МагъчIваялъе рес

Фазу ГIалиева: Гьаб бигъараб гIомо дир гIумру буго...


Фазу ГIалиева
Фазу ГIалиева

Гьал къоязда Дагъистаналда унел руго халкъияй шагIир, хъвадарухъан ва публицист Фазу ГIалиевалъе 80 сон тIубаялда бан гIелмиял конференциял ва данделъиял. Кинабха бугеб Фазу ГIалиевалъул хъвадарухъанлъиялъул ва гIумрудул нух?

«Бигъараб гIомо» абулеб 2000-билел соназул авалалда хъвараб кочIолъ кьун букIана хъвадарухъан ва шагIир Фазу ГIалиевалъ жиндирго гIумруялъе къимат. ТIаде балагьун гьимулей йихьаниги жаниб бухIулеб рекIел бицунеб букIана гьелъ гьениб.

БИГЪАРАБ ГIОМО

Гьаб бигъараб гIомо дир гIумру буго,
Бичизе, чучизе кодоб босуге,
Гьелда рарал гарцIал дир магIу буго,
БитIизе гьабизе тIад квер бахъуге.

Жеги мергуялда кьурун букIаго,
Кьурун жемараб гьеб бартул шанкIлида,
Долъ дунялги сверун юргъа бачараб,
Дир гIумруялъул кун хадуб цIалаго.

Гьелда рарал кIичIал цоцалъан раккун,
Цоялъ цояб гъанкъун къвакIи бижараб,
Жиб-жибалда жанир чIинхалги гIунун,
ГIодиги угьдиги дихъе бачIараб.

Амма кинаб квекIен данде чIваниги,
Дугъдан ккун теркIезе тIаделъаниги,
ТIураб бакI куналда батизе гьечIо,
Гьеб цIцIел квасул гуро, цIацIан бачIине.

Гьел рарал гарцIазул, цIарал кIичIазул,
Ралъдал хIал хIехьолеб щулалъи буго,
Щулаго ккола гьелъ кIудиял ччугIби,
КIал гьакIкIан гьитIинал кваназе унел.

Гьаб бигъараб гIомо дир гIумру буго,
Бигъун букIаниги дие хирияб,
Гьелда рарал гарцIал дир магIу буго,
Бакъван инчIониги къоялъ урхъараб.

Фазу ГIалиева гьаюна 1932 соналъул 5 декабралда Хунзахъ мухъалъул Гиничукь росулъ. Школа лъугIарабго байбихьула гьелъул хIалтIул биография. Гьелъ байбихьула росдал школалда мугIалимлъун хIалтIизе. ГьитIинаб къоялдасаго кучIдул хъвазе пагьму цIикIкIарай Фазу цIалула Дагъистаналъул педагогикияб институталда ва хадуб 1962 соналда лъугIизабула М.Горькиясул цIаралда бугеб Москваялъул литературияб институт. АнцIгониги соналъ гьей хIалтIула Дагъучпедгизалъул редакторлъун ва гьеб заманалдаго байбихьула республикаялъул жамгIияб хIалтIулъ гьелъул жигараб хIаракатчилъи.

ЖамгIияб хIалтIи гIемерлъунилан Фазу ГIалиевалъ хъвадарухъанлъи рехун толеб гьечIо жакъаги. Ахирисеб 15-гIан соналда жаниб къватIире рачIун руго гьелъул «Бигъараб комо», «ЦIвакарал ганчIал», «Векьарухъанги ракьги», «Эбелалъул хъахIаб шал», «Дун такрарлъиларо» абурал ва цоги тIахьал магIарул мацIалдаги, басмаялда кьабун руго гIурус мацIалде буссинабураб чанго тIехьги, жеги басмаялда кьабичIебги буго кучIдузул ва поэмабазул анлъгониги тIехьги. Гьел баянал нижее кьуна Фазу ГIалиевалъул хъвадарухъанлъиялда тIасан гIелмияб хIалтIи хъвалей журналист МухIамадова Маризаца.

Жийго Фазуца жиндирго гIумрудул гьадин бицун букIана бакIалъул телевидениялда журналист ва хъвадарухъан ГъалбацIов ГIазимухIамадица магIарул мацIалда хIадурулеб «ГIаданги, ГIамалги, Заманги» абулеб программаялда.

Фазу ГIалиева: «Щуго сон баралдаса нахъе камуна дие эмен. Рокъой ясазда гьоркьой бищунго кIудияй йикIана дун, гьелъги батила, эбелалъ кинабго гьабулеб гIайибги диде букIунаан, къабулеб зарги диде букIунаан, дидаса гьабулеб тIалабги кидаго кIудияб букIунаан. ТIоцебесеб классалдасанго дида бихьана дидехунго жахIда. Школалда лъикI цIалулей йикIиналъ, гIемер еццулей йикIиналъ. Доб мехалда дица декламация гьабичIеб ЦIадаса ХIамзатил кечI букIун батиларо. ЦIамзат вуго дир Учитель!
Рокъоб гьедин букIана. Хадуб кIиго лъимергун кодоб ятIалъана росасдаса. Рачун чияр лъималгун цойги чиясе росасе инги расги бигьаяб жо гуро.
Гьеб кинабго бихьичIилан телаан дица бищунго вокьулев, бищунго кIудияв вас ГIали Аллагьас дихъа вахъун ана. АлхIамдуллилагь! Гьедин хъван букIун батила.
Эбел камуна, хадув камуна гьадигIан дун хирияв дир рос. Муса хвана дир кодов 12 секунда бан батиларо. Кинабго гьеб дица къулчIизе ккана».

Ахирал соназда Фазуца хъварал ва халкъалда гьоркьор машгьуралъарал асаразулъ бищунго лъикIаблъун хас гьабун «Бигъараб гIомо» абулеб кечI бихьулеб буго аваразул хасго гьанжесеб литератураялъе критикияб къимат кьеялдалъун машгьурав «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадида.

