МагъчIваялъе рес

Кибеха тIагIараб росдал годекIан


Генуб росдал годекlан, 1970-билел сонал
Генуб росдал годекlан, 1970-билел сонал

ГодекIан лъикIаб жо, хIикматал щвани, хIалихьатал чагIалъ гIодор чIечIони. Гьединаб аби буго магIарулазул. Анкьумумузулъанго бачIараб гIадаталда рекъон, годекIан – гьеб кколаан лъикIабги квешабги бицунеб, росдал масъалаби, гIузраби дандралеб, харабаз тIаде гIолеб гIелалъе тарбияталъул дарсал кьолеб, жакъасеб мацIалда абуни, жамгIияталъул унго-унгояб институт.

Амма жакъа годекIан гьединаблъун гьечIо, хIатта годекIанин абураб рагIицин гIемер хIалтIизабуларо. Бокьараб росулъе щвани, тIаде вачIарав гьоболас тIоцебе цIехолаан годекIан бугеб бакI. Гьесда лъалаан годекIаниса чи камулареблъи ва цо лъица бугониги жив рокъове вачине вугеблъи. Жакъайин абуни жамгIияталъул гьеб институт тIубанго биххун буго, щиб росулъе щваниги, нус-нус соназ умумуз хинлъизарулел рукIарал цIорорал тIалаби гIицIго ратула. Щайха жакъа годекIаналъул къимат хун бугеб? Кире арал, хьагиниса гелгIанги гьениса камулел рукIинчIел нилъер хараби?

ПатахIил МухIамад: «Жакъа нижер росулъги годекIан хутIун гьечIо. ЧIахIиял росабалъ гьел ратизеги бегьула, амма нижер Сивухъ гIадаб гьитIинал росабалъ годекIаби тарихалде анин абизе бегьула. ХутIарал бакIаздаги дол цересел годекIаби гьечIо. Цебе годекIабахъе унаан чахIияз бицунеб харбихъ гIенеккизе, росулъ ккара-тараб, рагIараб-бихьараб гьенисан лъалаан. Гьанжейин абуни годекIаналъул гIакъиллъи лъугIун буго, гьелде регIарав чиги гьечIо. ЧIахIияздаги гIиссиназдаги гьоркьоб кьер билун буго. ГIиссинал чахIалъун руго, чIахIиял гIиссинлъун руго. ГIакълу кьезеги чи тIагIун вуго, кьураб босизеги чи гьечIо. Гьедин букIиналъ лъугIун буго годекIабазул магIнаги».

Гьадин бицана Хунзахъ мухъалъул Сивухъ росулъа шагIир ПатахIил МухIамадица. Гьесулги, гьединго, Гумбет мухъалъул ЧIиркъатIаса мугIалим МухIамадов Ибрагьимицаги бицухъе, инсан бечелъаравгIан, ресалде вахаравгIан гьесул рухIияб рахъ мукъсанлъулеб буго.

МухIамадов Ибрагьим: «Дун гьитIинаб мех букIана чехь цIезегIан кваназе жо щолареб, хинкIги хIанги, хинкIги хинкIал рахъараб карщги кванан гIадамал яшавалда ругеб, колхозалдаги хIалтIун, хIалтIаниги гъоркь ккуниланги абун кодобе жоги щолареб заман букIаниги, годекIан букIана гIадамасул керенги чучулеб, росдал рухIияб рахъги бихьулеб бакI. Нус-нус соназ умумуз гьабулеб букIанщинаб, гьаб ахираб заманалда бицунелъухъ гIенеккидал, кинабго батана мекъи гьабураблъун. РетIелги батана мекъаб, кваналеб квенги батана мекъаб, кьурди-хъатги батана мекъаб. Гьединал хIужабаз годекIабаздаги кьаби щвезабуна ва гьелги чIороголъана. Росабалъ гьабулеб тарбия кьеялъулаб хIалтIиги лъугIун буго».

ЧIиркъатIаса Ибрагьимица бицухъе, годекIаби чIунтиязеги асар гьабун буго диналъ, ай гьенибеги динияб байрахъалъул карачел гьулчиялъ.
Умумузул аби буго годекIаниб лъикIаб жо бугила канахIехь абураб. Амма гьелъул магIна жакъасеб гIелалда лъаларелъул, гьелъие гьадинаб баян кьуна тарихчи Гьиматил Камилица.

Гьиматил Камил: «МагIарухъ токги гьечIеб, чирахъ бакизе нартги щолареб заманалда, Хунзахъа ГIалиханов Зайирбегица бицана дида цо бочка нартил хунздерие гIураб лъагIел букIанилан. Гьединаб заманалда магIарулаз хIалтIизабулаан кан. Гьебги ккола гваргъун цIа рекIунеб цIул. ГодекIаниб хабар бицунеб мехалда кверал квалквадизариялъул зарал букIунарелъул, хIатта Шамилил заманалда годекIанир рукIун руго хер чIухIулел ражихабицин. Гьединги пайда босулеб букIун буго заманалдаса нилъер умумуз. КанахIехьги гъоба баукIунаан жамагIаталъул гIаммаб бетIергьанлъиялда, гъобаса къваригIарас гIиссинал чIилал, цIулал кескал къотIун рокъобе босулаан. ГIемераб хабар бициналдасаги, мунагьал гьариялдасаги канахIехьалде руссун рукIин пайдаяблъун рикIкIунаан. Гьедин бижараб кици буго «годекIаниб лъикIаб жо канахIехьин» абураб».

Тарихчи Гьиматил Камилица бицухъе, цебе тIощелги жанибе буссараб, хур-херги гьабун лъугIараб заманалда годекIан букIанила ракIгъеялъеги хIухьбахъиялъеги гIадамал руссунеб унго-унгояб бакIлъун. Гьанжейин абуни кинавго чи гъурщида хадуб лъугьараб, цоцаде регIулареб мех бачIун букIиналда бан, годекIабазул къимат хванила, гьенире хьвадулездеги гIадада заман чIвалел чагIийилан абулила.

XS
SM
MD
LG