МагъчIваялъе рес

Гьанже флешкаби «рохьилаз» гуребги ритIула Дагъистаналда


МуртазагIалиев Юсуп Сайпудин абулев ракьцоясде гьабулеб хитIаб бахъараб видеоялда
МуртазагIалиев Юсуп Сайпудин абулев ракьцоясде гьабулеб хитIаб бахъараб видеоялда

Чанго сон буго Дагъистаналда магъало лъолеб ц1ияб къаг1ида баккаралдаса. «Рохьилаз» т1ирит1изарула бечедал г1адамазда т1ад магъало лъун бук1иналъул бицунел флешкаби. Гьез гьезда абула нуж диналдаса рик1к1алъун ругин, гьединлъидал бизнесалдаса нужее щолеб хайир х1алаллъизе ккани, жигьадалъе г1оло цо хасаб къадар биччазе кколин нужеца. Гьанжейин абуни гьеб пишаялда нахъа ратулел руго гIадатиял гIадамалгицин.

Гъизилюрт мухъалде унеб таксиялда рекIарал гIолохъаби рукIана хIайранлъун бицунел щуго сон букIанин щуго гIолохъанчияс Гъизилюрт мухъалда кверщел гьабун. ТIубараб полициялда кIолеб букIинчIин гьел кквезе. Бихьулищин Аллагьас гьезие кьун букIараб къуват.

Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIали: «Гьанир рукIинчIо гьединал къуватал. Абу МугIаз амирлъун бащдаб лъагIалица вукIана гьанив. Гьесде щвезегIан вукIарав ГIумаров ГIалибегги чIвана. Гьесда цеве вукIана ГIумаров ХIамзат, гьевги кодоб букIараб алаталъ живго жинцаго кьвагьизавуна. Гьедин кьвагьи-гIанхъиял гьарулаан гьез гьанир. Амма щуго гIолохъанчияс кодоб босун букIанин гьаб мухъ-рахъин аби буго кIодо-кIодо гьабун, гьезие рецц гьабун рицунел жал».

Гьес рехсолев Абу МугIаз вукIана Гъизилюрт мухъалъул амирлъун. Дагьалъ цеве МахIачхъалаялда чIвана гьев. Хадурго чIвана гьесул къокъаялда рукIарал цо-цо чагIиги. Чанго къоялъ цевейин абуни яргъид гIуцIарал чагIаз жиндир хъизаналда цеве Кироваул росулъ чIван рехана Насибов СагидахIмад абулев чи. Гьал къоязда жидер росуцояв Хайрулаев викъиялда бан жанисел ишазул министрасухъе ургъел бикьизе ун рукIарал Комсомольское росулъа гIадамазда цебе министрас абун буго полициялъулазда гьеб Кироваулалда гьабураб такъсир рагьизе кколин чара гьечIого. Амма гьелда бан лъалеб жо гьечIо полициялда.

Заирбегов АсхIабгIали: «Жеги Абу МугIаз чIаго вугеб мехалдаго администрациялда гьабулеб данделъиялда цIакъ нич бахъун кIалъалев вукIана гьев чи. Унгейила милициялде, жиндихъе рачIайила щиб къваригIел кканиги, Абу МугIазида хурхарал суал кканиги. Жиндихъ гIенеккулила гьев. ТIокIаб гьесул хIакъалъулъ щибниги лъаларо дида. КIудияб ригьалъул чи вукIана гьев. Нуж Темирбегикьаги хIинкъайин, гIадамал, жиндихъеги рачIайин, низам цIунулезухъеги унгейин, гьез щибниги кумек гьабуларин абизе бокьун букIун батилаха гьесие».

Абу МугIаз чIван нахъисеб къоялъ Костек росулъги тIобитIана полициялъ хасаб операция. Ракьцоязухъа гIарац бахъи, бахъизе кIвечIони гьел чIвай гурони, диналда хурхараб жо щибниги гьечIин рохьилазулъин рикIкIуна полициялъ.

