МагъчIваялъе рес

ХъахIабросулъа МахIмуд - мун тIохда тIамур хъвалев...


ХъахIабросулъа МахIмуд
ХъахIабросулъа МахIмуд

ЧIанкIа чIаго магIарухъ вукIаго гIадамазда гьоркьов машгьурлъун вукIана ХъахIабросулъа МахIмуд. Гьезул лъай-хъвайги букIана цIакъ цоцазул адабги гьабулеб букIун буго.

БакьагьечIиса ЧIанкIа хвана. Хвана ХIежалде арав сапаралда, нухда унтун. Гьесда цадахъ кIудияб сапаралда вукIарав магIарулас бачIун буго гьев хвеялъул рисалат ва хIужа гIадин ЧIанкIал сагIатги, халгIатги. Щай гьалъул бицунеб бугеб гьаниб? Гьал алатаз ва ЧIанкIал хвелалъ тIубанго магIарулазда гьоркьой машгьурлъана цеехун тIалъиялда гурони лъаларей йикIарай шагIир чIужугIадан БакьагьечIиса Хажа. Лъалеб букIахъе бихьиназеги пишалъун рикIкIунареб, гIемер ссиялда букIинчIеб шагIирлъи Хажаца гьабиги къабул гьабилищха доб согIаб заманалда? Амма Хажа лъалаан бекьечIдерида ва тIалъиялда кIал бегIерай, мацI пасихIай, рагIи реххизе лъалей, чи хвараб бакIалда лъикIай магIихъан хIисабалда. Вацасул сагIатгун халгIат хун вугин бачIиндалги гьаруна Хажаца гIасру свераниги нилъее нахъе хутIарал пасихIал рагIаби - магIу:

БачIун буго халгIат хваял яцахъе

Херай эбелалъе мусрудуй баян

Буссун буго сагIат сапаралдаса

Сабру хварав вацас каранда баян.

Хажал жеги магIаби, махсародул кучIдул ва биценал руго. Гьеб батIияб тема буго. ЧIанкIа чIаго магIарухъ вукIаго гIадамазда гьоркьов машгьурлъун вукIана ХъахIабросулъа МахIмуд. Гьезул лъай-хъвайги букIана цIакъ цоцазул адабги гьабулеб букIун буго. ГIумархIажи Шахтамановас жиндирго машгьураб "МугIалимги мутагIилги" абураб тIехьалда хъвалеб буго ЧIанкIада МахIмуд цо дандеруссиналда жиндир кечI ахIулев ватанин. Гьел лъил рагIаби абун гьикъидал ЧIанкIал ругин жаваб кьола ва гьеб лахIзаталда бичIчIула МахIмудида суал кьолев чи ЧIанкIа вукIин. Цоцазул квералги росун цIакъ адабалда кIалъа-ралъала. Лъалеб букIахъе Шахтамановасул тIехь буго художествияб асар. Гьеб хIужаялда хъвараб батизеги рес буго, авторасул фантазие букIинеги рес буго.

МахIмудида кIудияб асар гьабуна ЧIанкIаца. ЦIадаса ХIамзатица абухъе гьесул вачIинги ЧIанкIал нухдаса ккана. Амма жаниб хIебтIун бажарулареб гьалдолеб рокьуцаги, рагьун гьелъул бицине ва кочIолъ ахIизе нахъе къангутIиялъги, ЧIанкIадаса дагьаб батIияб, лълъар борхулеб, "тIохазда тIамур хъвалеб" гIамалалъги МахIмудие рес щвана гьунар квелъ бахъун биччан тезе. Халкъалъухъе жиндир рокьул жугьаби цIалунги ахIунги щвезеги гьаризе. МахIмудица кечI хъвай пишалъун гьабичIо. Амма кечIги рокьиги лъугьана гьесул гIумруялъун ва гьелъул магIналъун.

МугIалимас лъураб нухдаса вачIаниги МахIмуд гьеб нухда ана хадув чи гIунтIулареб борхалъиялде. Щивха кколев МахIмуд? ЦохIо ЧIанкIал мазгьабалъул гьунар тIокIав шагIирищ, ялъуни жиндир нухги хатIги бугев шагIирищ? Щивав чиясул букIине рес буго гьелда хурхун жиндирго пикру. Амма дидаго МахIмуд вихьула ЧIанкIал нухда вачIаниги хадуб жинцаго хIикматаб, цогидазда релълъинчIеб шигIрабазул дунял рагьарав шагIир. Гьесул мацIги, пикруги, фантазияги щвезе нахъе бакI хутIичIо. Гьесул заманалъул шагIирзабазда дунял жидер азбар-къоноялдаса ва росабаздаса къватIибе бихьулеб букIун батичIони МахIмудил пикраби унел рукIана цIакъго рикIкIаде, жибго дунял бижиялъул аслуялде гIунтIун:

Адам вахъун хадуб халкъалда лъараб,
Хиял цIи гьабуна, цIадавги къулун.
НухIил гаминибе гважулги гьвелги,
ГьабичIого хиял хутIичIо нахъе
...

Жибго кечI хъвалеб къагIидаялъулъги батана МахIмудида жиндирго нух. ЧIанкIаца сипатал цIикIкун гьарулел рукIун ратани шигIруялъулъ МахIмудилъ рекIел хIал загьир гьаби цIикIкIана. Бакъ-моцI, сордо-къо, тIабигIат, гъветI-рохь, хIутI-хъумуралде бикьизе байбихьана рекIел хIал.

ХъахIабросу
ХъахIабросу

Рокьи басандулеб росуги танин,

Саламилан абе бецIал сардазда.

Балагьи тIегьалел мугIрулгун тIунин

ТIерхьугеян абе багIарбакъалда

ТIокIаб берцингоги камилгоги, хIайрангоги абулеб, ахIулеб, гIаламалъул ракIазда квалулеб гьаракь нилъер мугIрузда цебехун букIинчIо, хадубги гьечIин абуни тIири мекъи букIинаро. Авар адабияталда бищунго тIадегIанал тIогьал - ХIамзат ва гьесул вас Расул мукIура рукIана МахIмудиде бахараб гьунар гьечIин абураб пикруялда. ТIоцевесес абуна гьев вугин кигIан кIудияб къимат кьуниги гьелъие мустахIикъав махщалилавин. КIиабилев мукIурлъана "ХъахIабросулъа МахIмуд, мун тIохда тIамур хъвалев, дун ахада чIун вуго чIчIваби рекъоларого" - ян. ШагIирал рекерулел чуял гуро цереги хадурги бакIал кьезе, гьел къо заман бакI, рекIел хIал бихьун къабул гьарула нилъеца. Амма МахIмуд аваразул шигIру-кечIалъул тарихалда бищунго гвангъараб цIва букIин лъиениги балъголъи батиларо. Гьале нилъер лъабабилев классик авар адабияталда.

=======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG