МагъчIваялъе рес

«Салафиязда хадур чIеялъ пачалихъалдехун рокьукълъи бижизабулеб буго»


Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб къокъаялъ хIадурана Сириялде рагъизе унел Шималияб Кавказалдаса гIадамазда хурхараб доклад.

Интернет-мухъ

Гьелда жаниб бугеб аслияб пикру ккола Россиялъул низам цIунулез салафияздехун гьабулеб тIадецуй дагьлъизабизе кколин, гьединго диниялги жамгIиялги хIаракатчагIиги данде гьарун кIалъа-басаял гьаризе кколин абураб пикру.

Гьеб докладалда рази вуго Дагъистаналдаса эксперт, республикаялъул бетIерасул гIакълучи Денга Халидов. Гьебго заманалда гьес кIвар буссинабуна гьадинаб хIужаялдеги. Жакъа къоялда тIарикъатчагIаздаса батIияб рикьиялда гъорлъ ругел чагIазда салафиялин аби мекъаб буго.

Денга Халидов: «Салафиял руго МухIамад аварагасдаса (с. гI. в) мисал босулел чагIи, гьесда цадахъ рукIарал асхIабзаби. Гьаниве (Дагъистаналде – ЭР) вачIун вукIарав гIалимчи Къарадагъиги (дунялалда машгьурав гIалимчи – ЭР) уна гьезда гьоркьове. Суфияздагун салафиязда гьоркьоб кIалъа-басаял гьарулел рукIана гьез гьанир».

Денга Халидовас ракIалде щвезабуна бицен гьабулеб ахIвал-хIалалда бан республикаялъул бетIерас абурал рагIаби – кодоб ярагъги ккун пачалихъалда данде рагъ гьабизе кколин, Сириялде жигьадалъ рахъине кколин лъазабиял гьарулел гьечIони, салафиял рукIаниги, жидерго дин гьабизе тезе кколин гIадамал. Гьедин тани, жамгIияталда жаниб рекъел цIикIкIунин абураб пикру буго Денга Халидовасул.

ЭР: «Хадуб гьабулеб халкквей чIезе тани, инчIого чIолелищ гьел Сириялде?»

Деньга Халидиов, политолог
Деньга Халидиов, политолог

Денга Халидов: «Халкквей чIезабизе бегьула нусго-кIинусго чиясда хадуб. Гурони 10-20 азарго чиясда хадуб гьеб чIезабулеб бугони, дида лъалароха щиб гьебали. 1930 соназда букIараб гIадаб практика кколаха гьеб – гьеб мехалда гIемер чи тIагIинавуна Совет Союзалда, Дагъистаналда, батIи-батIиял багьанабиги ратун. Цинги 15-20 соналдасан тIалъиги хисун, гьел чагIи ритIухъ гьаруна. Гьебго жо букIине буго гьанибги, пачалихъалъул низам хвезабуни. Чи жанив тIамизе ккани, цо кIудияб гIилла букIине ккола».

Республикаялда руго «вагьабиязулин» абулел сияхIал. Гьеб балъго гьабуларо жалго низам цIунулезги. СияхIазда руго республикаялда машгьурал жамгIиялгун диниял хIаракатчагIигицин. Масала, Къуръаналъул тафсиразул таржама гьабурав Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIимица.

Амма цо кIудияб гIилла-мурад гьечIого чи гьеб сияхIалде воси мекъаб бугин рикIкIунеб буго цевехун рехсарав Денга Халидовас.

Денга Халидов: «Масала, машина чIезабун, документазул хал гьабидал, мун сияхIалда вугин абула пуланав чиясда. Кинаб сияхI, лъица гьеб гIуцIараб? Гьабураб цо такъсир гьечIони, щай гьев сияхIалда лъезе кколев? Гьелъ пачалихъалдехун квешаб бербалагьи бижизабулеб буго бусурбабазда гьоркьоб.

Гьенире росарал чагIазул рес гьечIо я карьера гьабизе, яги бизнес гьабизе. Терроризмалда данде къеркьеялъул багьанабиги ратун, цо бакIалде кьеризарун чIезарун руго гьел. ГIадамазул 5-10 процент букIине бегьула лъай гьечIел, магIишаталъул рахъалъги нахъе ккарал чагIазул. БитIараб нухде рахъине кумек гьабизе ккола гьезие.

Амма нилъер кумекги къабул гьабичIого, бицараб хабарги гIадахъ босичIого, къваригIел гьечIел жал гьарулел ратани, гьеб мехалда гьезда данде къеркьезе ккола – тIоцебесеб иргаялда, росдал, бакIалъул жамагIат, хадусеб иргаялда – гIадлу-низам цIунулел идараби».

Халкъазда гьоркьосеб кризисалъул къокъаялъ хIадурараб доб доклалда бицунеб буго Россиялдаса рагъизе арал гIадамал ДАГIШалда (терроралъулабин Россиялда лъазабураб гIуцIи) гуребги, гьединабго тайпаялъул Джабхат-ан-Нусра гIуцIиялдаги.

Гьединго абулеб буго байбихьуда гIадамал Сириялде унел рукIанила хIеж тIубазе гIадин, бусурбабазе кумек гьабулелин абун. Хадубккун гьезул цо къадар гьениса нахъе бачIанила доба бихьаралдаса ракIги буссун.

XS
SM
MD
LG