Амма гьел рохьилалин цIарал лъурал чагIаз зама-заманалдасан тIиритIизарула бечедал гIадамазда тIад магъало лъун букIиналъул бицунел флешкаби. Гьез гьениб абула нуж диналдаса рикIкIалъун ругин, гьединлъидал бизнесалдаса нужее щолеб хайир хIалаллъизе ккани, жигьадалъе гIоло цо хасаб къадар биччазе кколин дуца. Абула гьез цIараб болжалалде пуланаб гIарац кьечIони, доз гьезул лъимал, яцал-вацал рикъулин, тукаби кьвагьизарулин.

Гьедин гъоркьисала хаслихъе МахIачхъалаялда кьвагьизабун букIана Дахадаевасул къватI. Гьеб буго кIиябго рахъалъ чогъролгун коньяказул тукаби ругеб къватI. Гьедин батIи-батIиял харбал ракун рукIана гьелда сверухъ. Цояз рикIкIунеб букIана рохьилаз гьел тукаби ургъунго гIаракъи-чагъир бичулеб букIиналъ кьвагьизарунин, цогидаз абулеб букIана тукабазул бетIергьабаз жидеда тIад лъураб магъало кьечIолъиялъ кьвагьизарунин рохьилаз гьел.

Чанго къоялъ цебе терроралда дандечIараб миллияб комитеталъ лъазабуна жидер рагъухъабаз Шамхал росулъ МуртазагIалиев Юсуп абулев чи чIванилан. Комитеталъ гьединго тIибитIизабуна гьев чияс Сайпудин абулев ракьцоясде гьабулеб хитIаб бахъараб видеороликги. Нилъер кIиясулго кидаяли лъай-хъвай букIанин бицунеб буго МуртазагIалиевас. Аллагьасул хIукмуялдалъун гьанже жив исламалде вачIун вугин, жигьад гьабизе вахъунги вугин.

МуртазагIалиев Юсуп: «Дида лъавухъе, мун исламалда гьечIо. Гьединлъидал дида тIадаб буго духъа 2 млн гъурущ бахъизе. Гьелдаса хадуб гурони хIалаллъизе гьечIо бусурбабазе дур мал-мулкги дур биги. Гьеб киналъулго бицине мун капурзабазда аскIове ун вукIин лъанани, дица мун чIвазе ккола, гьединлъидал дуе лъикIаб жо буго берцинан гьеб гIарац кьей».

Бечедал чагIазда тIад магъало лъун хIадурарал флешкаби гIицIго рохьилаз гурони ритIуларин абураб пикру букIана Дагъистаналда цо заманалда билълъун ун. Гьанжейин абуни гьезда гьеб пишаялда нахъа ратулел руго гIадатиял гIадамалгицин. Дагьалъ цевейин абуни флешкаби ритIулаго тIад ккуна МахIачхъалаялда къватIибе бачIунеб цо газеталдаса журналистгицин. Дагъистаналда руго мисалал рохьилазул ххвелги гьабун жиндие данде кколарев бизнесменас цойгидав бизнесмен, яги политикас политик хIинкъизавулев, гьедин флешкаги битIун.

Гьелда тIасан ЭР-ялъе пикру загьир гьабуна МахIачхъалаялда гIумру гьабулей ГIахьвахъ мухъалдаса даран-чIужу ГIумарил Меседоца.

ГIумарил Меседо: «Дир рокъоб бугеб ахIвал-хIал лъалев, дир бугеб боцIи лъалел чагIаз гурони гьабилищха гьединаб жо. Дида гIемер рагIана гьедин флешкаби реххулел ругилан. Гьел реххулел чагIиги лъалел руго. I0 – 20 соналъ цере къватIипачалихъазда гьабулеб букIараб жо гьанже Дагъистаналда буго гьабулеб».

Меседоца бицана жидер мадугьалихъ ругел чагIазул дурцас жиндирго якьадалъухъегицин битIун батанила флешка. Хадур гьел рос-лъади ратIалъун руго. Дармида гьоркьой йикIиналъ гьединал мисалал гIезегIан ругоан Меседода лъалел. Амма жалго жидеего гIагарал рукIиналъ, гьелъ бицунел гIадамаз гьел пишаби жалго суриларедухъ полициялдаса балъго гьарулел руго.

