МагъчIваялъе рес

Google-рагIибуссалъ Россиялде «Мордорин» абулеб буго


Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасул цIар гьебго Google-рагIибуссалъ буссинабулеб буго –«пашманаб тайи» абун.

Гьанже дунялалъул халкъазда гьоркьор бухьенал цIикIкIарал ва цоцазул культураял лъаялъе интернеталъ нухал рагьараб мехалда кIудияб машгьурлъи щун буго Google Translate абун лъалеб интернет-рагIибуссалъе. Дунялалъул цIикIкIунисел мацIазе гьелъ таржама гьабула. Амма цо-цо мехалда гьеб таржамаялда кколел руго «гIажаибал» политикаялъул асар бугел «гIалатIал».

Google Translate абун лъалеб онлайн-рагIибуссалъ украиназул мацIалдаса гIурус мацIалде «Российская Федерация» (Російська Федерація) буссинабулеб буго «Мордор» абун. Гьеб буго Британиялъул хъвадарухъан Джон Толкиеница «Баргъичазул хважаин» ай «Властелин колец» абулеб романалда ургъун бахъараб цIар. Гьелда бицунелда рекъон, Мордор буго дунялалъул кинабго квешлъи жанибе бакIарараб «чIегIераб улка».

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасул цIар гьебго Google-рагIибуссалъ буссинабулеб буго –«пашманаб тайи» абун. Украиналъул информалатазул лъазабиязда рекъон, гьеб сервисалъ рагIаби гIурус мацIалдаса украин мацIалдеги руссинарулел руго. Масала «росіяни» («россияне») абулеб рагIуе гьабулеб буго «оккупантал» абураб таржама. Амма гьел лъазабиял кидаго ритIарал ратулел гьечIо.

Гьединаб хасияталъул тIоцересел «гъалатIал» гуро гьел. 2015 соналъул риидал украиназул ​ «революція гідності» («революция достоинства») абурал рагIабазе гIурус мацIалде гьабулеб букIана «политический кризис на Украине» ай (Украиналда политикияб кризис) абураб таржама. Украиналъул информалатаз гьелда абулеб букIана «Кремлалъул пропагандаялъул асар щвараб» таржамайин.

Гьелда цебеги 2010 соналда "USA is to blame, Russia is to blame, Obama is to blame, Medvedev is to blame" абун цого куцалда хъварал рагIабазе Google-алъ гьабулеб таржама батIи-батIияб букIана: «Америкаялда гIайиб гьечIо, Россиялда гIайиб буго, Обамада гIайиб гьечIо, Медведевасда гIайиб буго» абун.

Гьелдасаги лъагIелалъ цебе гьеб рагIибуссалъ Януковичил фамилия Ющенкоялде хисизабулеб букIана гIурус мацIалдаса китаязул мацIалде таржама гьабулаго. Доб мехалда компаниялъ гьеб бичIчIизабулеб букIана жинда гъоркь кинабгIаги политикияб кьучI гьечIеб техникияб гIалатIин абун.

XS
SM
MD
LG