МагъчIваялъе рес

Допингалъ спорталда «чIел» босун буго


Москваялда допингал тIатинарулеб лабаратория
Москваялда допингал тIатинарулеб лабаратория

Информалатазда цIикIкIунеб буго Россиялъул тIадагьаб атлетикаялда ва допингалда хурхараб скандалалъул хъуй. Допингазде данде бугеб тIолгодунялалъул Агентлъиялъ гьал къоязда загьир гьабураб докладалда абулеб буго Москваялда допингал тIатинарулеб лабараториялъул хIалтIуде гъорлъе лъугьун ФСБялъ ва Минспорталъ жидее данде кколарел тестазул хIасилал тIагIинаризелъун гьелъие тIадецуй гьабулеб букIанин.

Гьедин жидер комиссия тIаде щвелалда рехсараб лабораториялъул директорас 1400 допинг-тест тIагIинабун бугин. Рехсараб агентлъиялъ (WADA) тIадагьаб атлетикалъул тIолгодунялалъул Федерациялде абун буго Россиялъе дисквалификация гьабейин ва гьелъул атлетал къецазда гIахьаллъизе тогейин.

Гьеб кинабго байбихьун буго араб соналъул декабралда германиялъул ARD абураб кананалъ бихьизабураб фильмалдаса хадуб. Гьеб видеоялда бихьизабун буго Россиялъул тIасабищараб командаялъул екерухъан Юлия Степанова ва гьелъул рос, Россиялъул допингалда дандечIараб агентствоялъул вукIарав вакил Виталий Степановасги бицараб хабар. Гьениб гьез ракIрагьун бицун рагIула, спорталда хIалтIизаризе гьукъарал жал хIалтIизари россиялда гIадатияб иш бугилан. Гьединго цогидай екерухъан Лиля Шобуховалъги бицунеб буго гьениб 2012 соналъ Лондоналда тIоритIулел Олимпиялъул хIаяздаса жий махIрум гьайичIого таралъулъ тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ Россиялъул федерациялъ жиндихъаго гIарац босичIого таралъухъ.

Гьанже гьеб кинабго сабаблъун Россиялъул тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ россиялъул тIасабищараб команда киналниги халкъазда гьоркьосел къецаздаса, гьединго 2016 соналъ Рио-Де- Жанейро шагьаралда тIоритIизе ругел олимпиадаялъул хIаяздасаги махIрум гьаризе бегьулин хъвалеб буго информалатаз.

Россиялъул спортсменазе гьединал квал-квал гьариялъул цебеги гIемер букIана бицунеб. Мисалалъе эркенаб гугариялда жанир дандчIварал гьединал мисалазул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицунеб буго дунялалъул ва Европаялъул чемпион, Дагъистаналдаса КъурамухIамад КъурамухIамадовас. 2004 соналъ Грециялъул тахшагьар Афинаялда тIоритIулел Олимпиадаялъул хIаязда гIахьалъизе унев гьев, сапаралъ къватIиве вахъине цо къо хутIараб мехалъ допингазулаб комиссиялъ чIезавун вуго халгьабизеняги абун.

КъурамухIамад КъурамухIамадов: «Цо анкьалъ цебе Кисловодскаялде рачIун рукIана дол, амма щибниги жо гьезда батичIо. Метер Москваялде ине кколеб мехалъги, цо щаклъи бугилан рукIана гьел, амма хадусеб къоялъ балагьидалги батичIо гьезда щибниги. Анкьица батичIеб, цо къоялъ батун хадусеб къоялъ батулареб жо кинаб букIунеб? Олимпиялъул хIаязде команда ун хадуб, радалалдаса къалъизегIан анализал кьолев вукIана дун. Гьединал хIалихьатал чагIи гIемер рукIуна дора допингалъул хал гьабулеб бакIалда, цо хасаб мурад бугел. Гьелъ вукIана дун цо кьварун кIалъан гьеб допингалъул хал гьабулел руччабигун. Гьеб сабаблъун гIемераб квал квал ккана дие. Дие гуребги цогидал спортсменазеги. Ричун росизе бегьулел гIадамал гIемер руго гьеб бакIалда жанир».

КъурамухIамад КъурамухIамадовасул рагIабазда рекъон жакъасеб спорталда жаниб, хасго тIадагьаб атлетикаялда жаниб цо гьитIинабниги къадар допингалъул хIалтIизабичIого хутIизе рес гьечIилан абулеб буго гьес. Мисалалъе дудаги лъачIого ккезе рес угила дур гьеб бидулъе, макьу щвезе букIине демидрол абураб дару гьекъаниги. Гьанже допингалда хадуб халкколеб халкъазда гьоркьосеб идараялъ Россиялде гIунтIизарулел гIайибал щвалде щварал рукIине рес бугищилан гьикъидал гьес абуна гьеб цIакъ захIматб суал бугила.

КъурамухIамад КъурамухIамадов: «ЦохIо чедги хинкIги кванан тIадагьаб атлтетикаялда жаниб лъикIал хIасиалал росизе кIоларо, допингалъул цо миллиграмниги хIалтIизабичIого гьениб хутIуларо спортсменазухъа. Жакъа руго цо-цо технологиял, щуго анлъго соналдаса гурони гьенисан допинг хIалтIизабураблъи тIатинабун бажарулареблъи. Мисалалъе балагье жакъа китаялъул спортсменаз къокъаб заманалд росулел ругел чIелазухъ. Гьединал гIажаибал технологиял руго жакъа хIалтIизарулел. Гьединлъидал допингалъул суал гьеб цIакъ мухIканго гъорлъе раккун тIубазе кколеб суал буго. ТIадагьаб атлеткиа гъоб гугари гIадаб спорт гурелъул, гьенир нусго километралъ рекеризе, анцIго метралъ кIанцIизеги ккани гьениб допнинг хIалтIизабаичIого бажаруларо».

Допингалъ бахъинабураб ахIи-хIуралда хурхун «Газета. ру»,- ялъе кьураб гара-чIвариялда, тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ Олимпиадаялъул чемпион Татьяна Лебедевалъ абулеб буго рес бугила гьеб ургъунго Россиялда данде гьабураб хIалтIи букIиналд. Допингалда хурхараб дагIба-рагIиялда гъорлъе чанги батIи-батиял пачалихъал кколила, Россияги кIудияб пачалихъ хIисабалда киназулго бадиб кIалдиб къан букIунила. Гьанже бачIунеб соналъ тIоритIулел олимпиадаялъул хIаяздаса Россия махIрум гьаризе рес бугилан абураб жо уяб кколищилан гьикъидал гьелъ абулеб буго жеги гьединаб чIванкъотIараб хIукму гьечIила, кинабго бараб бугин ТIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ федерациязул халкъазда гьоркьосеб ассоциациялъ гьабураб хIукмуялда.

XS
SM
MD
LG