МагъчIваялъе рес

Метер магIарул мацI хвезе батани...


Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къоялда бан, Хасавюрталдаги тIобитIана магIарул мацI цIуниялъул ва гьелъул бугеб хIалалъул бицун кIудияб данделъи. Гьеб гIуцIарал ккола магIарулазул миллиябгун маданияталъулаб автономия. Гьединалго тадбирал Хасавюрталда тIоритIана тумаз, лъарагIаз ва даргиязги.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна мацIалъул гIалимзабаз, исламиял церехъабаз, мугIалимзабаз, батIи-батIиял мухъалъул бутIруз, журналистаз, маданияталъул хIаракатчагIаз ва рахьдал мацIалъул ургъел бугел гIадатиял гIадамаз. Тадбир нухда бачана миллиябгун культурияб автономиялъул гIахьалчи ХирамухIамад МухIамадовас. Бихьинал батIаго, руччаби батIаго гIодорчIезарураб гьеб тадбиралда гIуцIун букIана лъикIаб тепсиги.

Гьелда гIахьаллъи гьабурав аваразул шагIир ПатахIил МухIамадица бицухъе, данделъи нухда бачун рагIула байрам хIисабалда.

ПатахIил МухIамад: «Кин бугониги, гьединал данделъаби гьаричIого гIоларо. Щайгурелъул, гьенире данделъун рукIана гIемерал магIарулал, магIарулазул вакилзаби. Гьенир кIалъазе рахъана хъвадарухъаби, журналистал, гIелмуялъул ва маданияталъул хIаракатчагIи. Ва гьез киназго бицана церечIарал масъалабазул, магIарул мацI, гIадат-гIамал, маданият цIуниялъе щиб нилъеца гьабизе кколебали».

Хасавюрталда тIобитIараб рахьдал мацIалъул къо кIодо гьабиялъул тадбиралда цо-цо хIаракатчагIазе кьуна гIарцулал сайгъаталги. Масала, магIарул мацI цIуниялъулъ ва маданият цебетIезабиялъулъ лъолеб бугеб кIудияб бутIаялъухъ гьединаб сайгъат щвана ПатахIил МухIамадиеги. Гьединабго сайгъат щвана мацIалъул гIалимчIужу ва журналист Сулейманова Кавсаратиеги. МацI цIуниялъе чара гьечIого хIажат бугин хасаб къанунилан рикIкIуна гьелъ. Амма гьединаб къанун къабул гьабунгутIиялъе гIиллалъун жинда бихьулила Дагъистаналда гIемерал миллатал рукIин.

Сулейманова Кавсарат: «ГьабсагIаталда хIукуматалъ 14 мацI пачалихъияблъун чIезабун буго. Гьебго заманалда гIемерисел бакIазда руго жиде-жидерго мацIалъул хаслъаби ругел бакIал. Гьединаз абулеб буго щайила жидеца мактабазда малъизе кколеб рахьдал мацIлъун кколареб магIарул мацI. Гьединал хIужаби рукIиналъ квербакъулеб буго мацIалъул хIакъалъулъ къанун къабул гьабичIого теялъеги».

Сулейманова Кавсаратица бицухъе, пачалихъалъулго даражаялда кIвар кьезе ккараб суал рагIула рахьдал мацIал цIуниялъул масъала. Гьеб масъала тIубазабизе хIукумат гIедегIулеб гьечIебгIан заманалда, гIисинал миллатазул мацIал лъугIун иналда хIинкъиги бугила.

XS
SM
MD
LG