МагъчIваялъе рес

Лъил цаби рукарун ругел?


Къадиров Рамзан Тарзан абулеб къаву-гьвейгун
Къадиров Рамзан Тарзан абулеб къаву-гьвейгун

Ахирал къоязда интернеталда цIикIкIун руго Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзанида ва Россиялъул оппозициялда гьоркьоб багъарараб питнаялда сверун гьарулел лъазабиял. Гьел гьарулел руго жалго гьеб питнаялъул гIахьалчагIазги гьезда хадуб хал ккуразги. Щай хас гьабун гьанже гьеб питна багъарараб ва щиб букIараб гьелъие гIилла?

Араб анкьалдаса нахъе Россиялъул интернет-гIатIилъи теркIезабулеб бугин абизе бегьула Чачанлъиялъул бетIер Къадирова Рамзаница ва гьесул рахъ кколез цо рахъалдасан ва Россиялъул оппозициялъ цоги рахъалдасан цоцазде яги цоцазул рахъалдасан хъвалел кагътаз. Кинабго байбихьана Къадировас «системалъул гуреб оппозиция» халкъалъул тушманал ругин ва гьелгун къеркьезе кколин лъазабун хадуб. Гьесие жаваб гьабун Красноярскалъул парламенталъул депутат Константин Сенченкоца лъазабуна «Къадиров-Россиялъул сури» вугин. Амма хадусеб къоялда Инстаграммалда бугеб Къадировасул гьумералда баккана гьев депутатас тIасалъугьин гьаранин абураб баян.

Гьелдаса хадуб Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулез, культураялъул цо-цо хIалтIухъабаз ва цо-цо хъвадарухъабаз лъазабуна Россиялъул интеллигенциялъул Конгрессалъул сайталда Къадиров Рамзан хехгьабун хъулухъалдаса рехи тIалаб гьабун гъулбасал ракIарулел рукIиналъул.

Гьелъие жаваб гьабуна Чачанлъиялъул парламенталъул нухмалъулев Даудов МухIамадица. Гьелда абулеб букIана «Эхо Москвы» ва «Дождь» гIадинал щуабилеб коллонаялъул штаб-квартираяз улкаялде рокьукълъи бекьиялъул мурадалда гIадамазда тIад экспериментал кидаллъизегIан лъезе ругелин ва абулеб букIана жинцаги жиндирго лидер Къадиров Рамзаницаго гIадин рикIкIунеб бугин гьел чагIи «оппозиция» гурин гьел ругин хиянатчагIийилан.

Гьелде тIадеги Даудовас жиндирго "Инстаграмалда" кьолеб буго Тарзан абулеб жиндирго къавудал-гьвегун цадахъ Къадировас бахъараб сурат. Гьениб хъвалебги буго гьелъул цаби рукарун ругин ва Россиялда машгьурал оппозиционеразул цIарал халлъиледухъ гьел къабихI гьарураб магIнаялда цоги гьабзазул тайпабазе кьун руго гьезул цIараздасан гьарурал тIокIцIарал.

«Гьел къватIущазда ккун бугин жидеда нахъа «гъалбацIал ругин»,-хъвалеб буго Даудовас.

Москваялъул журналистазул цоялъиялъул бетIер Павел Гусевас рикIкIунеб буго улкаялъул тIалъиялъ гьеб киналъего къимат кьезе ва чачаназул политиказул рахъалдасан оппозициониял журналистазде гьабулеб тIадецуй лъугIизабизе кколин.

«Нилъер информаалатаздехун гьабулеб гьединаб каламалъе ахир лъезабизе ккола живго улкаялъул президентас яги гьесул пресс-хъулухъалъ. Гьеб киналъего кколеб къиматги кьезе ккола Генпрокуратурагун ЦIех-рехалъул комитеталъ»-ян абуна Павел Гусевас "Интерфаксалъе".

«Къадировасе тушман оппозиция гуреб бугеб, гьесул тушман гьев какулелги гурел ругел, гьесул тушман вуго гьесукьа хIинкъулерев чи. Гьанже гьев вуго щиб гьабилебали лъаларого, щайгурелъул Россиялъул интернет гьесукьа хIинкъулеблъун гьесда батичIого». Гьедин абуна «Новая газетаялъул» журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулей Елена Милашиналъ Эркенлъи радиоялъул гIурус хъулухъалъе.

Гьелъго абуна Чачанлъиялъул тIалъиялъ цин чIечIого гьеб регион Россиялда бищунго парахатаб, бищунго ракълилаб ва бищунго стабилияб бугин абулеб букIаниги ахирисеб чанго моцIалда жаниб ай араб соналъул сентябралдаса нахъе гьенив нус-нус чи викъун вугин. ГIолохъаби рикъулел ругин къватIахъ, базаразда. Гьезул цIикIкIунисеб бутIа нахъе биччалеб бугин, амма цо-цоял араб бакI лъачIого тIагIунел ругин лъазабулеб буго Милашиналъ.

Щай хас гьабун гьаб заманаялда Къадировасда сверун гьединаб ахIи-хIур багъарарабин абураб суалалъе жаваб социалиял сайтазда хъвадарулел цо-цоязда бихьулеб буго Россиялъул президент Владимир Путинилги Къадировасулги хIаялъулъ. Къадировас хIинкъизарулел ругин ва Путин, гьесде дандеккун гIемерго лъикI вихьулев вугин абун. Руго улкаялда кризисалъул заманалда Чачанлъиялъе федералияб централъ бичIчIалеб гIарац къотIизабиларедухъ гьеб Чачанлъиялъ ургъунго гьабулеб ахIи-хIур бугин рикIкIунелги.

Россиялъул политикаялда Къадирова Рамзанил букIинисеб кинаб нужеда бихьулеб абураб магIнаялъул суалалгун Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъ цIех-рех гьабуна Москваялъул къватIахъ. Гьелъ бихьизабуна гьесдехун гIадамазул цIакъго лъикIалдаса цIакъго квешалде щун батIи-батIиял пикраби ругеблъи. Улкаялда бугеб тIалъиялъул система цIунун хутIани гьев Россиялъул президентлъунцин вахъине рес бугин абулел пикрабаздаса байбихьун, гьев вахIщилъиялъул рахъалъ Сталинида данде кколел яги лъай щвечIев чи вугин абулезде гIунтIун жавабал кьолел рукIана гьикъа-бакъиялда гIахьаллъараз.

XS
SM
MD
LG