БисавгIалиев МухIамад
БисавгIалиев МухIамад
БисавгIалиев МухIамад: «Фазу лъикIай шагIир йиго. ГIолохъанаб мехалда хъварал цIакъ лъикIал кучIдул руго долъул.

Дун цее йихьарал, дун цее лъалел,
Лъаларищ нужеда дир арал ихал...

абун цIакъ лъикIаб кечI букIана. ХъахIаб росулъа МахIмудиде хъвараб цIакъ лъикIаб кечI букIана. Дие цIакъ бокьулаан школалда малъулеб букIараб "Къадахъанги хвелги" абураб поэма. ЦIакъ пасихIго хъвараб, мацIги рекъараб, лъикIаб пикруги бугеб щвалде щвараб асар буго гьеб.

Хъазмил кескалгIадал хъачIал квераца,
Хъалахъги квартIаги кодоб босана.
ГIебаб нодоялда чапун бараб гIетI,
Чамчахараб рукьалъ кьурун баццана...

абун байбихьулаан доб. Доб бокьулаан дие. Фазу машгьурай поэтесса йиго. Пачалихъалъ, хIакимзабаз цIакъ кIодо гьаюна гьей. Жиндир машгьурлъиялда рекъараб гьунар бугин дида абизе кIвеларо, амма пасихIлъиги, мацIги, шагIиралъул ракIги Фазул букIиналда дир щаклъизе бакI гьечIо.

Ахираб заманалда дида хъатIулеб жо гьелъул дихъе кодобе щвечIо. РакIалда буго 2001-билеб лъаларо 2002-абилеб лъаларо соназ Авар театралда авар поэзиялъул кочIол сордоялда долъ цIалараб лъикIаб кечI.
Жиндие вас камиялъул, жинда бихьараб къоялъул цеберагIиги гьабун букIана Фазуца гьениб.
«Бигъараб гIомо» букIана гьеб кечIалда цIар. ТIаде балагьун, гьимулей, кIалъалей, баркиял гьарулей, тостал абулей жий йихьулей йигониги, рекIелъ жий гIодулей йигин абураб магIна букIана гьеб кочIол. ЛъикIал образал рукIана гьеб кочIолъ.
ТIахьазда, газетазда рахъарал гьелъул асаразул дида хъатIулеб жо дида батичIо».

«Миллат» газеталъул гьумеразда кIудиял бахIсал рукIана ахираб заманалда
Фазу ГIалиевалъул цIаралда сверун. РукIана гьей еццун хъваралги какун хъваралги макъалаби ва кагътал. Щибха букIараб гьелъие гIилла?

БисавгIалиев МухIамад : «Фазу ГIалиевалъул хIакъалъулъ цо макъала бахъиялъе багьаналъун ккана "Махачкалинские Известия" газеталда жийго Фазуца бахъараб макъала. Гьелда хъвалеб букIана ГIабдурахIман Данияловасул заманалда гьесги Расул ХIамзатовасги гьелъие хъвадарухъанлъиялъулъ гьарулел рукIарал квал-квалазул, гьез жиндие нух къаялъул.
Аваразул миллияб газета хIисабалда нижеда гьеб хIужа кIвар кьечIого тезе кIвечIо. Нижеца гьеб макъалаги бахъана, гьелда тIаса редакциялъул пикруги хъвана. Гьелда тIаса хъвадарухъан Майсарат МухIамадовалъ бачIараб макъалаги кьун букIана, рукIана жеги хитIабалги. Киналго кагътазе нижеца бакI кьечIо. Гьеб букIана цо макъала.

КIиабилеб букIана- хундерил телевидениялъе Фазуца кьураб интервью. Доба бицунеб букIараб цояб кепаб цогияб рекъечIеб- магIарул гIадатазде данде ккечIеб гIемераб жо букIана доба. Прессаялъул аслияб масъала буго гIадамазда жалго ругеб хIалалда рихьизари. ХIасилал жалго цIалдолез гьариларищха. Нижеца хисичIого бахъана долъул гара-чIвари.
Фазудаса рикIкIад ругел цIалдолезул цоязе кеп щвана, цогиязул ццим бахъана. Гъолдехун тIаса-масаго валагьарав цониги чи вукIинчIо. Фазуда сверун ругел чагIи лъугьана гъой инжит гьаюн йигин, гъоб рекъон гьечIин, гъоб щай бахъарабин абун ахIдезе.
Дица дозда гьикъулеб жо букIана Фазу нужер кумир ятани, калам хисичIого долъ абураб жоялдаса нуж нечолеб мехалда, гьей кинай кIудияй шагIирги гIакъилай гIаданги йикIунейин абун?».

ЭР: Щиб букIараб гьениб гьедигIан кепаб?

БисавгIалиев МухIамад : «Масала, рекъараб бугищ магIарул чIужугIаданалда дица жий рикIкIунин кутакалда лъай бугей чIужулъунин абизе, дица цIаличIеб тIехь дунялалда батуларо, дун щвечIей пачалихъги дида рихьичIел гIадамалги ратуларо ва гьезда релъараб абизе?
Гьединал жал рукIана гьенир. Нижеца юмор хIисабалда лъураб гьеб макъалалъе Фазу къабихI гьаби мурадалда лъураб бугин батIи-батIияб магIна кьолел чагIи раккана.
Нижер масъала букIана, бокьарав халкъалда цеве вугев чиясда, прессаялда букIа, данделъиялда букIа, берталъ букIа кIалъалеб мехалда лъазе ккола гъол жидехъ гIенеккарал чагIи гIабдалзаби гуреблъи, халкъалъ пикру гьабулеблъи. Гьеб мурадалда кьун букIана нижеца гьеб».

