МагъчIваялъе рес

Жакъа дида лъалеб гьечIо Дагъистан кинаб бугебали бицине


ЖамгIияталда кколел хиса-басиязул магърибалдехунищ цIайи цIикIкIунеб бугеб машрикъалдехунищали руччабазул ретIа-къаялдасан бихьулин рикIкIуна цоцояз. Жакъа Дагъистаналъул руччабазул ретIа-къаялде яги хьвада-чIвадиялде кIудияб кIвар кьезе ахIула мажгитазул имамазги. Гьезул асаралдалъун букIаниги, жалго кантIун рукIаниги, кин батаниги ахирал соназда жаниб руспубликаялъул руччабазул ретIа-къай хисун буго. ГIемерлъулел руго хIижабал ретIарал, гьебго заманалда руго дагъистаниязе хасиятаб гуреб куцалда чехр рагьараб ретIел ретIаралги. Гьел кIиялго цоцае дандеги кколел гьечIо.

Жакъа жамгIияталда кколел ругел хиса-басиязул цIайи магърибалдехунищ (запад) цIикIкIунеб бугеб машрикъалдехунищали (восток) руччабазул ретIа-къаялдасан бихьулин рикIкIуна цоцояз. Россиялъул субъект Дагъистаналъул цIайи машрикъалдехун цIикIкIараб бугин абураб хIукму гьабизе бегьулин гьеб теориялда рекъон, щайгурелъул республикаялъул росабалъ лъалаго цIикIкIунел ругин ислам- къагIидаялъ ретIел ретIарал руччаби. Гьезул 70гIан проценталъ исламияб ретIел ретIун бугин бицана жидерго росдал мисалалдалъун Казбек мухъалъул Дилим росулъа лъабго лъимадул эбел Зульфияца.

Зульфия: «Дилималда руччабазул 70% хIижабал къан ругин абизе бегьула. Щайгурелъул гьаниб щибаб абухъе рузман къоялъ мажгитазда гьабулеб вагIза руччабазул ретIа-къаялда тIасан букIунелъул. Гьелъги батила руччабаз хIижабал ретIун ругел».

ЭР: «Руччабаз хIижабал жидеего бокьунищ ретIун ругел яги лъил букIаниги тIадецуялдалъунищ?»

Зульфия: «БитIараб бицани, жидеего бокьун ретIунеб буго. Ясаца абулеб буго улбузда жидеца хIижаб ретIине бугин. Эбелаз абулеб буго нуж жеги гIолохъанго ругин, нуж шагьаразде цIализе ине ругин, цIалулел бакIаздаги гьеб бахъизабизе рес бугин, хадуб гьеб бахъизе батани, гьеб нужеца къагейин абулелги руго. Амма ясаз жалго бергьун ретIунеб буго гьеб. Школаздаги гIемерисел ясаз хIижабал къалел руго».

ЭР: «Буго исламалда рекъон ретIа-къарал ясал васазда берцин рихьулин абураб пикруги. Гьезда гьел сабру цIикIкIараллъун, гIодоре риччараллъун, гIадатал цIунараллъун рихьулел ругин».

Зульфия: «Гьеб рахъги батила. БитIараб бицани, гьединаб пикру бугел ясалги ратула. Васазги абулеб буго жидее рокьулин гьедин рахчарал ясалин. Добги бичIчIун, жидеего росал щвезе хIижаб ретIунел ясалги руго. Руго хIакъикъаталдаги Аллагьасукьа хIинкъун ва жидеего бокьун хIижаб ретIунелги. Гьединал гIемерал руго».

Жакъа дида лъалеб гьечIо Дагъистан кинаб бугебали бицине

Цо-цо ясаз жидеего бокьун ретIунеб бугин Дагъистаналъе хасиятаб гуреб ретIел. Цебе умумузул букIараб чохтIоцин гIолилазда кколеб бугин гIарабазул улкабаздаса бачIарабин бицана Эркенлъи Радиоялъе гIолохъанай хъвадарухъан Гъаниева Алисаца.

Гъаниева Алиса: «Щияй ясалъул гьелъие гIилла жинди-жиндир буго. Цо-цо ясаз хIижаб къалеб буго рекIее бокьун, цогияз мода гьабун ретIунеб буго. Гьеб буго гIарабазул нилъер умумузул гуреб ретIел. ГIемерал гIолилазда кколеб буго гьеб нилъер ретIел бугин. Цо васас дида абунцин букIана чохтIо Ислам дингун цадахъ Дагъистаналде бачIараб бугин».

