МагъчIваялъе рес

НекIсияб шагьар кин хвасар гьабулеб бугеб?


Чанго къоялъ цебе лъим кIанцIун балагь ккараб Дагъистаналъул Дербент шагьаралда гьабсагIаталда унел руго гIумру рукIалиде ккезабиялъул хIалтIаби.

Дагъистаналъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ лъазабулеб буго гьабсагIаталда Дербент шагьаралда хIалтIулеб бугин рехсараб министерлъиялъул спецтехникаялъул 74 машина ва 643 чи, шагьаралъул 10 батIи-батIияб бакIалда гIуцIун ругин гIадамазе бацIцIадаб лъим чIезабиялъе шартIал, киналго лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ бакIалъулаб телевидениялдаса лъазабулеб бугилан бицунеб буго.

Гьединго, министерлъиялъул официалияб сайталда лъазабухъе, къварилъи ккарал гIадамазе бикьун буго 10 тонна кванил нигIматал ва цоги къваригIарал алатал, ретIел-хьит.

Кинабго табигIияб балагьалъул хIасилал лъугIизариялъул, гIумру рукIалиде ккезабиялъул хIалтIаби тIубанго лъугIизе ругин 21 октябралдайилан тIадеги жубалеб буго. Гьединго гIуцIун буго Дербенталда къварилъи ккаразе кумек гьабизе бокьарал чагIазе хасаб бакI ва рагьун буго телефоналъул линия.

«Дербент-инфо» сайталъул редактор Сафарбеков Рустамица бицана Эркенлъи Радиоялъе гьабсагIаталда шагьаралда гьарулел хIалтIабазул хIакъалъулъ.

Сафарбеков Рустам: «ГьабсагIаталда шагьаралъул аслиял къватIал рацIцIад гьарулел руго, гьениб техника хIалтIулеб буго. Бищунго кIудияблъун кколеб Гагаринил къватI тIоцебесеб иргаялда бацIцIад гьабун буго сон церекъадго. Пачалихъиял идарабазда жидер хIалтIи бажарулеб букIин бихьулеб буго.

Проблемаби рукIаралани дида лъалаан гьел тIоцебесеб иргаялда. Эркенаб хIалалъ хьвадизеги бигьалъилищха гьабсагIат, къватIал киналго рацIцIад гьарун лъугIун гьечIелъул. Къварилъи ккарал хъизамазе пачалихъалдаса кумек щолеб бугин рагIана, мухIканго лъаларо, 100 азарго кьолеб бугилан рагIун букIана.

Кумек щвезе бокьарал ине ккола хасаб комиссиялде гIарза хъвазе ва гьелда рекъон заралалда рекъараб кумек гьаризе бегьула. ГIадамалги гIезегIан руго, кумекалъе чагIи рачIунел руго. Жакъа дида рихьун рукIана гIолохъанал чагIи релълъараб цокьераб форма ретIарал, гIага-шагарго кинабалиго цIалул идараялдаса студентал ратилин тана. ГьабсагIаталда гьабулеб аслияб хIалтIи буго къватIал рацIцIад гьари».

Цо-цо информалатазул лъазибиялда рекъон, иш гьедин лъикI гьечIо. Бицунеб буго шагьаралда ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул къуват гIолеб гьечIин, гIадамаз жидецаго гьарулел ругин хIалтIаби. «Public Post» сайталъ лъазабухъе, шагьаралда спецтехника гIолеб гьечIо, гIадамаз жидецаго рацIцIад гьарулел руго къватIалги, рукъзалги.

«Рокъобе кIанцIараб лъим цIалел машинаби руго министерлъиялъул, амма цо-цо гIадамаз бицунеб буго жидеца гьезие гIарац кьунин, гьабуларого гьез жидеда тIадаб хIалтIи. Дир хIисабалда гьаниб гIураб кумек гьечIо кигIан гIемер бакIалъулаб тIалъиялъ иш лъикI бугилан бицаниги»-ян абуна «Площадь свободы» абураб бакIалъулаб газеталъул бетIерав редактор ХанмухIамадов МухIамадица.

Федералияб министерлъиялъ Дербенталда кумекалъе битIулеб кIиго аэроплан цIураб къайиялдаса ва гIадамазул кумекалдаса инкар гьабун буго Дагъистаналъул тIалъиялъ.

Блоггер Дибирова Луизаца бицунеб буго кумекалъе МахIачхъалаялдаса рачIарал студентазе шагьаралъул тIалъиялъ регизе бакI кьечIого гьел нахъруссун ругин гьебго къоялъ. Гьелъул рагIабазда рекъон, гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазда хIалтIизе бажарунгутIи бихьизабулеб буго тIалъиялъ. Кумек гьабизе аразда гъорлъ вукIарав журналист ГIалиев Нурланица гьадин бицана:

ГIалиев Нурлан: «АхIвал-хIал гьениб гIезегIан захIматаб буго, кумекчагIи къваригIараб хIал буго. Нижер къокъаялъул вукIана 150 чи, батIи-батIиял республикаялъул цIалул идарабздаса студентал рукIана гIемерисел. РацIцIад гьаруна чанго къватI, хасго лъималазул инфекциялъул азарханаялде унеб къватI бацIцIад гьабулеб букIана, щайгурелъул гьединаб хIалалда инфекциялъул унтаби цIикIкIунелъул, гьеб азарханаялде унеб нух кIвар бугеб буго.

Хасаб техника буго шагьаралда, амма гьеб дагь буго. Кумекалъе рачIарал гIадамазе хIалтIул алатал гьечIо гIурал. Булдул, чакмаби, гьел гурел цоги къваригIарал алатал. Жибго шагьаралъулги гьел кьезе рес гьечIеб къагIида буго. Цо-цо къватIал руго жеги лъицаниги квер хъвачIел, рукIарабго хIалалъ хутIарал. ГIадамал ралагьун чIун руго кумекалъухъ.

ГIемерисезул рукъзал, азбарал лъел цIун руго жеги. Компенсация кьолеб бугин рагIана хваразул хъизамазе цо-цо миллион гъуруш гIарац, цогидазе 100 азаргоялъул бицунеб рагIана. ГIадамазул рахIат хун буго жидее гьеб щунгутIи букIинадай абун.

Администрациялда гIарзаги тун бугин, жеги гIарац щун гьечIин кIалъалел чагIи рагIана. Бищунго кIудияб проблема буго шагьаралда бацIцIадаб лъим гьечIолъи. Дербент шагьар гьадингоги лъим къанагIатаб шагьар буго, гьабсагIат тIубанго захIматаб хIал буго. Лъим бикьулеб буго шушбузухъ, амма гьеб дагь буго, гIолеб гьечIо».

Пачалихъалдаса щолеб кумекалъул хIакъалъулъ батIи-батIиял баянал руго. Щибаб хъизамалъе 100 азарго гъуруш щолеб бугилан лъазабулеб букIана Дагъистаналъул хIукуматалъул лъазабиялда, амма ахирал къоязда щибаб хъизаналъе 25 азарго гъуруш кьолеб бугилан бицунеб буго официалиял сайтаз.
XS
SM
MD
LG