Жинда тIасан хъвалелде ва бицунелде жийго Фазул кинаб бербалагьи бугеб? Гьеб суал нижеца кьуна Фазу гIадан хIисабалда лъикI лъалей журналист МухIамадова Маризае.

МухIамадова Мариза
МухIамадова Мариза
МухIамадова Мариза: «ШигIру, шагIир кIудияв вугевгIан кIудиял рукIуна досда тIасан рицунел жалги. Лъиданиги квеш букIунареб, лъиданиги хъвалареб, лъидениги хъублъи рещтIинабулареб асар лъицаниги цIалуларо».

ЭР: Жийго Фазул кинаб бугеб тIасанкIалъаяздехун бербалагьи?

МухIамадова Мариза: «Дуда бихьанищ цониги дуда тIасан хъвараб жоян гьикъидал долъ гьикъула: «Лъица гьеб хъван бугеб, гIелмияб институталъул хIалтIухъанасищ, докторасищ, аспирантасищ, студентасищ, щиб хъулухъалъул ва хIалтIи-пишаялъул чи гьеван? ГIадамаз къимат гьабулев чи гьев ватани, босе дихъе, дица цIалила гьеб. ГьечIев ватани, дица гьеб цIалуларо»,-ян абула.

ЭР: Щибго гIелмиябги цIар гьечIев гIадатияв цIалдолес хъваралъул яги абуралъул кIвар букIунарищ Фазуе?

МухIамадова Мариза: «ГIадатиял гIадамаз гIемерго лъикI хъвала гьелъул хIакъалъулъ».

Маризаца бицана Фазуца абулин живго вокьуралев чиясе гIадамалги рокьуларин. Жиндир жиндехунго бугеб рокьиялъ гIадамазе пайдаяй йикIине жиндие къуват кьолин абуна Фазуца тIадехун рехсараб «ГIаданги, ГIамалги, Заманги» абулеб программаялда.

Фазу ГIалиева: «Дун диего кутакалда йокьула! Гьелъ кьола дие бихьинчилъи- (ккаралгун ред.) яхъизе, дирго цIар цIунизеги, гьас гьабурабги дос гьабурабги жо дица гьабизе бегьунгутIи бичIчIизеги. Дун йиго киназулго берзукь. Дагьазда рихун ятани, гIемерисезе йокьула дун Дагъистаналда. Гьединлъидал, дун диего цIакъ йокьула. Дица абулеб буго гьаб бакIалда- Фазу ГIалиева Дагъистаналъе кутакалда камизе йиго! ЦохIо дица гуребги, дидаса гIемерго лъикI хъвадарулелги рукIаги руччаби, амма дицагIадин ракI-ракIалъ руччабазеги кумек гьабулей, дунгIадин ракI-ракIалъ гIадамаздаги гурхIулей, дицагIадин ракIбацIцIадго кинабго жо гьабулей чIужугIадан гIемер ятизе гьечIо. Дун камизе йиго нужее кидаго!»

Халкъияй шагIир абураб цIар Фазу ГIалиевалъе кьун букIана I967 соналдаго. Гьей гьединго йиго мунагьал гьечIев хIаварияв (апостол) Андрей Первозванныясул орден гIуцIаралдаса нахъе Россиялдаго гьеб щварай тIоцеесей чIужугIаданги. Гьелъие гьеб кьун букIана 2002 соналда. Амма шагIир ва хъвадарухъан Фазу ГIалиеваелъе бищунго бокьулеблъун буго «Россиялъул чIухIи» абураб орден.

Дагъистаналъул жамгIияб гIумруялда Фазул ГIалиеваелъул хIаракат халлъичIеб мехго гьечIин абизе бегьула. 15 соналъ гьей йикIана Дагъистаналъул ТIадегIанаб Шураялъул нухмалъулев хисулейлъун, 70-билел соназдаса нахъе гьелъ бетIерлъи гьабулеб буго «Дагъистаналъул чIужугIадан» абулеб журналалъеги, рекъел цIуниялда сверун Дагъистаналъул комитеталъеги. Гьей гьединго ккола «Дагъистаналъул руччабазул Шураялъул» нухмалъулейлъунги.

Дагъистаналъул руччабазул ургьибе Фазул рагIи бищунго гъваридго бортун букIанин абизе бегьула Афгъанистаналда советиял аскарал рукIараб заманалда. Гьениб хъулухъ гьабулеб букIана гьелъул вас ГIалицаги. Гьеб заман жиндаго ракIалда чIараб куцалъул бицунеб буго БисавгIалиевас.

БисавгIалиев МухIамад : «Дида ракIалда буго росулъ дир эбелалъ, яцалъ, цо-цо руччабаз Фазуца васасде хъвараб поэма «ХIакъикъат» газеталдаса цIалулеб букIараб куц.

ГIалица чIварай дун чIаголъиларо,
ЧIунтIараб рекIелъан тIегь баккиларо...

Гьедин хъван букIана гьениб. Руччабаз лъикI хъван бугин абун цоцае цIалулел, гьезие рокьулел асарал рукIана. Дун гIолохъанчи доб мехалда гьеб темаялдаса рикIкIадав чи вукIана. Дица гьелъие кIвар кьун букIинчIо. Амма дун божула гьел мухъал рекIедаса хъварал рукIиналда».

Ахираб заманалда Дагъистаналъул ва хасго магIарул интеллигенциялъул цо-цо вакилзабаз Фазу ГIалиевалда гIунтIизабулеб буго хIакимзаби рокьиялъул, гьел реццун кучIдул гьариялъул гIайиб. Фазу яхараб даражаялда ругел ва ФазугIадай цIар бугел хъвадарухъабазда рекъечIеб ишлъун бихьулеб буго гьезда хIакимзаби рецци.

