МагъчIваялъе рес

Къанун хвезабун хIалтIулел ганчIил карьералги, хIурулъ тIерхьунеб халкъги


Дагъистаналъул прокуратураялъ лъазабулеб буго Табасаран мухъалда бугеб гамачI бахъулеб карьер къанунги хвезабун хIалтIилеб бугила, гьеб хIалтIизабиялъе хIатажал документал гьечIила гьеб карьералъул бетIергьанасухъ, гьединлъидал заманалъ къазе бугила гьебилан.

Прокуратураялъул лъазабиялда рекъон гьеб карьералъул бетIергьанас росдал магIишаталъе хIалтIизабизе бегьулеб ракьалда рагьун буго гьеб , гьеб ракь гамачI бахъиялъе хIалтIизабизе ва гьеб бахъулаго хIалтIулеб техникаялъул кIкIуйги, гьениб букIунеб хIурги гьаваялде биччазе рес кьолел документалги рукIун гьечIо гьев чиясул.

Гьединлъидал прокуратураялъ гьесда тIад анлъго административияб ишги гьабун букIун буго, гьезул щибалъул халги гьабун гIакIаги къотIун буго гьезда, кигIан гIакIа къотIарабали мухIкан гьабулеб гьечIо прокуратураялъ.

Табасаран мухъалъул коррупциялде дандечIараб жамгIияб гIуцIиялъ чанго сон бана гьел карьерал къануналда данде кколаредухъ хIалтIулел ругин, гьез рукIине кколел магъалаби кьолел гьечIин, гьез сверухълъигун-тIабигIатги хвезабулеб бугин абун ахIи балелдаса.

Гьез батIи-батIиял митингазда цере рахъунги, пресс-конференцияздаги бицана гьеб проблемаялъул. АнлъгогIан соналъ респубилкаялъул жанисел ишазул идарабазде хъвадаранила жал гьел карьерал къайилан яги букIине кколедухъ хIалтIизе тIамейин гьелилан абун бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб цебехун бицен гьабураб Табасараналъул коррупциялде данде къеркьолеб гIуцIиялъул гIахьалчи Виктор Надировас.

Гьаб нухалда гьеб прокуратураялъ карьер заманалъ къайилан тIалаб гьаби гурони, цебеккун цониги нухалда жидер гIарзазда рекъон такъсирияб иш рагьичIила гьел къуваталъул идарабаз гьел карьеразул бетIергьабазда ва гьел къайилан тIалаб гьабичIила, щибаб нухалда батIи-батIиял багьанабиги ратун гьеб иш цебе бачунароанила гьезилан баян гьабуна Надыровас.

Гьаб нухалдаги жидер гIарзаялда рекъон прокуратураялъ хал-шал байбихьиялъ ва диваналъ гьениб цо карьер заманалъ чIезабизе хIукму къотIиялъ гьеб проблема тIубаларилан абулеб буго Надыровас. Цо гьеб цебехун рехсараб карьералда цадахъ гьенир жеги чанги гьединалго бакIал хIалтIулелги ругила, лъиданиги гьел къазеги ракIалда гьечIилан.

Виктор Надиров:«Гьениб цо карьер буго букIине кколедухъ хъвай-хъвагIайги гьабун хIалтIулеб хутIарал руго щибго жавабчилъиги гьечIого, кинал рукIаниги магъалабиги кьечIого хIалтIилел.

Гьесул гурони цохIонигиязул гьечIо гьединал хIалтIаби гьаризе рес кьолеб лицензияги. КигIан гьезие гьенисан хайир щолебали мухIканго абизе кIоларо, амма миллионалълъан гьеб букIин хIакъаб жо буго. Гьел карьераз нижер мухъ хьихьизе бегьулилан абизе кIола дида, гьез букIине кколедухъ магъалабиги, гьез гамачI бахъулеб бугеб ракьалъухъ ижараги кьолеб букIарабани гьелъ нижер мухъалъулаб бюджеталда саламатабго бакI кколаан.