Алисал пикруялда, цебе Дагъистаналда умумузул гIадаталги ислам- динги гармониялда цоцалъ рекъон рукIун ратани, жакъа умумузулаб кIочене тун гIарабазулаб цикIкIунеб буго. Гьелъ абухъе, Дагъистаналда тарихалда жанибго чIужугIаданалъул асар кидаго цIикIкIараб букIана, гьанже исламалъул асар кIодолъанагIан цебе букIаралде дандеккун, чIужугIаналъул бакI гьитIинлъулеб буго.

Гъаниева Алиса: «Дагъистаналда рокъоб руччабазул кIвар кIудияб букIана. Гьеб букIана гьезул бакIал. Бихьинал рукIунаан яги рагъда яги къотIнор. Гьанжейин абуни руччабазул ихтиярал дагьлъулел руго. Исламалда чIужугIаданалъул асар Дагъистаналда гьелъул букIараб асаралдаса дагьаб букIана».

Гьелъул пикруялда, Дагъистаналда буго магърибалъул асар цIикIкIараб цоги бутIаги. Кинаб рахъалдехун цIайи цIикIкIаниги умумузулаб кIочене толеб бугин. Дагъистан щиб жояли гьезда лъалеб гьечIин рикIкIунеб буго Алисаца.

Гъаниева Алиса: «МацIалги цIунизе, гIадаталги цIунизе рес кибха букIинеб гIолилал гьелде ругьунал гьечIеб мехалда. Жакъа дида лъалеб гьечIо Дагъистан кинаб бугебали бицине».

МахIачхъалаялдаса Надира ретIа-къала исламияб къагIидаялда. Гьеб жиндир тIасабищи бугин бицана гьелъ Эркенлъи Радиоялъе.

Бусурманал руччабазул ратlлил коллекция "Чачанай", Дубай, 27Maр2012
Бусурманал руччабазул ратlлил коллекция "Чачанай", Дубай, 27Maр2012
Надира: «Узухъада, дица ретIулеб ретIел чIегIераб кьералъул гьечIо. Щибай ясалъ жинцаго тIаса бищула щиб ретIинебали. Гьелъулъ щибниги квешаб жо дида бихьулеб гьечIо. ТIоцебе дица гьаб ретIел ретIараб мехалда дида рихьулел рукIана дидехун рокьукъго гIадамал ралагьулел рукIин. Гьанже дие гьелъул кIвар гьечIо, дун гьезда ругьунлъун йиго. Кин бугониги хIижаб ретIарал ясаздехун кIвар буссуна гIадамазул. ХIижаб ретIине дица хIукмуги гIемер тIад ургъун гьабураб буго. Дир эбел-инсуцацин къабул гьабулеб букIинчIо гьеб байбихьуда. Гьел дида божана дие ругьунаб букIараб ретIел дица тIокIаб босичIеб мехалда».

Исламияб цIалул идараялда тарихалъул дарсал кьола Дадаев Мурадулаца.
Халкъалъул ретIа-къай гьеб халкъалъ гIумру гьабулеб бакIалда, гьениб бугеб тIабигIаталда бараб букIунин ва жакъа исалмияб ретIелин абун, дагъистаналъул бихьиназги халатал гурдал ретlин ва ботIрода кIазал рай гьесда битIараблъун бихьулеб гьечIо.

Дадаев Мурадула: «ГIарабазул доба букIунеб ретIел нилъеда лъалаха. Дозул бихьиназ ретIуна хъахIал халатал гурдал. Додинаб ретIа-къай доба букIунеб гьава-бакъалде данде кколеб буго. 40-50 градусалъул хинлъи бугеб бакIалда гьеб ретIа-къай рекъарабги буго. Доз жеги ботIрода рала кIазалгIадал ххамал. Долги руго салул авлахъазда гьури бахъараб мехалда гьороца босун бачIунеб сали-хIуралдаса цIунизелъун гьурмаде рачунел жал. Жакъа Дагъистаналдаги Кавказалдаги гьеб къагIида хIалтIизаби дида битIараблъун бихьуларо. Нилъер букIана нилъерго гIадамаздаги бакIалдаги рекъараб ретIа-къай. Нилъер нилъерго тарихги, культураги бугелъул. Гьеб кIочене тун цогидаб гьаниб билъанхъизабиялъул магIна дида бихьулеб гьечIо».

Хунзахъа Муслиматицаги ретIуна ислам къагIидаялъулаб абулеб ретIел. Амма жинца ретIунелда ва хIижабалда гьоркьоб гьелъ батIалъи гьабулеб буго.
Жиндие цебегоядаса бокьун букIанин гьединаб ретIел ретIине. ГIарабазул къагIидайин абиларин жинца гьелда шаргIалда рекъон, расги, гъеж-бохги бахчараб ретIелин абилин. Гьелдаса лъикIаб жо тIокIаб щибин букIунебин рикIкIунеб буго гьелъ.