БисавгIалиев МухIамад: «ХIакимзаби рокьула цIакъ. Хъвадаризе байбихьаралдаса нахъе бугеб унти буго гьеб. Бищун хIурмат гьабулев политик вугила МухIамадгIали, Россиялда бищун хIурмат гьабулев чи вугила Путин, дов хисун хадув вачIарасеги гьебго жо. Досде щезегIанги... ГъалбацIовасе ахиралда кьураб интервьюялда бицунеб буго кутакалда Пушкин вичIчIулила МухIамдгIалидаян. Симонов цIалулаанила Брежневас...

Къокъго абуни, Фазу ГIалиева йиго пасихIаб мацIги бугей, шагIиралъул ракIги бугей, хIакъикъияй поэт. Долъул ругелщинал асарал данде гьарун тIехь бахъизе дир рес букIарабани дица 30-40 цIакъ лъикIаб кечIги тIаса бищун цо лъикIаб тIехь гьабилаан. Гьеб буго дир хасаб пикру, цогиязда гьелда разиял рукIине тIадаб гьечIо».

Хъадарухъанлъи ва журналалъе бетIерлъи гьаби гуребги буго жакъа Фазу ГIалиевалъул цоги кIвар кIудияб хIалтIи. Гьелъ кумек гьабулеб буго кире рортаниги, лъихъе ахIаниги кумек щвечIел гIадатиял гIадамазе. Гьелъул нижее бицана МухIамадова Маризаца.

МухIамадова Мариза: «Радал яхъуна тIаде, къаси рогьинегIан кьижизе кIвечIого унтараб добго бетIергун. Яхъиналдего бачIуна гьаниса-добаса ахIун. Жиндирго унтуде регIизе толаро гьабизе кколебщинаб жоялъул гIемерлъиялъ. ХIалтIи, хIалтIи, хIалтIи!

ТIахьал цIалула, гIадамал тIаде къабул гьарула, дозул къваригIелал тIурала. Бищунго гIемер рачIунел руго спецоперациязул заманалда рукъ биххарал чагIи. ХIукуматалъ кьелин компенсация абун тарал, хадур рортизе бакI камурал гIадамал гIемер рачIуна гьелъухъе. Щивасул мурад тIубан хIакимзабахъе ахIула гьелъ. Пуланав чи вачIине вугин гьесул хъулухъ тIубайин абун хъулухъчагIазда гьезул мурад тIубазабуралги чанги рукIана хIужаби.
Дунялалда тIад бищун тIоцевесевги бищунго ахирисевги чи къабул гьавула гьелъ гьаригун, тIубазеги тIубала гьезул мурад, гьитIинаб лъимергIадин гьез бицарабщиналдаги божула».

Маризал рагIабазда рекъон Фазул рокъоб цо стол цIун букIуна дарабазул, цогидаб кагъталгун тIахьазул. ШагIиралъул ахирисел асарал рехсолел ва гьездаса цо-цо мухъал цIалулел руго Маризаца.

МухIамадова Мариза: «ГIемерал руго магIарул мацIалда хъварал къокъалги халаталги кучIдулги, къуватал поэмабиги. Дагьаб цебегIан гIурус мацIалда къватIибе бачIана «Цена добра» («ЛъикIлъиялъул багьа») абураб тIехь. МагIарул мацIалда къватIибе бачIана «Дун такрарлъиларо» абураб тIехь.

ГIуж бан толеб буго щибаб харида,
Хъат хъван толеб буго щибаб ганчIида,
Дун гьаб дунялалда пархараб лахIзат,
ХIайранлъун гьаниб тун ина хобалъуй...

Гьанир кьолел руго Фазу Гiалиевалъ ахирал соназда хъварал цо-цо асарал

ЭБЕЛАЛЪУЛ ХЪАХ
IАБ ШАЛ
(поэма)