ГIумарил Меседо: «Дир цо цIакъго гIагарай гIаданалъухъеги реххун букIана флешка. Гьеб гьабун батана гьелъул гIагарал васаз, гьабизе жоги тIагIарал, цулъарал васаз. Росабалъа эхере рачIарал гIолохъабаз гьарулел руго гьединал пишаби. Риччан тей гурони, эбел-инсуцаги гьикъулеб гьечIо нуж щиб гьабулел ругелин, нужее гIарац кисайин… Телевизорал росула, диванал росула, рукъзал росула – гьеб мехалда эбел-эмен рукIуна бицунел жидер лъимал дора Краснодаралда, Сочиялда ругин хIалтIулел».

Дагъистаналда киназдаго лъалеб хабар букIаниги, магъалоялъул бицунел флешкабазул хабар рагьун, официалияб куцалда бицунаро. Гьединаб къагIидаялда тIоцебе гьелъул хIакъалъулъ исана январалда бицана Дагъистаналъул нухмалъулесги. Жанисел ишазул министерлъиялъул коллегиялда полициялъулазе бадирчIваял гьаруна гьес республикаялда тIубараб кооператив рагьун бугин флешкаби ритIулел, нужин абуни гIодоре квералги риччан чIун ругилан. Гьелда хадуб полициялъ киса-кибго тIибитIизабуна жидеца Хасавюрталда тIубараб къокъа ккунин бизнесменазухъе флешкаби ритIулел рукIарал чагIазул. Телевидениялдасан сурав кьолелги рихьизаруна гьел. Амма къокъидаго къотIана гьезул хабарги.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:07 0:00
Интернет-мухъ

ГIадамал гIадамаллъун рикIкIунел гьечIин, гIорхъолъа араб куцалъ къанун хвезабиго щибин гьабилан ахIдолей гьайгIадал чагIи Дагъистаналда къойилго гIадин дандчIвала.

МоцIица цебе интернеталда баккараб Робин Гудалин жидедаго цIар лъурал чагIазул видеороликалда тIасан буго жеги-жеги кIалъай. Рохьилазул магIишат щущахъ базе бугин жидеца, жалги ругин гьел рохьилазул гIагарлъи чIварал чагIийин лъазабулеб буго гьез. Амма Гъизилюрт мухъалда гIумру гьабулел гIадамаз ЭР-ялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гьел Робин Гудазул хабар жалго полициялъ биччараб хабар бугин.

Гъизилюрт мухъалдаса Сайгид: «Бицунеб харбихъ гIенеккун якъинго бихьулеб буго гьеб полициялъулазул кIалъай букIин. Масала, гIадатиял гIадамаз росабийин абулеб бакIалда населенные пункты ян абулеб буго. Гьел гурони гьедин кIалъаларо».

Гьал къоязда Эркенлъи Радиоялъе Заирбегов АсхIабгIалица бицун букIана гьел ратизе бегьулин церего милициялда хIалтIулел рукIарал гIадамал. Амма жинца азарго проценталъ ракIчIун лъазабулеб бугила гьезда гъорлъ цониги полициялъулав гьечIин, вукIине ресги гьечIилан.

Заирбегов АсхIабгIали: «Дида кколеб буго доз флешкаби ритIулел рукIарал бизнесменазул, рокъоре рачIун хъизан-лъимал рачун, гьел чIварал чагIазул гIагарал гIадамал ратилин гьел. Жидерго гIагараб росулъгицин чIван гьез бечедал гIадамал, рухIана гьезул минабиги».

Флешкаби ритIулел чагIазде, хас гьабун Гъизилюрт мухъалъул амирлъун вукIарав Абу МугIаз хитIаб гьабун интернеталде ролик реххун букIараб Заирбегов АсхIабгIалица. Данде досги бачIун букIана гьесие жаваб. АсхIабгIалица бицана ЭР-ялъе интернеталдасан Абу МугIазиде видео-хитIаб гьабун хадуб гIезегIан чияс баркала кьунин жиндие. Аслияб куцалда гIадамал доре-нахъе раччулел таксиязда, маршруткабазда хIалтIулел гIадатиял гIадамал кколин гьел.
XS
SM
MD
LG