МагъчIваялъе рес

Cагид МуртазагIалиев депутатлъиялдаса махIрум гьавулев вуго


Сагид МуртазагIалиевасухъа мандат нахъе босиялъул хIакъалъулъ

Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат, республикаялъул Пенсионнияб фондалъул нухмалъулев Сагид МуртазагIалиев парламенталъул данделъиялда депутатасул мандаталдаса махIрум гьавизехъин вугилан лъазабулеб буго информалатаз. Сунда гьеб бараб букIине бегьулеб, гьелда бан кинаб букIине бугеб цевеккун къуваталъул идарабаз тIадецуй гьабулев вукIарав политикасул?

Республикаялъул Халкъияб мажлисалъул депутат Сагид МуртазагIалиев ва гьев гурев цоги чанго депутатги мандатаздаса махIрум гьаризе ругилан лъазабулеб буго информалатаз. Гьеб букIине буго гIагараб парламенталъул сессиялда метер, 26 абилеб апрелалда. Щиб бугеб гьелъие гIилла абураб суалалъе Халкъияб мажлисалъул информациябгун аналитикияб бутIаялъул нухмалъулев Уллубий Эрболатовас гьадинаб баян кьуна.

Уллубий Эрболатов: «Буго хIакъикъаталда метер иргадулаб парламенталда гьединаб суал борхизе пикру. ЦохIо гьев махIрум гьавулев гьечIелъул мандаталдаса. ГьевгIан машгьурал гьечIониги, жеги лъабго депутатасухъа мандат бахъизе буго. Гьеб кинабго гьабулеб буго федералияб къануналда рекъон.

Гьелда рекъон, щибаб лъагIалил тIоцебесеб апрелалде щвезегIан хIакимчияс, ялъуни депутатас жиндирго буголъиялъул, магIишаталъул декларация къватIибе кьечIони, къануналъ ихтияр кьолеб буго гьев чи хIалтIудаса вахъизе, ялъуни депутатасул мандаталдаса махIрум гьавизе. Ахираб заманалда гьединал ишазде цIикIкIун кIвар кьолеб буго федералиял къануназ ва хIакимзабазгун депутатаз къанунал хвезариялде данде хIалтIулел руго».

Рехсараб къанун къабул гьабун букIана араб соналъул ноябрь моцIалъ. Гьелда щвезегIан муниципалиял рукIа, регионалиял ялъуни федералиял рукIа депутатаз, сенатораз ва хIакимзабаз жидерго буголъиялъул декларациял хIакъикъаталда апрель моцI щвезегIан рагьизе кколел рукIана. Амма гьеб гьабичIони къануналъ гьезие тамихI бихьизабун букIинчIо. Ахиралда къануналъ гьеб бихьизабуна рехсарал депутатал ва хIакимзаби хIалтIудаса ва мандаталдаса махIрум гьариялде щвезегIан. Гьединабго тамихI бихьизабун буго къватIисел хIукуматазда жидерго счетал рагьиялъухъ, къватIисел пачалихъазул банказда жидер гIарац цIуниялъухъ.

Щиб букIине бугеб гьев депутат мандаталда махIрум гьавиялда хадуб? Гьеб гьесие ва цогидазе гьабулеб политикияб ишарайищ, ялъуни хIакъикъаталдаги къануналъул гьел кьварарал тIалабал тIурарелищ ругел республикаялъул Халкъияб мажлисалъул нухмалъулел? Гьел суалал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ «Кавказская политика» порталалъул политикияв журналист Николай Проценкое. Гьесул пикруялда рекъон, депутатлъиялдаса гьев махIрум гьавиялдаса кIудиял гьесда хурхарал масъалаби гIезегIан руго респуликаялда.

Николай Проценко: «Сагид МуртIазагIалиев депутатлъиялдаса гьеб гьез рехсолеб гIиллаялдалъун махIрум гьави гьадингосеб жо буго дир хIисабалда. Гьев гьенисан нахъе витIизе бокьани гьеб гуреб цоги батIиял гIиллабиги ралагьазие бегьулаан. Мисалалъе, гьев республикаялда гьечIолъиялда бан, парламенталъул данделъиялде вачIине кIолеб гьечIо гьесда. Гьеб багьана батизе бегьулаан, цогидаб гьечIони. Гьеб гуреб цогидалги ратулаан. Гьеб гуро бугеб аслияб суал. Аслияб жо буго гьесул бакIалда Пенсионнияб фондалда чи тIамунгутIи хIалтIизе. Араб соналъул ахиралда гьелъул хIакъалъулъ бицунеб букIана. Кинабалиго кандидатура батун бугин, гьеб суал Москваялда роцIцIунеб бугиланцин абулеб букIана республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Амма хадуб гьеб хабар гьоркьоб къотIана ва гьале 8-9 моцIалъ Пенсионнияб фонд гьеб цо далун хутIараб гIадаб хIалалда буго. Щай гьанже гьесул мандаталъул суал борхулеб бугеб абураб суалалъе гьабсагIат чIванкъотIун жаваб кьезе захIмат буго. ГIага-шагарго гьеб батизе буго федералияб централъул тIалаб. Республикаялъул инициатива гьеб букIарабани, тIоцебесеб иргаялда Пенсионнияб фондалда гьесул бакIалда чи тIамизе хIаркат бахъилаан.

Лъалеб букIахъе, Сагид МуртазагIалиевасда тIад цIех-рехалъул идараялъ уголовияб хIалтIи гьабун буго. Гьесда ва Гъизляр мухъалъул цеве вукIарав бетIер Андрей Виноградовасда террористазе кумек гьабиялъул, чи чIваялъул ва чIвазе къасд тIамиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. ГьабсагIаталда Пенсионнияб фондалда нухмалъулесул ишал тIуралел руго МуртазагIалиевасул заместитель Руфийна МухIамадовалъ.

XS
SM
MD
LG