ГIазу гIадинаб хъахIаб,
Нахъа терек угьараб,
Расен гьабун ясаца,
Халатаб симис бараб,
Шал, кодобеги босун,
ХьвагIун ботIрода чIвана.
Лага тIуркIараб гIадин,
Дун йорхалъун ячIана.
МагIарул шал – ясазул
Лугбузда тIад кьурдулеб,
МагIарул шал – васазда
Сири базе гьабулеб.
МагIарул шал – ясазул
Балъголъаби цIунараб,
Чиллайдул симсазда гъорлъ
Рессун чиллайдул гъалал.
МагIарул шал – ясазул
Гьурмаде рагIад хьвараб,
Рикьун арал кьунсрузул
Ракьанлъабазда хъвараб.
Гьезда гъоркьан раккарал,
Беразулъ бугеб рокьи,
БацIцIадабги, гучабги,
Балъгоябги букIуна.
МагIарул шал – хъахIаб шал,
Гьеб рохалил гIаламат,
Бертин гьабулеб къоялъ,
Гьел къватIире рахъула.
МагIарул шал – хъахIаб шал,
Ракьда хъваларел хIатIал,
Миккидал куркьбал гIадин,
Гьелъул гIинщал роржуна.
Кьварарал мугIрул васал,
Гьелъ риине гьарула,
Гьезул берал цIвабилъун,
Гьелъ кенчIезе тIамула.
Цин восун магIарда лъун,
Гьесие къуват кьола,
Цин восун тIинде рехун,
Зигардизе тIамула.
МагIарул шал – хъахIаб шал,
БахIаралъул гьурмада,
Цебе пардав гIадинан,
Парпадилеб буго гьеб.
МагIарул шал – хъахIаб шал,
БахIарав гьебги борхун,
Дунялалъул балъголъи,
Рагьулев гIадин вуго.
Эбелалъ дие кьураб,
Дица жеги цIунараб.
Дирги буго хъахIаб шал,
Щулияб къисмат бугеб.
Квералъ гарцIалги рухьун
БацIцIадаб чиллаялъул,
Чалу гIадаб дурусаб,
Симис буго сверухъе.
Мугъзаде кколеб рахъалъ
ТIад угьун руго тIугьдул.
ТIасан жеги чи инчIеб
ЧIагояб гIазда гIадин.
Гьелда квер хъванщинахъе
Эбелалъул махI чIвала,
ЧIагоял рагIабазул,
МагIнаялъулъ гьунареб.
Гьеб махIалъ черх паналъун,
Гьурщула араб заман,
Ургьиб хIебтIуларедухъ,
ХIалакун кьабгIула ракI.
Эбел хведал кьолболъа,
Кьурун бахъун тIун араб,
ТIогьоца тараб ругъун,
Рагьун, цIилъун бачIуна.
Дун гьитIинаб мехалда
Харбазулъ рагIулаан,
Хасаб махI кьун бугилан
Аллагьас эбелалъе.
Щияй эбелалъул гьеб
Жиде-жидер букIунин,
КIигоязулъ релълъараб
Лъидаго батуларин.
ХIалбихьи гьабун бугин,
ХIалкIояв гIалимчияс,
ГIодулеб лъимер бачун,
Улбузда кодобги лъун.
МоцI бачIеб лъимер анцIго,
Эбелалъухъе кьедал,
Эсул гIодулеб гьаракь
ГIодобе буссун гьечIо.
АнцIила цоабилей
Эбелалъухъе щведал,
Дов, керенги балагьун,
Хахдезе лъугьун вуго.
Жийго гьаюрай эбел
Гьелдасан бачIунеб махI,
Гьавураб къоялдаса
Лъалеб буго лъимада…
Дирги буго хъахIаб шал,
Эбелалъ дие кьураб,
Эбелалъул махI сунтIун,
Дир би гьалдезабулеб:
Гьеб махIалъулъ тIубараб,
ТIолабго дунял буго.
Бакъ къалъун щвараб зобги
Зодихъ чIегIернакIкIалги
Гьелъул симсазда гьоркьоб
СукI-сукIун лъураб гIумру,
ГIор щвараб гьалаглъигун
Пикрабалъе чвахула.
ТIокIкIен гIемераб гьечIо,
ГIурул карачалабалъ,
ГIумру дир эбелалъул,
Бигъараб гIомо буго.
Бесдаллъун эмен лъачIел,
Мискинлъидалъ тIерхьараб,
Инкъилаб тIаде бачIун,
Росу биххун тIурарай.
Ханзабазул тухумин,
Тухумалъул бихьинал,
Туснахъаздеги ритIун,
ТIадруссун рокъор щвечIел.
Жеги лъимадул гIужда,
РагIана эбелалда,
ГIадамаца ахIулеб,
Халкъалъул тушманилан.
Данде кколел, нух хисун,
Цояб рахъалде унел,
ЙорчIами кьезе хIинкъун,
ЙихьичIеб хвел гьабулеб…
ГIемерал инжитлъаби,
Лъимадаго къулчIана,
Къояца сардал хисун,
Хеккого заман ана.
Эбел гьаризе ине
Росдал васал хIинкъана,
Халкъалъул тушман ячун,
Къисмат бигъинабичIо.
Росулъ бищун мискинав,
Дир вукIинесев инсул,
Бидулъ биараб чаран,
Чвалхана рокьул цIаялъ.
Кинаб къисмат кьуниги,
Сибиралде кканиги,
Ккараб дирго рокьуе,
МутIигIлъилилан чIана…
Дун гьезул рокьиялъул
Бокьун щварай тIегь йиго,
Эбел, яц гьечIей инсуй,
НигIматлъун кьун гьаюрай.
Инсул чIагояб гьумер
ЧIоларо дида цебе.
Бицуна гIадамаца
Дун досда релълъунилан,
ЛахIгIан чIегIераб расги,
БецIсурмиял бералги,
Дуниял хиралъиги,
ХутIун бугин дилъ цIунун.
Дида ракIалда буго,
КIиго берталъ бихьараб,
Дир эбелги эменги,
Аваданго кьурдулел.
Дун цее-цеегIан къан,
Гьезие хъат кьабгIулей,
Кьурдизе жеги гIечIей,
ГIезе гъира гьалдолей.
Берцинлъидал нур гвангъун,
Гъорлъ тIерхьарай дир эбел,
Боржун унеб хIанкъвалъун,
ХIасраталда йикIана.
ГIазу гIадинаб хъахIаб,
Нахъа терек угьараб,
Инсуца босараб шал,
БукIана тIад парпалеб.
Гьелъул гIинщал гьороца,
Кодо-кодорги росун,
Куркьбазде сверулаан,
Свери бахъулеб мехалъ.
Их рещалъун, тIад байдал,
ТIубан рагьарал гIадин,
ТIугьдулги щапулаан,
Шалида тIад угьарал.
Дида талихI абураб
РагIиги лъалароан,
Гьелъул магIна бичIчIизе
ГIун йикIинчIо жеги дун.
Амма рохел букIана,
Ихдалил лъарал гIадин,
Дилъ гьалаглъун кьабгIолеб,
Кьурдулезухъ ялагьун.
Эбелалъул гьурмада,
Нур букIана кенчIолеб,
ГIурччин хъахIилал бералъ,
Ралъад бугин кколаан.
Эмен цин накалда ккун,
