МагъчIваялъе рес

Эмен: "Дир вас Сириялде полициялъ течIого ана"


МухIамадов Рашидил эбел-эмен
МухIамадов Рашидил эбел-эмен

Дагъистаналдаса Сириялде рагъизе унезул къокъаялда гъорлъ, цо-цо информалатазул баяназда рекъон, бищунго гIемер руго Дагъстаналъул Гъизилюрт мухъалдасаги гIадамал. Гьезда гьоркьорги Комсомольское росулъа 11 чи ун вугин рехсана гьанжегIагар низам цIунулез. Исана риидал чIван вуго ИГИЛалда вагъулев вукIарав гьеб росулъа МухIамадов Рашид. Гьесул инсуца рикIкIунеб буго жиндир вас Сириялде тIуризарурал чагIи жалго полициялъулал ругилан.

Египеталде цIализейин арав Гъизилюрт мухъалъул Комсомольское росулъа Рашид МухIамадов Сириялда вагъулаго чIванин хабар бачIана исана риидал. Дагъистаналдаса къватIиве гьев унелъул, лъабабилеб лъимер гьабизе йикIун йиго гьесул хъизан. Операцияги гьабун азарханаялда захIматго вукIун вуго эмен Зайнудинги.

БакIалъул полициялъулгун дандеккунгутIаби рукIаниги, Сириялде щвезегIан гьев инин ракIалде кколароанин жидедаян бицана ЭР-ялъе Рашид МухIамадовасул гIагарлъиялъ.

Сириялде рагъизе дагъистаниял иналъе цо ккураб гIилла гьечIо, гIадамаз бицунелъухъ гIенеккун. Масала, цо-цоял унел руго ИГИЛалъулаз интернеталдасан гьарулел вагIзаби берцин рихьун. Цогидал – гIарцухъ рагъизе бокьун. Лъабабилел, масала, ясал – ИГИЛалда рагъулел гIолохъабазухъ рокьи ккун (интернеталдасан лъай-хъвайги ккун).

Унголъунги ИГИЛалде рагъизе гIадамал щай Дагъистаналдаса унелан гьикъидал, ЭР-ялъе гьадин жаваб кьуна дов цевехун рехсарав Сириялда чIварав Рашид МухIамадовасул эмен Зайнудин МухIамадовас.

Зайнудин МухIамадов: «Дир вас щай аравали бицинищ дица дуда? Полициялъ течIого ана. БичIчIанищ? Гьез течIого! Радал хъахIлъи байдал гьанир рачIунаан гьел… Балеб минаги тун, рехун тун лъабабго лъимергун кинав чи унев дове? Вачун довегун (полициялде) токалда лъун, цогидаб гьабун кидалъагIан хIехьезе бугеб?».

ЭР: «Хас гьабун гьев щай полициялъ тIаса вищарав гIакъуба кьезе?»

Зайнудин МухIамадов: «Вагьабияв вугила, гьав вугила, дов вугила. ГIайибияв ватани, вачинеги вачун жанив лъеха, къватIив щай гьединав чи тезе кколев?».

Гьедин зама-заманалдасан рачIун лъабцIулго хIалбихьанин къанун цIунулез жиндир васасде гIайиб гIунтIизабизеян бицана ЭР-ялъе гьесул инсуца. Лъабабго нухалда рагьун букIанила гьесда сверухъ такъсиралъул цIех-рех гьабиялъул ишги. Цо нухалда инсуца тIаде босун буго гьеб гIайиб.

Зайнудин МухIамадов: «ТIоцере рачIиндал (полициялъулал), дун дова богорокъов вукIана. КъватиIре киналгоги рахъинарун, чIухь бана гъоз. Дица тIаса бахъараб костюмалъул чвантиниб букIана 2300 гъурущ. Гьеб жо ун батана гьез. Щиб жоха кколеб жакъа къоялда гьеб гIарац, бикъизе ккани? Дица полициялъул нухмалъулесдаги абуна гьедигIан нич бахъунищин нуж рукIине кколел абун. ТIубанго нух толеб букIинчIо гьез нижер васасе гьаниб Гьелъ аравги вуго дов дове, дагьалъниги эркенлъи щвелилан. Амма Сириялде кин гьев ккаравали бичIчIулеб гьечIо».

Къанун цIунулез Рашид МухIмадовасде гIайиб гIунтIизабулеб букIун буго гьесухъ изну гьечIого хIалтIизабулеб ярагъ батанилан. Цо нухалда полициялъулаз зулму гьабун гьесул хъатиниб къазабулеб батанин гранатаян бицана ЭР-ялъе Рашидил вац ГIабдула МухIамадовас. Гьеб мехалда жинца гьардон-цIалун экспертизаги гьабизабун, тIаса рехизабунин гьеб гIайибилан абуна ГIабдулаца.

Рашид МухIамадовасул лъадуца бицана зама-заманалдасан рачIун полициялъ гьанже жидее толеб гьечIин рахIат. Полициялде рачун щибаб нухалда гьикъулила цого жо – кида дов дове арав, щай арав?...

Комсомольскоеялдаса Сириялде арал гIадамазда гьоркьор рехсолел руго чанго соналъ цеве геьб рсдал администрациялъул бетIер хисулевлъун вукIарав чиги, цо гIолохъанчIужуги, лъималгун цадахъ арал эбел-эменги.

Гьединалго мисалал рехсана ЭР-ялъе Гъарабудагъкент мухъалъул Губден росдал гIадамазги. Масала, гьезул КIудияб мажгиталъул дибирасдаса хадусев чиясул васги рагIула дова. Гьеб лъайдал, жидеца гьев мажгиталда гьабулеб хIалтIудаса нахъе витIанин абуна гIадамаз. Гьединго 20 къоялъ цеве чIван вуго Сириялда Губденалда цо гIолохъанчиги. Гьев росулъ вукъанилангицин бицана гIадамаз. Амма Сириялдаса бахъараб Дагъистаналде щвезегIан гьесул жаназа кин босулебали бичIчIулеб гьечIо.

ТIу-тIу хъу-хъурал нухалги ругеб, гIадамазе хIалтIизе бакIалги гьечIеб, язихъаб Комсомольское росдада дандеккун, Губден буго чIухIарал минабиги ругеб, советияб заманалдагицин жидерго гIадатаздаса инкарги гьабичIеб кьучIаб росу. Гьединлъидал гьединаб росулъа чагIиги киндай Сириялде кколелали гIажаиблъи гьабулеб буго гIемерисез.

Гьанибго рехселин Унсоколо мухъалъул Генуб росуги. ТIокIалъ чIечIого къанун цIунулез хасал операциял тIоритIулеб жидер росулъа ИГИЛалда гъорлъе цониги генусев инчIин бицана гьез ЭР-ялъе.

XS
SM
MD
LG