Гьел гамачI бахъулел бакIал гьарурал ракьал руго рохьазул фондалъул, росдал магIишаталъул, гочун бачIараб боцIи хьихьиялъе хIалтIизарулел рукIарал ракьал, гьездаса промышленнияб къагIидаялъ пайда босизе бегьулин абун разилъи кьун гьечIо гьезул лъиениги.

Амма гьеб кинабго нижер мухъалъул бетIерлъиялда бихьулеб гьечIо. ЦохIо гьел карьерал гурелъул гьеб хIалалъ гьенир хIалтIулел ругел, гьездаго цадахъ чанго киприч гьабулел заводалги руго гьебго къагIидялъ хIалтIилел нижер мухъалда».

Гьединго чанго соналъ Гъизилюрт мухъалда ругел карьералгун къеркьелеб бугин «Борец за справедливость» абураб жамгIияб гIуцIийилан абизе бегьула.

Гьез 2008 соналдаса нахъе гьеб мухъалъул Комсомольское ва Султанягъиюрт росабазе кIудияб зарал гьабулеб бугин гьел карьераз, гьел карьераздасан чабаххги баччулелъул автомобилаз бахъинабураб хIуруца гIанкъулел ругила гIадамал, туберкулезалъ унтулел ругила гьелилан абун гIемер хъвадарана гьеб жамгIияб гIуцIиялъул вакилзаби республикаялъулги улкаялъулги тIалъиялде, прокуратураялде, экологиялъул министерлъиялде, диваналде гIарзал хъван гьел гIарзазул халгьабиги тIобитIана.

ЖамагIатчагIаз тIалаб гьабулеб букIана гьел карьерал къан бажарулареб батани гьенисан чабахх баччун автомобилал хьвадизе батIияб нух гьабейин, жидер росу бакьулъан бугеб нухдасан хьвадизе тогейин гьелилан. Амма жидер хIаракаталъул гIемер кIудияб хIасил ккечIин абуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьеб «Борец за справедливость» гIуцIиялъул вакил МухIамадов Рустамица.

Рустам МухIамадов: «Нижер гIарзалда рекъон прокурорас цо нухалда тIалаб гьабуна гьел гамачI бахъулел карьерал къайилан абун, чаналиго нухалъ нижеца гIарзал хъван хадубха гьебгицин.

Гьеб иш диваналде щвараб мехалда къазе бегьуларила гьел карьерал, гьенир хIалтIулел гIадамал хIалтIи гьечIого хутIизехъин ругин вахъана гьев прокурорги. Республикаялъул тIабигIатцIуниялъул прокурорасул кумекалдалъун бащадаб лъагIалица нижер росулъан бугеб гьел карьераздаса чабахх ва гамачI баччулел автомобилал хьвадулеб букIараб нух къан букIана.

Росулъ хIурги гIемерго дагьлъун букIана, гьеб бащадаб лъагIалида жаниб гьел автомобилал хьвадизе цIияб нух бахъизе кколаан яги цебе букIараб къачIазе кколаан, гьеб цохIонигиябги гьабичIо, бащадаб лъагIалидасан цIидасан нижер росул хIуртIабосизабизе гьел Камазалги лъугьана.

Нижер лъиениги ургъел гьечIо, ургъел гьечIолъи букIинарищха гьаваялда букIине бегьулелдаса 156 нухалъ цIикIкIун хIур бугин, гьелъ гIадамазда унти ккезабулеб бугин абурал баяналги росун, лабораториялъ кьураб хасаб хIисабги босун Гъизилюрт мухъалъул Роспотребнадзоралъул бетIерас лъабго къоялъ карьерал къайилан абун лъазабуна, миллионал гьениса щолел карьералъул бетIергьабазда тIад цоясда 500 цойгидасда I000 гъурущ гIакIаги къотIана».

XS
SM
MD
LG