Цинги свери тIад бахъун,
Роржаде цIабуцIунеб
ЦIумалда релълъунаан…
Гьеб кьурди дир рекIеда,
ГанчIида сурат гIадин,
Соназ тIад хIур ккечIого,
ХIайранлъиялда буго.
Эбелалъул хъахIаб шал,
Нахъа терек угьараб,
Анищал къасдал гIадин,
Симсал цоцалъ журалеб.
Бихьулеб буго дида,
Дунго хераб мехалъги,
Эбелалъул бахIарлъи,
Инсул гьарзаяб гIумру,
Дир жеги лъимадул гIуж,
Бессун буго гьелда гъорлъ.
БухIун уна ургьиб ракI,
Гьелъул къваридаб къисмат,
Къала магIал гIадинан,
Дир ракIалдещвеязулъ.
Къаси сапаралъ арав,
Инсул мали бачIана.ю
Эбелалъ чараб ретIел,
ТIаса бахъун бахчана.
Къоло анлъго сон барай,
Эбелалъухъ хутIана,
Ункъо гьитIинаб лъимер,
ТIатIала чIван гьарурал.
Къоло анлъго сон бачIей,
Къоролайлъун яхъана,
Ниж гIезе гьарулаго,
ГIумру къурбан гьабуна.
Къаси нахъа егана,
Радал хекко яхъана,
Хъубаб бацIцIадабилан,
БатIа бахъичIо хIалтIи, –
Больницаялъул рукъзал,
Къойил лъухьун, рацIцIана.
Мухьдахъ чуризе босун,
Чияр ретIел къачIана,
Газаялъ ракь бухъана,
Хъандироялъ бецана,
Ниж ракъизе риччачIо
Рагъул заманаялъги…
Эбелалъул хъахIаб шал,
Инсуца гьелда чIвараб,
Гъансиниб лъун букIана,
Дун кIудияй гIезегIан.
Мех-мехалъ къватIиб бахъун,
Гьури-муч чIвазейилан,
Гьеб кварида балаан.
Квералги тIасан рахъун:
«Гьаб шал чIвазе кидадай,
Мун кIудияй гIолей», – ян,
Бераз дир лага борцун,
Балагьунги чIолаан.
Дун гьитIинай ясалъул,
КIудияй ясги гьаюн,
Гьеб хъахIаб шал эбелалъ,
Хеккого дида чIвана.
Рекъон бугеб куцилан,
«Машааллагь!» бачана.
Квешаб бер ккогегиян,
ГIемер хIацIу тутуна.
Дир логол борхалъидал
Халалъиги гIечIого,
Халатал симсал ракьда,
Расандулел рукIана.
Дун матIуялда цее,
Свер-свердизе лъугьана,
Свери бахъун кьурдана,
Рохелалъ къали кьабгIун.
БичIчIун лъалеб букIинчIо
Эбелалъул шалалъулъ,
Шушун гьоркьоб лъун бугеб,
Пашманаб кьогIаб къисмат.
Инсул хобалда жаниб,
БахIарлъиги букъун гьелъ,
БахIарай дун гьайизе,
Бахъулеб бугеб жигар.
Жиб-жиб симисалда гъорлъ,
Бахчараб угьди бухIи,
РагIулеб хIал букIинчIо,
ХIайранлъидалъ тIерхьиналъ.
Бищун кIудияй йигин,
Дие кьуна эбелалъ,
Эмен хун тIокIаб чIвачIеб,
ТIеренаб дарайдул шал.
Жакъаги цIияб гIадин,
ЦIунун буго дица гьеб.
ГIемераб тIад чIваниги,
ТIаса гвангъи унареб,
Гьелда бер чIванщинахъе,
Бадиб магIу ккола дир.
Эбелги ракIалде щун,
РекIелъ угьди бахъуна, –
Гьелда бихьанщинаб къо,
КъулчIарабщинаб захIмат,
Ниж гIезе гьарулаго,
ГIазабалъанги лъедон.
Дица гIемераб ретIел,
Садакъаде бикьана,
Дун ракIалде щвеялъе,
Гьудулзабазе кьуна.
Рикьана ботIродаса,
ТIаса рахъун шалалги,
Щибалъухъ дир гIумрудал,
ГIисинккун къисмат лъурал.
Амма адаб хIурматгун,
ХIасратаб гъираялда,
Эбелалъул хъахIаб шал,
ХъахIлъиялда цIунана.
МагIарул шал – хъахIаб шал,
Эбелалъул махI бугеб,
Эбелалъул рохелги,
Угьдиги симсалъ лъураб.
БотIрода чIванщинахъе,
Дилъ пашманлъи рещтIунеб,
Пашманлъиялъ кверги цIан,
Лъимерлъуде ячунеб.
Эбелалъул хъахIаб шал,
Дие къимат кIудияб,
Къимат гьабун лъицадай,
Дида хадуб цIунила.
Кодоб босанщинахъе,
Бадиб магIуги бетун,
Ралагьиладай гьелъухъ,
Дир васазул ясалги.
Дида гIадин ракI унтун,
РекIелъан рухIел чвахун,
РакIалде бачIинадай,
Дир гIумру гьел ясазда.
Симсалъ бессун хутIараб,
Дир магIу бихьиладай,
Угьараб терекалъулъ,
Дир угьди рагIиладай.
Жакъаги дир мацIалда,
ЦIар буго эбелалъул,
Ургъалил гьир баччидал,
Гьелда хитIаб гьабула.
Гьелъул букIараб сабру,
Свак лъалареб чIаголъи,
Свин гьечIеб ракIалъул цIва,
Нижей бикьулеб хинлъи…
Дур магIу, эбел, дица
Данде щай бакIаричIеб.
БакIарун гIертIахъе тIун,
ГIумруялъго цIунизе.
Дур бухIараб угьди щай,
Щибаб нухалъ къан кквечIеб,
Киналго тIатIала чIван,
ЧIегIер кьуру гьабизе.
Дихъ хутIараб хазина,
Дур харайдул шал буго,
Щибаб симсилъ сукIун лъун.
Дур къваридаб къисматгун.
Дица дунял сверана,
Самолетазда рекIун,
КIудиял улкабазул,
Музеязда тирана,
Амма щиб бихьаниги,
Сундухъ балагьаниги,
Эбелалъул шал гIадаб,
ГIаламат данде чIвачIо.
Дица цIаланщинб тIехь,
ТIатIала лъун сокIкIани,
Дунялалъул хъулбузулъ,
Цоги хъала борхила,
Амма би гьалдезабун,
Дун гьалаг гьаюразги
Эбелалъул шалалъгIан,
ГIемер гIодизайичIо…
Дагъистаналъул ясал,
Нужеде дир аманат,
Улбуца нахъе тарал,
Шалазул къимат гьабе.
Даим гьелъулъ букIуна,
Эбелалъул канаб нур,
Кодоб босанщинахъе,
Нилъер бидулъе унеб,
Даим гьелда букIуна,
Эбелалъул хасаб махI,
Хахараб керемалъул,
Рахьдадаса гIадинаб.
МагIарул шал – хъахIаб шал,
Нахъа терек угьараб,
Расен бухьун сверухъе,
Симис рекъезабураб.
МагIарул шал – щибалъулъ,
Жиндирго къисмат бугеб,
Къварилъиги рохелги,
Биххун куназулъ лъураб.


