МагъчIваялъе рес

Чачан республика: инсанасул ихтиярал цIунулезде данде гьецІокъгун...


«ГIакъуба кьеялде дандечIараб комитеталъул» Грозныялда бугеб офисалде тIаде кIанцIи гьабуна шагьаралда тIобитIараб митингалда гIахьаллъараз.

«ГIакъуба кьеялде дандечIараб комитеталъул» мобилияб офис буго Грозныялда. Чечнялъул къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз рикъарал ва гIакъуба кьурал чагIазул гIарзабазда тIаса цIех-рехал гьарулаан Комитеталъ. АрбагI къоялда Чечняялда бугеб цIех-рехалъул идараялда гIагарда митинг тIобитIана, гьеб митингалде гIахьаллъарал хадур Комитеталъул офис бугеб гIемертIалаяб минаялъул азбаралде къокъана.

«ТакъсирчагIи жавабалде цIазе ккола», «Щай Каляпинал руцIухIун чIун ругел?», «Низам гьечIолъиялъул къурбанлъун ккола Дадаев» - гьел плакатал ккун рукIана кодор азбаралде рачIараз. Къурбанлъун гьез рикIкIунев Жамбулат Дадаев чIвана Грозныялда 19-леб апрелалда Ставрополь икълималдаса полициялъулаз. Гьез гьев федералияб цIех-рехалда лъун вукIана ва Грозныялда гьев кквезе рачIана. Ккараб тунка-гIусиялда гьев чIвана. Чечняялъул нухмалъулев Рамзан Къадиров цидаххана гьеб лъугьа-бахъиналдаса. Чечняялъул низам цIунулездаги лъазабичIого цогидал регионаздаса къуваталъулазул ихтияр гьечIин республикаялда операциял гьаризеян абуна Къадировас. Инсанасул ихтиярал цIунулел какулаго гьес чанги нухалда абуна хадуб «ГIакъубаялде дандечIараб комитеталъ» ва Каляпиница щайила цIунулел гьечIел Дадаевасул гIагарлъи ялъул ихтияралин. Игорь Каляпин кколаан Комитеталъул нухмалъулевлъун.

Ставрополалдаса полициялъулаз Дадаев чIваравлъи лъан букIаго щаялиго Комитеталъул офис бугеб бакIалде рачIана Дадаевасул гIагарлъиялдаса чагIиги митингалда гIахьаллъаралги. Медикиял маскабиги ххун чамалиго чи офис бугеб минаялъул подъездалде кIанцана маххул тIилалгун. Офисалъул нуцIби рекана гьез кувалдаяз. Офисалда жаниб батарабщинаб жо гъурун чункун бан бугин гьезилан лъазабуна хадуб Комитеталъул вакилаз. КIиабилеб тIалаялда бугеб офисалдаса гордабаздасан тIурана гьел.

Комитеталъул хIалтIухъан Сергей Бабинецица журналистазе бицухъе, Чечняялъул жанисел ишазул министерлъиялдеги, Грозныялда бугеб МВДялъул идараялдеги чанги нухалда ахIана гьез, амма телефон лъицаниги борхичIо.

Офисалда доб мехалда вукIарав Комитеталъул вакил Альберт Кузнецовас бицухъе, митингалде рачIараз абулеб букIана Комитеталъул хIалтIухъабаз Дадаев чIваялда тIаса цIех-рех гьабулеб гьечIин. Кузнецовас гIарзаялъул бланк принтералда кьабуна ва пикеталде рахъаралгун дандчIвазе къасдгун къватIиве гьев льугьунев мехалда, офисалъул нуцIа кувалдаялъ бухана пикеталда гIахьаллъараз. «Дадаевасул чIваялда тIаса цIех-рех гьабизе рес букIуна, гьесул гIагарлъиялдаса чагIаз Комитеталде гIарза хъвани. Гьединаб гIарзагун щивниги вачIинчIо гIуцIиялде», - ян бичIчIизабуна хадуб Каляпиница.

