МагъчIваялъе рес

Миллияб басмаялъул даражаги, интернеталъул къуватги


Аджиев Азнавур-Дагъистаналъул информационияб политикаялъул ва басмаялъул министр, Махlачхъала, 10Дек2013
Аджиев Азнавур-Дагъистаналъул информационияб политикаялъул ва басмаялъул министр, Махlачхъала, 10Дек2013

Дагъистаналда гьал къоязда унеб буго миллиял мацIазда рахъулел информ.алатазул фестиваль. Аслияб куцалъ гьеб данделъи тIобитIиялъул мурад бугин газета хъвалел гIадамазул къадар цIикIкIинабиян абуна гьениб тадбиралъул гIуцIарухъабаз. Амма кинал ругел жакъа гьел масълаби гIумруялде рахъинаризе ва кин цIунизе бегьулеб жакъа миллияб газет-журнал цIалулел гIадамазул къадар?

Миллиял газетал цIалулел гIадамазул къадар дагьлъулеб буго, газета хъвалезул къадар цIикIкIинабиялде кIвар кьезе ккола, мацI цIуниялъул масъала тIадегIанаб даражаялде бахинабизе ккола - гьединал магIанялъул рукIана аслияб куцалда талат къоялъ МахIачхъалаялда «Дом дружбы» абураб маданияталъул кIалгIаялъул данделъиялда рорхулел суалал. Республикаялда миллиял мацIазда рахъулел газет-журналазул фестиваль абун цIар кьураб форум букIана гьеб.

ГIаммаб куцалъ абуни, цебесеб соналъ ЛъарагIазул театралда гьединабго данделъи тIобитIаралдаса букIараб лъагIел гьоркьоб ун хадуб щибниги батIияб цIияб жо букIинчIилан абизе бегьула. Дагъистаналъул журналистазул шураялъул нухмалъулев Камалов ГIалица сценаялде иргадал ахIулел рукIана батIи-батIиял мацIазда рахъулел миллиял газетазул редакторал жавабиял секретарал, росабазул газеталъул нухмалъулел ва гIелмиябгун маданияб бутIаялъул вакилзабиги.

Мисалалъе «Лезги газеталъул» жавабияв секретарь АхIмад абурав гIолохъанчияс гIарз гьабулеб бугоан жакъа жив гIадав миллиял газеталъе рухIги жанги кьун хIалтIулел гIолохъанал журналистазул рукIа-рахъиналъул суалазде тIаде кIвар кьолеб гьечIин республикаялъул нухмалъиялъ. Футболгун эркенаб гугари ва цогидалги спортивияб тайпа тIадегIанаб даражаялде бахинабизе махIниги барахщунел гьечIин нилъер бизнесменал, амма миллияб прессаялъул хIалтIухъабаз гьитIинабго харжихъ кин хъизан хьихьун бажарулеб абураб суалалда тIад ургъулев гьечIин щивнигиян.

Гьесда хадув кIалъазе вахъарав ЛъарагIазул театралъул хIалтIухъан Дагъистаналъул мустIахIикъав артист ГIасаев БайсултIан вачIинахъего жувана РГВК каналалъ щайин милиял мацIазда рахъулел газет журналазул гьабураб хIалтIул къокъаб баяналъе бакI кьоларебилан бадибчIвай гьабизе. Гьес мисалалъе бачана «ХIакъикъат» газеталъ щибаб хамиз къоялъ кьолин гьединаб информация. Гьединабго къагIида щайин хIалтIизабулареб цогидалги газетазул редакцияз.

Гьеб гуребги гIемераб жо бицана гьев чияс сценалда. Газетал жиндир заманалъ щвезарулел гьеIин гIадамазухъе, почалъул иш хашго хIалтIулеб бугин. Гьесда хадур кIалъазе рахъаразги такрар гьабулеб букIана гьебго. Дагъистаналъул гIелмияб централъул, мацIазул ва литературияб бутIаялъул гIелмияв хIалтIухъан МуртазагIалиев АхIмадица тIокIаб чIечIого такрар гьабуна жиндирго кIалъаялда миллиял газетал хIажат рукIиналъул суал тIадегIанаб даражаялда респубикалъул нухмалъиялда цебе лъезе кколилан ва цIале цIале нужеца миллиял газеталиланги абун ана гьев сценаялдаса нахъе. ХIасил-калам цохIого жо такрар гьабун гурони чIванкъотIун кинаб хIалтIи газетал хъвалезул къадар цIикIкIиналъеги, магIарул мацI цIуниялъеги гьабизе кколебали гьениб рехсечIо лъицаниги.

Гьединал данделъаби цохIо лъагIалида жанир гурел, щибаб моцIалъ кIвечIониги кIиго лъабго моцIида жанир цо нухалъгIаги тIоритIизе ругин хадурккунгийилан бицана «Эркенлъиялъе» информациялъул ва печаталъул министр Аджиев Азнаурица. Жакъасеб данделъи бугин живго Рамазан ХIажимурадовичасул программаялда нахъги рилълъун гьабулеб тадбириланги бичIчIизабуна гьес тIатIалаго.

