МагъчIваялъе рес

ТакъсирчагIи туснахъазда гьечIо, цIех-рехчагIи хъулухъазда руго


2000 соналдаса байбихьун Дагъистаналда чIванин 15 журналист ва гьел хIужабазда хурхун цIех-рехалъ кинабгIаги хIасил кьечIин абун хитIаб гьабуна Россиялъул президент Владимир Путиниде 14 октябралда Кремлалда тIобитIараб Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул мажлисалъул данделъиялда гьеб идараялъул гIахьалчи ва «Кавказская политика» абураб информагентлъиялъул бетIер Максим Шевченкоца.

АхIвал-хIалалъул хIалуцин бихьизабулаго, гьес ракIалде щвезабуна чIваразул чанго цIар.

Максим Шевченко: «Аслияб къагIидаялда гьел киналго рукIана дир гьалмагъзаби. Гьале гьел: информациялъул министрлъун вукIарав Закир Арухов, "Дагъистан» телерадиокомпаниялъул бетIерлъун вукIарав ГIабашилов ХIажи.

Максим Шевченко, журналист ва жамгIияв хIаракатчи
Максим Шевченко, журналист ва жамгIияв хIаракатчи

РукIана оппозициял журналисталги, довго ХIажимурад Камалов, АхIмаднаби АхIмаднабиев. ХIажимурад Камалов чIвана МахIачхъалаялъул бакьухъ жиндирго редакциялъул кIалтIа. ГIолохъанав журналист, ункъго мацI лъалев, Германиялдаги Англиялдаги цIаларав Малик АхIмедиловасда чохьолъ речIана. Цо-цо баяназда рекъон, гьел хIужабазда хурхун руго гIадамазул нугIлъиял. Амма цIех-рехалъул тадбирал тохлъизарулел руго».

«Жинда кколеб буго, тIадегIанаб нухмалъи, мун Владимир Владимирович гIахьаллъичIого, мун гъорлъе лъугьинчIого гьениб иш цебехун инарин», - ян жубана Шевченкоца.

Ахирисесул хитIабалде гIенеккун, Путиница рагIи кьуна цIех-рехалъул идараялъул нухмалъиялъе хасаб буюри кьезе.

Владимир Путин: «Дир пикруялда, бокьарав чиясда хурхун гьабураб такъсиралъул, чIваялъулни хасго, цIех-рех гьабизе ккола гьезул профессиялде балагьичIого. У, кьеркьеялъул ишалда журналистал аслияб къагIидаялда цересел кьеразда рукIунин абураб дур пикру дица къабул гьабула. РагIи кьола, цIех-рехалъул идарабазул нухмалъулезул жакъаго гьелде кIвар буссинабизе.»

ГьанжелъезегIан кинабгIаги хIасил кьечIеб цIех-рехалъул ишалда, президентас тIалаб гьабунин абун, хIасилал раккизе рукIиналда кIудияб щаклъи загьир гьабуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго, журналист ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдулхIамидов Аликица.

Алик ГIабдулхIамидов: ГIагалигун абила, гьел такъсирал гьарун ана гIемер заман. Жакъа захIматго букIуна абизе, гьел рагьизе ругин. Такъсирал гьаруралго гьез щвалде щун кIвар кьун букIине кколеб къагIидаялда цIех-рех гьабун букIарабани, хIасил дагьалъ батIияб букIунаан.

Алик ГIабдулхIамидов, журналист ва жамгIияв хIаракатчи
Алик ГIабдулхIамидов, журналист ва жамгIияв хIаракатчи

Гьеб ишалда гьанже дагьалъ гIаги ракI бохизабулеб жо ккола президентасул рахъалдаса реакция букIин, гьес цIех-рехалъул идарабазе буюри гьабулеб букIин. Амма гьелдаса хIасил букIиналъе хьул гьабиялъул гурони, нилъее хутIулеб жо щибниги гьечIо. ЦIех-рехчагIаз гьеб ишалда унгоги кIудияб кIвар кьуни, щиб лъалеб гьел такъсиразул цоял гIаги рагьизе бегьула. Гьеб жибго нухмалъиялъеги кIудияб плюс букIинаан."

Мун божулищ, президентас жиндирго кIвар буссинабунин абун Шималияб Кавказалда чIварал журналистазда хурхун цIех-рехалъул эффект букIинин абуралда? Гьединаб суал нижер программаялъ кьуна гьединго Гъабарадагун Балкариялдаса политолог ва жамгIияв хIаракатчи Ибрагьим Ягановасе.

Ибрагьим Яганов, политолог, жамгIияв хIаракатчи
Ибрагьим Яганов, политолог, жамгIияв хIаракатчи

Ибрагьим Яганов: «Божуларо, гьеб ахIвал-хIалалда хурхун тIадеги хIалуцин букIине буго Россиялда экономикиябги политикиябги ахIвал-хIал хIалуциналда цадахъго. Живго лъугьун президентасда кIоларо гьеб проблема рагIалде бахъинабизе.

Президентас кIвар буссинабизе ккола жибго пачалихъияб гIуцIиялъул системаялде. Пачалихъалда къануналъул тIадегIанлъи гьечIони, такъсирчагIи тамихIалдаса рорчIунгутIиялъул хIакъикъат гьечIони, гьел процессал тIадеги хIалуцине руго.

Гьанже хасаб кIвар буссинабизе бугин абун президентас рагIи кьеялъул кинабгIаги кIвар гьечIо. Президентасда тIадаб жо ккола киналго къанунал киназго тIуразари тIалаб гьаби.

Пачалихъ букIине ккола халкъияб. Пачалихъалда журнулистазул гIумруялъул бицинчIоницин, бокьарав чиясул гIумру букIине ккола хазиналъун. Амма Россиялда чиясул гIумруялдаса учузаб жого гьечIин ккола. Чиясул гIумру хазиналъул рикIкIунеб гьечIони, ахIвал-хIал хисиялъе кинабгIаги хьулцин хутIуларо. Гьединлъидал гьеб хIужжаялда хурхун кинаб букIаниги хиса-баси кьей дидани бихьулеб гьечIо».

Гьаб тема дагьалъ гIатIидго халат бахъинабизе буго хадусел къоязда.

XS
SM
MD
LG