуса – гIебеде бокьараб гьабулел рукIун руго гьел, хасго гьезул я гаражалъул, яги цойги азбаралъу бугеб рукъалъе хIажатаб къайи цIунулеб бакIги рахан букIун гьечIо киданиги. Гьеб заманалда жаниб бокьараб жо бахчизе рес букIана гьез гьениб. ЙорчIарай Жавадовасул ясалда рихьун руго гьел азбаралъур женжелел, гьелъ эбел-эменги рорчIизарун руго. РукIине тейила гьенир хьвадилел тIоцебесеб нухалдайищила гьел рачIине ругел, щибниги бегьулареб жо гьечIин гьенибиланги абун гIинтIамичIого тун руго гьел Насирица. Дагьаб заманалдасан бетIергьаби къватIире раккараб мехалда низам цIунулез лъазабун буго жидеца гьаниб чIухь базе бугила, нугIзал ахIейилан. Гьедин гаражалъуб хал-шал гьабулаго гьениб батун буго лъабго автоматги, цо туманкIги. Гьединго Насирица жиндицаго гьезухъе кьун буго гьев бетIергьанав, хIажатал документалги ругеб «Сайга» туманкIги, гьезила абуни хъван буго гьеб жидеда чIухь балаго батанин абун».

Гьединго адвокаталъ бицана цIидасан байбихьараб диваналъулаб халгьабиялда гьеб Жавадовасул рокъоб батараб ярагъалъул халгьабулев вукIаравин абулев экспертасулгун гара-чIвари тIобитIанилан. Гьелъул хIасилалда баянлъанила гьеб къоялъ гьев Жавадовасул рокъовцин вукIинчIолъи, гьеб халгьабиги гьес тIобитIичIолъи, амма гьеб тIобитIанин абурал документазда гъоркь гьесул гъулбас батун буго. Гьединал дандеккунгIутIаби гIемер ругила гьеб ишалъулъ, Жавадовасул добе ярагъ полициялъулаз рехханин абун чIезабизе бугин жидецайилан лъазабуна адвокат Елена Денисенкоца.

XS
SM
MD
LG