Нилъер умумулги шаргIалда рекъон ретIел ретIунарел чагIи рукIанин жинца абиларин. Гьезги чохтIоги чIван бахчулеб букIанин рас. Гьанжейин абуни, гIарабазул къагIидаялдехун цIайи цIикIкIунеб бугин кколин, модаялъул асар батизеги рес бугин гьебин абулеб буго Муслиматица. Гьедин ретIа къалелги ругин, шаргIалде данде кколарел жал гьарулел, цо-цо гьединаз бокьа-бокьараб гьабулеб букIиналъ ракI-ракIалъ шаргIалда рекъон ретIа-къалезулги къимат хвезабулеб бугин рикIкIунеб буго Муслиматица.

Муслиматица гIараб цIали гьабулеб букIана Шамалда. Гьелъ бицана жидее дарсал кьолел рукIарал мугIалимзабаца жидеда малъулаанин нужецаго гIумру гьабулел бакIазда ретIулеб ретIел ретIине кколин тIадруссараб мехалдайин. ЧIегIераб ретIел ретIун, паранжа бан-гьединал жал гьаругеян малъулеб букIанин жидеда гьезин.

Бусурманал руччабазул ратlлил коллекция "Чачанай", Дубай, 27Maр2012
Бусурманал руччабазул ратlлил коллекция "Чачанай", Дубай, 27Maр2012
Муслимат: «Паранжа ретIун, чIегIараб ретIел ретIун нужедехунго кIвар буссинабулел жал гьаругеян абулаан нижеда. Добайин абуни, динияб гуреб-светский абулеб ретIел ретIарал чагIаздехун буссуна кIвар. Дора дозда рекъон, гьанир гьазда рекъон рукIаян малъулаан нижеда. Паранжа базего багейилан абулаан».

100 соналдасан дагъистаналъул чIужугIадан 21 гIасруялъул авалалда кинан ретIа-къалей йикIараб абураб суалалъе кинаб жавабдай кьезе бегьила. Гьедин гьикъана нижеца гIолохъанай модельер Маринада.

Марина: «Гьанже руччабазул ратIлилъ цIунун рукIунин абизе бегьула цересел накъищал. Гьанже меседалдасаги ясазе бокьулеб буго гIарац. ЦебегогIадин ратIлида нагъищал гьарулаго гьеб хIалтIизабизе хIаракат бахъулеб буго цо-цояз. Амма гьанибго абизе ккола гьединал цIакъ дагьал ругин. ХIижаб ретIаралги руго, магърибалъул абулеб къагIидаялда ретIа-къаралги далги цIикIкIун руго. ХIижаб чIегIараб бугони, гьей ячIинахъего вагьабияйлъун рикIкIуна.

Гьелдаго цадахъ, гьанир цо-цо ясал ретIа-къалеб куц бихьун гьезул моралиял принципалго гьечIин ккола. Нилъер халкъ ругьунлъун буго цо рахъалдаса цоги рахъалде кlанцlизе. 21 гIасруялъул авалалда дагъистанияй кин ретIа-къалей йикIарайин абураб суалалъе жаваб кин кьелебали дида лъаларо. Кинабго жуба-гъубан буго. Гьанже ясаз ретIунеб гъоркьан-тIасан баккараб ретIелгун рокъор гьел кин квал-квадулелалицин лъаларо. Нилъер умумузул букIараб санагIатаб ретIел музеязда гурони бихьуларо».

Гилай абулев гIолилас бицана жинца лъади ячунаго яс кин ретIа-къалей йигеяли балагьизе вугин, амма аслияб бакIалда гьеб букIине гьечIин. Гьелъул ботIрода жаниб ва ракIалда бугелъухъ балагьун ячине йигин жинца лъадийин абуна гьес.

Гилай: «Дида берцин бихьула ясазул черх бахчараб ретIа-къай. Гьелдалъун дида бихьула гьезул лъикIаб гIамал-хасият букIин. Масала гъуждул-бохдул рагьарай ясгун цо нухалда кIалъани, тIокIаб хIажалъи букIунаро гьейгун кIалъаялъул. РакIгъоларо гьединазде. Яхчарай ясалъухъ балагьун ккола кинайдай гьей йигоан. Лъадилъун ячине кканиги дун балагьилаан ясалъул ретIа-къаялъухъ. Амма гьанибго абила, гьеб бищунго аслияб букIине гьечIин. Гьелъул ботIролъ ва ракIалда бугебги лъазе ккола дида. Дица абиларо цере нилъер умумул квеш ретIа-къалел рукIанин абун. Гьанжеги дида кколаро киналго диналде гъорлъе лъугьун унго-унгоги ракI-ракIалъ бокьун гьедин ретIа-къалел ругин. Цо-цоял мода хIалел ратизеги рес буго».
XS
SM
MD
LG