МагъчIваялъе рес

Жалго жидецаго реццулеб Дагъистаналъул МВД


Дагъистан Республикаялъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадов
Дагъистан Республикаялъул жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадов

2015 соналда жаниб гьабураб хIалтIул хIасилал гьаруна гьал къоязда Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ. ГIаммаб куцалда полициялъул хIалтIухъабаз гьабураб хIалтIуе лъикIаб къимат кьуна гьениб республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги, Жанисел Ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовасги. Амма эскпертазги, гIадатиял гIадамазги рикIкIунеб Дагъистаналъул полициялъухъа тIуран бажаричIел гIемер гIунгутIаби ругин гьезул хIалтIулъилан.

Къоабилеб январалда Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ коллегиялъ тIобитIараб данделъиялда хIасилал гьаруна араб 2015 соналда жаниб гьабураб хIалтIул. Терроризмалдагун экстрмизамалда данде къеркьелъул хIалтIи аслияблъун букIанин жидер хIалтIулъилан абуна гьениб министр ГIабдурашид МухIамадовас.

Жидеда кIванин изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъул хIаракатчилъиялда лъикIаб кьаби щвезабизе. Гьединго министрасул рагIабазда рекъон 2015 соналда жаниб лъикIаланго дагьлъун бакIал ва цIакъго бакIал такъсиразул къадарги, гIемерал гIадамал ракIарараб бакIалда ва шагьаралъул къватIахъ гьарулел такъсиралги дагьлъун руго, гьединго кьвагьулеб ярагъги хIалтIизабун гьарурал такъсиразул къадарги республикаялда дагьлъун буго. ХIасил, такъсиразул къадар жидеда лъикIаланго дагьлъизабизе кIванин абулеб буго ГIабдурашид МухIамадовас.

Дагъистаналъул МВД-ялъул хIалтIудаса живго рази вукIин загьир гьабуна гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабурав республкикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги. Республикаялда паракъатаб ва хIинкъи гьечIеб ахIвал-хIал букIиналъе кIудияб кумек гьабунин Дагъистаналъул полициягун цадахъ рекъон хIалтIарал, Терроралда дандечIараб Миллияб комитеталъул Дагъистаналда бугеб бугеб бутIаялъги, Оперативияб штабалъги.

Амма республикаялда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаби тIагIинари гьеб республикаялъул Жанисел ишазул тIокIлъи кколарин, гьеб бугин Федералияб централъ ритIун рачIарал аскариязул ва ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул бергьенлъабиян рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса ГIалиев Тимурица. Дагъистаналъул полициялда цебечIаразул аслияблъун кколеб ва гьезухъа тIубазе кIвечIеб масъала гьадин бихьулеб буго гьесда.

ГIалиев Тимур: «Терроризмги вагьабизмги рикIкIинчIони бищун кIудияб гIунгутIи нилъер республикаялда ккола экономикиял такъсирал – коррупция, бюджеталдаса гIарац бикъи. Гьеб рахъалъан нилъер МВД-ялда гьабизе щибниги кIвечIо. Цо рукIаралги гIиси-бикъинал гьабулел толел жалги гIицIго статистикаялъе гIоло рукIана. Гьедин гьез кколел такъсирчагIиги рукIана гIиси-бикъинал цIогьал, амма цо чIахIиял такъсирал гьез тIатине гьарун рихьичIо.

Нилъер МВД буго кIудияб структура ва гьез тIоцебесеб иргаялда чIахIиял такъсирал тIатине гьаризе ккола, киса-кирего гьел гIиси бикъинал цIогьалги жуликалги кколел рукIинчIогун. Гьединлъидал гьез араб соналъ гьедин цо тIоцебе бер речIчIулеб, ракIалде бачIунеб жо гьабичIилан абизе бегьула. ЦохIого цо МВД-ялъ жидерго хIалтIухъабазе 169 квартира кьураб жо буго дида ракIалде щолеб. ТIокIаб щибниги гьечIо.

Къокъ гьабун абуни, киса-кибего буго коррупция, коррупция ва цоги нухалъ коррупция. Кивехун валагьаниги. Гьеб унти МВДялда нахъе тIагIине гьабизе кIвелин абураб жоялде кинабниги божиги гьечIо».

ГIемерисезда гьез хIалтIи гьабулеб гьечIилан кканиги, ругин гьезул хIалтIулъ лъикIал рахъалгиян рикIкIунеб буго Дагъистаналда биччалеб «Московский Комсомолец» газеталъул газеталъул бетIерав редактор ХIапизов Юсупица.

ХIапизов Юсуп: «ЛъикIаб рахъ буго тIолабго Россиялда жаниб нилъер гьаниб такъсирчилъиялъул къадар бищунго дагьаб букIин, гьеб кIудияб тIокIлъи буго. ЛъикIаб рахъ буго гьединго Жанисел ишазул министрасул рагIабазда рекъон такъсирчагIазда тIад рагьарал уголовиял ишал рагIалде рахъинги. Терактазул къадар дагьлъиги, чIварал полициялъул хIалтIухъабазул къадар дагьлъиги, кьвагьиял тIагIинги гьеб кинабго лъикIал хIасилазде гъорлъе бачине бегьула, щуго соналъ цебе тIубанго батIияб сурат букIана шагьаразул къватIахъ.

Амма гIунгутIаби камураб бакI букIунарелъул гьеб камун гьечIо Дагъистаналъул Жанисел ишазул идараялъул хIалтIулъги. Коррупция буго гьениб бищун цебесеб кьерда, гьеб тIагIинабизе цIакъ захIмат буго. Узухъда советияб заманалда букIараб гIадаб къадру-къимат жакъа полициялъул хIалтIухъанасул гьечIо ва букIинги щакаб хIалтIи буго. Амма цохIо гIунгIутIаби гурони гьезул хIалтIулъ гьечIилан абиги битIун букIинаро жакъа».

2015 соналда жаниб Дагъистанлда чIван вуго 15 полициялъул хIалтIухъан ва лъукъун вуго 28 чи.

XS
SM
MD
LG