АРАЛ ГIАСРАБАЗУЛ КЬАЛБАЛЪЕ РАККУН

Арал гIасрабазул кьалбалъе раккун,
Кьаву тIад чIвачIого гвангъун ратарал,
ГIакъиллъи, гIадатлъи босизе лъараз,
Гьелда тIад гIемераб хазина лъола.
Жидергоги гIакълу гвангъун бачIуна,
ГIасрабаз биараб месед холаго,
ГIемер жо бичIчIула, гIемер жо лъала,
ГIумруялъул магIна цудун рагьула.
ХIалтIулъе тIерхьуна дунял гIуцIула,
ГIадам вокьиялъул иццал рорчIула,
ЧIвала гIадалъ жо бан гIасилъи-хъублъи,
Аллагьасда мугъ чIван нухалги рорхун.
Хвалде ине рукIин ракIалдаги ккун,
Жиндаго тIад лъураб налъи борхула,
Налъи буго лъикIлъи ракьалда гьаби,
Рокьигун гIадамалъ гIадатлъи цIуни.
Умумуца тараб хазинаялде,
Хазина кунчIулеб канлъи-лъай рехи,
Рижараб ракь бокьи, рахьдал мацI цIуни,
ВацIцIадав чи вугин гIадамаз цIар лъей.


УНКЪМУХЪИЛАЛ


Нилъеца гьарурал мунагь гъалатIал,
ТIасан гIор аниги рацIцIалъуларо,
Гьел рацIцIад гьарулеб зам-зам лъин буго,
ЛъикIлъи гIадамазе гьабизе кIвани.
* * *
Божуге кинабго бихьанщиналда,
Берцинаб бугилан хIайранлъулезда,
Дагьалги цIакъ хIинкъун нахъегIан къан чIа,
Квешлъи балагьулеб агьлуялдаса.
* * *
Щиб къо бихьаниги цо дару сабаб,
«Сабру, сабру», – йилан кьолел гIакълаби,
Сабруги биххула хIатIикь кьурулъун,
Васал рукъулелъул улбузул чорхолъ.

* * *
Дир гьитIинаб рекIелъ кIудияб гIишкъу,
ГIазу тIаде бараб цIералъ бухараб,
Бураназ рахъ-рахъалъ хъамал гьабураб,
ГьедигIан бацIцIадго киндай хутIараб.
* * *
Цо лахIзаталъ сабру гьабизе кIвечIес,
КIудиял кьураби къулчIизе ккола;
Кьвагьун гулла гIадин рехараб рагIи,
ГIарадалъун кьвагьун нахъе буссуна.

* * *
Чан нухалъ хьуцIилъ къан гъанкъулей дихъе,
Анищалъ бегьараб баракатаб квер,
Гьелъ къватIийги яхъун гIумру гьабеян,
ГIурччинал мугIрузде дун щвезаюрай.

* * *

Цо гIасияб загьру гIадамахъ бугеб,
Даим гIорцIулареб гIасияб гучаб,
Чиялъ жахIда гьабун тенколел борхьаз,
Жалго жидецаго жанисан кунеб.
* * *
Армиялъ ярагъалъ хIинкъи кьуниги,
ХIаким вокьиялъе квербакъуларо,
Улкаялъул къисмат кодоб кьурасе,
Шапакъатлъун буго халкъалъул рокьи.
* * *
Беразда бахараб сурмаялъ гуро,
Сунареб берцинлъи ясазе кьолеб,
Сабруги, чIухIиги, намусги цIунун,
ЦIодорлъи гьабидалъ буго берцинлъи.

РекIеда рухIалда тIатIи рекIани,
ТIатIилъун гIунула гIакълудахъ пикру.
Гьеб борхьица букъун, къокIоца кванан,
БукIараб лъачIого лъараниб уна.
* * *
Дун гьедигIанго цIакъ херлъунищ йигей,
Данде кканщинаца рецц-бакъ гьабизе,
БукIараб берцинлъи гIоралъищ араб,
«Дур берцинлъи щиб?» – ан хIикмат гьурщизе.

* * *
Нилъерго гъалатIал ричIчIизе ккани,
Нахъа тарал сонал самизе ккола,
КигIан саманиги, гIомо къаниги,
ГIумруялъул сонал нахъруссунаро.

* * *
Бищунго кIудияб гъалатIгун мунагь,
Нилъерго гъалатIал чияде рехи.
Гьелъ гъалатIазда тIад гъалатIал лъола,
ГъалатIазул гъонолъ гъанкъун хвезегIан.