Грозныялдаса телеканалаз хадуб лъазабуна митингалде рахъаразул аслияб мурадлъун букIанин инсанасул ихтиярал цIуни политикияб ишалде сверизе жидее бокьун гьечIин бихьизаби. Комитеталъул офисалда ккарабщиналда тIаса пикру загьир гьабуна Къадировасги. Жиндирго инстаграмалда гьес хъвана Комитеталъул хIалтIухъабигун дандчIвазе бокьун букIанин гIадамазе амма гьелгун дандчIвазе щивго къватIив вахъичIин. Гьединго гьес хъвана офисалде кIанцIаразе къануналда рекъон тамихI гьабилин ва гьел чагIи полициялъ ккунилан.

Офисалдаса гордухъан тIурарал Комитеталъул хIалтIухъабазни бицана, къотIнор жал полициялъул хIалтIухъабигун дандчIванин ва гьезда кинабго бицанин, амма гьез гIарзаялде гIинтIамичIин. Къадировасулни информация батIияб буго - гьес абухъе Комитеталъул хIалтIухъабаз провокация гьабуна ургъунго. «Митинагалда рукIараз бицухъе, Дадаевасул ихтиярал щай цIунуларел илан абун буго пикетчиказ Комитеталъул хIалтIухъабазда. Гьез жаваб кьун рагIула чIвадарухъабазул ихтиярал жидеца цIунуларин», - хъвалеб буго Къадировас инстаграмалда. Гьес рикIкIухъе, Комитеталъ провокация гьабуна магърибалдаса грантал щвеялъе гIоло.

«ГIакъуба кьеялде дандечIараб комитет» Чечняялъул нухмалъиялъе бокьуларо. Республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул, полициялъул тIаса ккарал ишазул бицунаан Комитеталъ.

ГIуцIиялъул нухмалъулев Игорь Каляпиница абухъе Чечняялъул хIукуматалъ инсанасул ихтиярал цIунулезда тIад гIадамал гьусизарулел руго.

Игорь Каляпин: «КIудияб хъулухъалда вугев чилъун вукIаго, полициялъул генераллъун вукIаго Рамзан Къадировас чанги нухалда абуна къануналда дандекколарел рагIаби. Абулелги руго. Гьел рагIабазе къимат кьолел чагIи гьесие рокьулищха. «Рамзаница абуна» - гьединаб къанун буго жакъа къоялда Чечняялда. Гьелдалъун партиялъул официалияб линиялъул торгIо кколарел инсанасул ихтиярал цIунулел республикаялда рукIине гьесие бокьун гьечIо.

Инсанасул ихтиярал цIунулезда тIад гIадамал гьусизарулел руго. Республикаялъул низам цIунулел идарабазул нухмалъулезухъ дир телефоналъул номер буго. Гьелгун къотIи-къайги букIана цониги суал дихъе яги Комитеталъул хIалтIухъабазухъ баккани, дун республикаялде вачIинин хех гьабун».

«ГIакъуба кьеялде дандечIараб комитеталда» гьединал гьужумал цереги рихьана. «Kalyapin go home», «Рамзан, долларал сабаблъун инсанасул ихтиярал цIунулездаса цIуне ниж», «Владимир Путин! “Каляпинцал” жидерго хважаинзабазухъе ритIе!» - гьединал плакаталги ккун рачIана Грозныялда декабралда тIобитIараб митингалде бюджеталъулал хIалтIухъаби. Митинг тIобитIараб къоялда Комитеталъул офисалде щалалиго рачIун руго пистолеталгун. Журналистазе интервью кьезе гостиницаялде арал Комитеталъул хIалтIахъабазда гьенив ватарав Чечняялъул МВДялъул нухмалъулев хисулев Апти Алаудиновас абун буго гьезие хIинкъи гьечIолъи чIезабизе жинда кIоларин.

Алаудинов гостиницаялдаса нахъе ун хадуб цо сагIаталдаса Комитеталъул офисалда цIа ккезабуна. МЧСалъул хIалтIухъабаз цIа свинабуна. Амма цIадуца рухIун руго Комитеталъ рачунел ишазул папкаби.

XS
SM
MD
LG