Нижеца гьесда гьикъана жакъа къойидаса къойиде интернеталдасан цIиял харбал цIалулел гIадамал гIемерлъулел рукIаго газета цIалулезул къадар гьелдалъун дагьлъулеб бугилан кколариш нужеда ва кин гьелда данде къеркьезе нужеда ракIалда бугеб абун суалалъе жаваб кьолаго министрас ракIалде щвезабуна кидаялиго билълъараб пикру букIанин кино-фильм бахъизе байбихьидал театр хвезе бугин, телевидение ссиялде бачIараб мехалъ киноялъулги къадру хвезе бугин абураб, амма гьедин ккечIин:

Аджиев Азнаур: «Кино бахъизе байбихьунилан театрги хвечIо, хвечIо интернет баккунилан газет-журналазул къадруги, миллиял мацIазда рахъулел басма цIалулел гIадамал лъугIизе гьечIо. ДагIба гьечIо газета хIадур гьабулаго кIудияб кумек гьабулеб сурсатлъун ккола жакъа интернет. Амма кинаб куцалъ абунини гьебги ккола информация къватIибе кьолеб алатлъун, тIокIаб батIияб, хIалкIояб къуват гьечIо гьелъул. Жакъа гьелдаса пайда босулел гIадамал гIемерлъулел руго къо бахъанагIан, гьелда данде рагъ базе нижги лъугьинаро, гьеб буго гIададисеб хIалтIи. Амма нижеца цебе лъураб масъалаги гьелдасаги къураб гьечIо, миллияб мацIги, маданиятги тарихги бечед гьабизе къеркьолел чагIи ккола ниж, гьеб масъала цебе лъун буго нижеда президентасги».

Жакъа гьадинал данделъаби кин рукIаниги хIажат ругин, щайгурелъул газета цIалулес ритIун рачIарал кагътаздасаги живго цIалдолевгун дандчIваялъул пайда кIудияб букIунин. Бицана «Эркенлъиялъе» даргиязул «Замана» абураб басмаялъул бетIерав редактор Юсупов Арсеница. Гьев араб соналъ тIамуна гьеб газеталъул нухмалъулевлъун гьеб заманалда жаниб жидер миллияб басма цIалулел гIадамазул къадар кин хисарабли абураб суалалъе гьадин жаваб кьуна гьес:

Юсупов Арсен
Юсупов Арсен

Юсупов Арсен: «Дун божараб пикру букIана нижер басма цIалулел чагIи гIицIго пенсионерал гурони ратиларилан. Амма жакъа гьанире рачIун рукIарал школлъимал рихьидал гьеб пикру хисана дир. Гьаб данделъиялда кучIдул рикIкIине бокьун бугоан гьезие, газеталдасан лъан буго гьезда жакъа гьадинаб тадбир бугилан. Гьедин школ лъималаздаса байбихьун гIолохъанаб ригьалде швезегIан руго «Замана» газета цIалдолезул къадар. Гьелъ ракIбохизабуна жакъа».

Амма жакъа гIемерисез кIвар буссинабулеб хIужалъун ккола анкьида жаниб цо нухалъ бахъулеб миллияб газеталда кьолел цIиял харбал щуго къолъ цебего телевизоралъ кьун хадур шолин гIадамазухъе, гьединлъидал гьезул щибниги интерес букIонарин гIадамазеян. Гьеб масъала кин хисизабизе бегьулебли гьадин бицана нижер программаялъе «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор Сагитов ХIажимурадица:

Сагитов ХIажимурад
Сагитов ХIажимурад

Сагитов ХIажимурад: «Нижер басмаялдаги букIараб гIунгутIи ккола гьеб. Гьединлъидал нижец гьадинаб нух батана; телевидениялдсанги бащадабцин кьоларо газеталда лъикIаб анализги кьун рагIа-ракьанде щун цIех-рех гьабураб баян. Гьединаб къагIидаялъ хIалтIизе ихтияр кьезе ккола миллиял мацIазда рахъулел газетазеги. МухIканал баяналги ралагьун цIалдолесул гъира кколедухъ кьунани макъалаялъул кIварбуголъи холаро анкьидасаги».

Миллиял мацIазда рахъулел газетазул рахъалъ Шималияб Кавказалда гьоркьоб цебесеб кьерда буго Дагъистан. Санайил гьел хьихьизе гIемераб гIарац харж гьабула хIукуматалъ. Амма кигIан гIемераб гIарац пачалихъалъул бюджеталъ кьуниги тIубараб даражаялда газета цIалулел гIадамазул мурадал тIуран бажарулеб гьечIо гьел газетазухъа жакъа.

XS
SM
MD
LG