* * *
Заманаялъ кьола кьварарал дарсал,
КьватIелал рекIеда рахъула нилъер.
Заманаялъ ругънал сахги гьарула,
Сабру дару буго нилъее кьураб.

Жакъа ккараб гъалатI тIаде ракьги хъван,
Хобалъуб лъунилан ракIчIей гьабуни,
Гьеб цIадаз чурараб чороклъи гIадин,
Замана анагIан къватIиб рехула.
* * *
Замана цебеса тIерхьун арабго,
Хадур рекерани кквезе щоларо,
Щиб пайда букIунеб цIад къотIарабго,
ЦIад кколеб буртина гъежде рехани.
* * *
Мискинлъи-пакъирлъи къун лъугIилаан,
Бикъиги хъантIиги тIагIунебани,
Биял гIодоре тIей лъугIун инаан,
Аллагьасул нух ккун халкъ чIолебани.

* * *
Мискинлъи цIунараб хасаб шартI буго,
Чиясул вацIцIалъи, роцIараб чIухIи,
ХIарамлъи рихарас, хIалаллъи ккурас,
Кидалго раларо рорхатал хъулби.
* * *
Сабру бижуларо щибаб пастIаниб,
ТIегьлъун баккуларо гIурдаллъиялда,
ГIадамаз таваккал тIамизе ккола,
ТIокI борчIараб хъачIлъи хъумур бугилан.
* * *
«ЛъикIлъи гьабе!» – абун кIуркIдулеб ицц,
РекIелъ къине тоге бакъ бухIаниги,
ТIаса босанагIан цIикIкIун беролеб,
Баракат кьун буго гьелъий Аллагьас.
* * *
БацIалги цIиркъалги кверде ругьунал,
Кутул лъугьинилан божи гьабуге,
Гьез хъурмазул гIамал гIодобги рехун,
ГIадамазе лагълъи гьабизе гьечIо.
* * *
Нилъ рокьуларезул рекIелъ понцIорал,
БокьонацIал рихъи гIадаллъи буго,
ГIинде босичIого жаваб кьечIого,
Нилъеца тани гьеб хьвердалъ кванала.
* * *
ТIотIол гIакълуялъул дарсал щибизе,
Даим хIалтIулъ бугеб тIулил наялъе,
ТIогьодаса босун даруяб гьоцIо,
Даим гIадамазе кьезе кIолелъе.
* * *
Жеги дун яхъинчIеб яхъине кколеб,
Борхалъи ахIдола унтугейилан.
Жеги лъедон тIину дида батичIеб,
Гъварилъи кIалъала лъамалъугеян.
* * *
КигIан гIемер магIу гIодоб тIуниги,
ГIазаб гьекъолаго къоял аниги,
Нахъе рачIунаро хабалалъ лъурал,
ЧIаго ругеб мехалъ кье гьезий рокьи.
* * *
ГьечIо дунялалда гIурхъи чIвачIеб жо,
ГIурхъи лъаларев чи гьев гIабдал вуго.
Бицунеб рагIулъги нилъер ишалъги,
ГIурхъи цIуни буго гIакъилъидал тIогь.

* * *
Божуге кидалго релъулездаги,
Божуге кидаго гIодулездаги,
Гьеб кIиябго гудур ракI бацIцIадазе,
ТIад къотIун мохмох лъун къор гъолеб бугеб.
* * *
ГIумругIан гIакъилаб мугIалим гьечIо,
ГIакъилазе гIакълу къойил кьола гьелъ.
Гьелъул щибаб дарсил хIисабги гьабун,
Бечелъи ботIролъе босе лъаразе.
* * *
Бищунго кIудияб гIакъиллъи буго,
Нилъго нилъецаго рачиде рачин,
Чорхолъ рессун лъурал гIунгутIабазда,
ТIад михир бачине тIохде рахъани.
* * *
ГIемер гаргадула дунго дидаго,
Дирго балъголъаби дидаго рицун,
Дирго хулжаз гIадин гьеб цIунуларо,
Гьороца унаро накку гIадинан.
* * *
ГьересигIан гIемер къинлъарулеб жо,
КъватIул гважигицин батизе гьечIо,
Гьерсица гьереси кьараги гьабун,
Гьелъ бакънал рачуна къасиги къадги.
* * *
НусцIул гьоцIойилан нилъ ахIданиги,
МацIалде гьуинлъи бачIине гьечIо,
Гьабе руцIцIухIун чIун кIвараб мунпагIат,
КIалдиб хъвараб гьоцIо гьеле гьуинлъи.
* * *
Абула замана гIемер баразда
ГIумруги бичIчIулин, бичIчIиги щолин,
БичIчIи цIикIкIанагIан, цIадулъ йиго дун,
ЦIакъго гIемер буго бичIчIулареб жо.
* * *
Нилъго нилъецаго квегъизе ккола,
Квешал ишазде цIан унеб мехалда,
ГIалхул чу гIадинан кIи квачIид рахъун,
Хъублъиялде данде рортулеб мехалъ.

* * *
Дир черхалда къарал чарамул гуллби,
Гуллаялъ рорлъарал васалъан бахъун,
БакIлъун гIодоб цIараб чорхол чIаголъи,
ЧIегIер барал улбул, угьдулел рагIун.
* * *
ГIуж бан толеб буго щибаб харида,
ХатI хъван толеб буго щибаб ганчIида,
Дун гьаб дунялалда пархараб лахIзат,
ХIайранлъи аниб тун, ина хобалъуй.

* * *
ГIемерал суратал рахъун руго дир,
Нахъе хутIаразда ракIалде щвезе,
Амма гьел сураталъ бихьизе гьечIо,
Дир бацIцIадаб ракIги, роцIараб рухIги.
XS
SM
MD
LG