МагъчIваялъе рес

Цо сордо-къоялда жанив чlван вуго щуго полицияв


Лаваша мухъалда талат къоялъ изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун букIараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда чIван вуго лъабго полиицялъул ва лъабго халкъияб низам цIунулезул къукъаялдаса чи. Мухъалда унеб буго контртерроралъулаб режим, гьеб жеги лъугIун гьечIо. Рохьилазулги лъабго чи чIван вуго. Гьединго Гъизилюрт мухъалъул Чонтаул росулъ арбагI къоялъ радал чIван вуго полициялъул хIалтIухъан. ТIоцебесеб октябралъул къаси Хасавюрт шагьаралда аскIовги чIван вуго полициялъул хIалтIухъан.

ЦохIо сордо-къоялда жанир республикаялъул батIи-батIиял мухъазда ункъо полициялъул хIалтIухъан чIвана Дагъистаналда. Октябралъул тIоцебесеб къоялъ Лаваша мухъалда байбихьараб хасаб операциялда лъабго чи гIумруялдаса ватIалъанилан кьуна информалатаз, гьезда гьоркьор кIиго полициялъулавги цо гIадатияв чиги, гьесул цIар щиб букIарабали рехсолеб гьечIо баяналда. Гьединго лъукъун вуго жегиги лъабго полициялъул хIалтIухъан. Мухъалда контр-терроралъулаб режим лъазабун букIана талат къоялъ къад сагIат цоялда бащдаб хIалтIарабго. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун полициялъул хIалтIухъабазул кьвагьа гIанкъи ккун буго Гъоркьияб ва ТIасияб Убеки росдад аскIоб бугеб рохьоб.

КIиабилеб октаябралъул къалъул гIудалде щварал баяназдаса лъана хасаб операциялъул хIасилалда рохьилазул лъабго чи чIан вукIин. Гьеб баян кьуна цIех рехалъул комитеталъ.

Гьединго Гъизилюрт мухъалда арбагI къоялъул радал чIван вуго жиндирго хъулухъ тIубазе унев вукIарав полициялъул хIалтIухъан. Полициялъул кIудияв сержант кинологасед тIаде кIанцIи гьабун буго сагIат ичIго тIубараб гIужалда Чонтаул росулъ

ТIоцебесеб октябралъул сардилъ Хасавюрт шагьаралда аскIоб щалали лъаларел чагIи кьвагьдон руго полициялъул хIалтIухъанасде, щварал ругъназул хIасилалда гьеб бакIалдаго хун вуго гьев. Такъсирияб лъугьа-бахъин ккун буго Хасавюрт-Герменчук шагьранухда «Мираж» абулеб кафеялда аскIоб

Сордо-къоялда жаниб полициялъул щугогIанасев чи хвеялда бан официалияб пикру загьир гьабуна Эркенлъи радиоялъе плициялхул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев жамгIияв хIарактачи Шамилов МухIамадица.

Жакъа полициялъул хIалтIухъаби чIвалел ругин, жиб жиб къоялъ гIадин гьел хIужаби такрарлъулел ругониги гьелъие жаваб кьезе кIолев чи ватулев гьечIилан абуна гьес.. Бищунго мекъса ккараб жо бугин жакъа Дагъистаналъул жанисел ишазул министр Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул къайимлъиялда гъоркь гьечIевлъи. Жанисел ишазул министрасе щибниги ургъел гьечIин чIвалел, холел тIагIунел ругел гIолохъабазул

Шамилов МухIамад: «Полициялъул хIалтIухъаби чIвалел руго, цо рахъалдасан гьезги чIвалел руго гIадамал, гьезда тIад зулму гьабизе гьел тIамулел руго хасал чагIаз. Гьелъухъ рецIел босулеб гIадин гьелги чIвалел руго. Гьа, чIварал гIадамазул жваб кьолев, гьелъул хIисаб гьабулев чи вукIине кколариш? ГьечIо! ЧIван вугищ, вуго. Васалам вакалам. ГIаммаб магIишаталъул цо бече хвананицин кIудияб ахIи-хIур гьабулаан коммунистаз цебе. Гьанжейин абуни полициялъул хIалтIухъан чIван вугилан рагIани гьелде ругьунлъун руго церего гIадамал. Кутакалда ракI гурхIараб хIалалда буго Дагъистаналда низам цIунулел хIалтIухъабазул иш.

Жакъа Советский мухъалъул жанисел ишазул идараялъул минаялда аскIоб бугеб квана-гьекъезе гIадамал рачIунеб бакIалда дун вугеб мехалъ гьенире рачIана I5 гIансев полициялъул офицер. ТIаса ярагъгъ-къолденги бахъун паракъат гIдор чIана киналго. Цин гьезул видеоги бахъун дица гьикъана гьезда, нолъалдаса нахъе лъабго ункъониги полициялъулав чIван вугеблъи лъалиш нужедаян. Цо гIадамазда лъалеб батичIо! Нужецаго хIисаб гьабе гьелъул. Кваназе гIодор чIарабго жалго цIунизе кIалтIа хъаравулъун щивниги чицин течIо гьез. Гьеле гьединаб цо гIажаибаб, жалгоцин цIунун бажарулареб бакIалде бачIун буго Дагъистаналъул полициялъул хIал-хIукму».

Октябралъул кIиабилеб къоялъ къалъудаса хадур щварал, дагьалги мухIкан гьарурал баянздасан лъана Лаваша мухъалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун букIрааб кьвагьа-гIанхъиялдаса хадуб, лъабго полициялъул, лъабго гIадатиял гIадамзул чи хун вукIин. Лъабго полициялъул хIалтIухъан лъукъунги вуго. Рохьилазул рахъалдаса хун вуго лъабго чи. ГIадатиял гIадамазул рахъалдаса хварал чагIи ккола полициялъулазе кумек гьабулел рукIарал халкъиял низам цIунулезул къукъаялдаса гIадамал. Мухъалда контр-терроралъулаб режим жеги лъугIун гьечIо, рохьилазул лъалкI цIехолеб буго низам цIунулез.

XS
SM
MD
LG