МагъчIваялъе рес

Дагъистаналдаса вас бергьана дунялалъулго хIафисазул къецалда


ГIабдулхаликъов Билал (бакьулъ дипломгун ругезул ворхатав), Бахlрейн, 2012 сон
ГIабдулхаликъов Билал (бакьулъ дипломгун ругезул ворхатав), Бахlрейн, 2012 сон

27 ноябралдаса байбихьун чанго къоялъ БахIрейналъул тахшагьар Манамаялда тIобитIараб Къуръан цIалиялъул тIолгодунялалъул къецалда тIоцебесеб бакI ккуна Дагъистаналъул ЦIияб Костек росулъа 14 сон барав Билал ГIабдулхаликъовас.

Щуабилеб декабралда Билал къабул гьавуна Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасги. Гьеб хIафизазул къецалда гIахьаллъана дунялалдасаго 43 чи.

ЦIияб Костек росулъ гIумру гьабун руго Лаваша мухъалъул Санамахьи росулъа гочарал даргиял. 1944 соналда Чачанлъиялде гочинаруна гьел. 1956 соналда гьезие яшав гьабизе бихьизабуна Хасавюрт мухъалъул Басрияб Костек росдада аскIоб бугеб ракь.

Санамахьисез бицана жал кидаго ислам дин ккурал чагIи рукIанилан. Советияб заманалдаго ЦIияб Костек росулъ мажгит бан буго гьез, амма гьеб тIадчагIаз бульдозераз щущазабун буго. ГьабсагIат гьеб росулъ лъабкъого хIафиз, ай Къуръан ракIалдасан лъалев гIолохъанчи, вуго.

«Эркенлъи» радиоялъе баян кьолаго, Билал ГIабдулхаликъовас абуна жинца хIаракат бахъулин мударисас малъухъе битIун Къуръан цIализе.

БахIрейналда Билалица рекIехъе Къуръан цIалулеб рагIидал, жюриялда рукIарал гIалимзабазе гьелъ кIудияб асар гьабун буго. СагIудиязул ГIарабия Къираллъиялъул, Мисриялъул ва цоги бусурбабазул пачалихъазул вакилзабаз Билалида абун буго исламияб гIелму цIализе жидехъе вачIаян. Гьесул эбел-инсуца жеги чIванкъотIараб хIукму гьабун гьечIо васасул букIинеселда хурхун.

МухIамад Рабаданов ккола Билалида Къуръан малъарав мударис. Гьес лъабго соналъ куцан вуго ГIабдулхаликъов.

Билал ГIабдулхаликъов: «Мударисас абухъе лъазабулаан дица. Масала, гьес цо къоялда жаниб 33 аят рекIехъе лъазабеян абуни, гьеб амру тIубазабулаан».

ЦIияб Костек росулъ гIумру гьабун вуго 83 сон барав тIарикъаталъул устар МухIамад. Дарги-МухIамадин абун машгьурлъун вуго гьев Дагъистаналда.

«Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана Дарги-МухIамадица.

Дарги-МухIамад: «Нижер росулъ анцIго мажгит буго. Гьеб анцIабго мажгит гIадамазул цIунги букIуна. Гьанже жидер гIемер бицунел террористалги гьечIо ЦIияб Костек росулъ. Нагагь загьирлъани, росулъ тезеги гьечIо нижеца террористал. Ислам диналъул цIакъ кIудияб къимат гьабула Дагъистаналда. Дин гьабизе биччаралдаса гIемер цебетIуна ислам нилъер гьаниб.

Амма гьанже рикьалаби цIикIкIана. Щивас жинде-жинде цIалеб буго цIаха, жив гурони витIарав гьечIилан. Гьеб дандеккунгутIиялъ исламалъе кIудияб зарал гьабулеб буго. Кин гьелдаса хвасарлъилел? Цолъизе ккола. Жив накъшубандиявилан цояв, шазалиявин цогидав, вагьабиявин лъабабилев рикьизе бегьуларо. Хилап бугел бакIазда тIасан дагIбадизе бегьуларо. Ункъабго мазгьабал кколел ругони, мекъи кколаро. Гурони, щивас живгоги веццун, рукьакь хур бекьун бажаруларел квешал бугъби гIадин руго бусурбаби».

1990-абилел соназда ЦIияб Костек росулъа даргияздаги Басрияб Костекалдаса лъарагIаздаги гьоркьоб тунка-гIуси ккун букIана. ГьабсагIатги жидеего цIуна-къай гьабулеб буго цIиябкостекалъулаз. Сордо-къоялъ росулъе рачIунеб нухда хъаравуллъи ккун рукIуна гьезул гIолохъаби.

XS
SM
MD
LG