МагъчIваялъе рес

КIиго депортация бихьараб халкъ


Жидер район тIалаб гьабун митингалде рахъарал ГIавухъал, Дагъистан, 2014 сон
Жидер район тIалаб гьабун митингалде рахъарал ГIавухъал, Дагъистан, 2014 сон

72 сон цебе букIараб чачаназул депортациялъул дандерижи жеги рагIулеб буго Дагъистаналъул мугIруздаги.

23 февраль ккола депортация гьабурал чачаназе гуребги, аза-азар дагъистаниязеги пашманаб къолъун. 1944 соналда байбихьана зулмуялдалъун гьел Чачаналде депортациялде ритIарал гьезул рукъзабахъе гочинаризе. ХIалалаб гурони ракьалда гIумру гьабизе бокьичIого, дораса лъутун рокъоре рачIунел гIадамазда рохъо лъугьинегIан бухIун батулеб букIун буго жидерго къайи-свери. Гьеб къо бихьана Дагъистаналъул 114 росдал гIадамазда. Гьеб депортациялъул дандерижи жеги рагIулеб буго Дагъистаналъул мугIруздаги.

Дагъистаналдаса 114 росу зулмуялдалъун бахъинабун букIана Гьоркьохъеб Азиялде гочинарурал чачаназул ракьазде.

ГIадамаз кигIан дандечIей гьабуниги, хIакимзабаз толел рукIинчIо гьел доре ритIичIого (магIарухъ хъарцинаб бакIалда захIмат букIунин гьезие яшав гьабизеян багьанабиги ратун).

Харабаз ракIалде щвезабула Чачаналда чIечIого, дагъистаниял лъутун рачIунел рукIун, хIакимзабаз бухIун батулаанила гьезул мина-карт.

Цебе Хунзахъ мухъалда гъорлъ букIараб Гъоркьагьарадерихъги ТIасагьарадерихъги гочинабун букIун буго Чачаналде. Гьеб заман гьадин ракIалде щвезабулеб буго Гъоркьагьарадерихъа Къурбанил МухIамадица.

Къурбанил МухIамад: «ЧIондокьа вукIана ЧIегIерав Маликин абурав милици, гьевги вукIана вачIун ниж гочинаризе. ЦIадаса ХIамзатги (шагIир) вукIана. Гъовги гьелъие витIарав чи вукIун ватилаха. Дун гьитIинав чи вукIана доб мехалда. РакIалда буго годекIаниреги ракIарун, къаси мехалъ ритIана гIадамал. ГIочIлосаги рахъ-рахъалдасаги гIадамалги рукIана рачIун нижее кумекалъе. Буйнакскиялде щвезегIан къайи лъезе хIамул жалги рукIана рачун рачIун. Бузна кIкIалахъан ана ниж. Гьенире щвелалде сордо Инхо базе ккана нижеца. Юргъаналда тIаде гIазу ккун батана нижеда, гIурухъ регараб бакIалда. Гьеб жо кIочонаро дида…

Гьанже щвана Буйнакскиялде, хадур – Хасавюрталде. Гьенисан Чачаналде лъелго ана, 6 км-лъул манзилалда. Цинги щвана чачаназул росулъе. Гьенир минабазда тIад лахIуца щивав чиясе бихьизабураб минаялда тIад номерал хъван ратана. ГIазухъахIаб гачица бохьараб минаялда тIад лахIуца хъван батана кIиабилеб номер. Гьеб бугоан нижер хъизаналъе кьураб мина».

Чачанал тIадруссун хадур, гьарадерихъелги ана жидерго росулъе нахъруссун. Амма киназего гуро гьединаб рес щвараб. Масала, Гъуниб мухъалъул КIуяда росдада аскIоб букIараб Чарахъ росулъа гIадамал риччачIо магIарухъе. Гьезда абуна нуж Дагъистаналъул лъарагIлъиялда чIезе кколилан.

Чачан республикаялъул гьанжесеб Ножаюрт мухъалда гIумру гьабулел рукIун руго гьеб росдал чагIи.

ГьабсагIаталда Дагъистаналъул бакIал ралезул Гильдиялъул вице-президент ХIажи ХIажиев доб мехалда лъабабилеб классалда вукIун вуго.

ЭР: «Дол чачанал тIадруссун рачIаралго, дозищ нужеда абураб нахъе аян, хIукуматалъищ?».

ХIажи ХIажиев: «Ниж рукъалъ рукIарав чи цIакъ лъикIав чи вугоан. Лъабабилеб классалда цIалулев чи вукIана дун 1957 соналъ тIадвуссун гочунеб мехалъ. Гьеб рукъалъул бетIергьан вачIана нижехъе гьадинги-гьадинги бугин иш, жив вукIине вугин гьаб минаялъувилан. Эменги гьевги цадахъ гIодорги, чIана, дагьаб дагьаб жоги гьабуна.

ЦIакъ бечедал ракьал руго чачаназул. Гьезул буго кIудияб рохь. Ниж, пионерал, рачунаан гьезул рохьоб бижараб пихъ бакIаризе. Гениги, гIечги, цIибилги, камураб пихъ букIун батиларо гьезул доба.

Цоги ракIалда буго. Гьес абуна инсуда жив цо бокьове ваккизе бегьилищилан? Гьесул бугелъулха бокь, чан сон нижеца гьесул доба бан батаниги. Гьеб мехалъ вачIана бокьоса къватIиве НикIалайил заманалъ букIараб анцIго гъурущги босун. ГIалихIажи, гьаб дур васасе бугиланги абун. Гьеб мехалъ эбелалъ инсуе питна гьабуна, жиндица дуда абун букIинчIищила бокь биххейилан, биххарабани нилъеда батилаанила гьеб гIарацилан. Инсуца велъулаго абуна дуеялдаса чачанасе насибаб букIун бугин гьебилан.

Риидал заман букIана ниж нахъе гочунеб мех, къайи тIад лъезе киназухъего кIудияб автомобиль кьуна. Гьезул рохьоса инсуца къотIарал гIурдул рукIана азбаралда сокIкIун. Гьев чачанас абуна инсуда, дуца гьел цадахъ росейин, щайгурелъул жинда лъалин цIияб бакIалда букIунеб хIал. Казахстаналда цIорон холеб бакIалде рехун рукIаралъулин жал. ГIебеде щварал мехалъ гьел гIурдузул кмекалдалъун бана нижеца мина, гуребани киса нижее цIул щвезе букIараб?»

1957 соналда Чачаналдаса тIадруссунел дагъистаниял магIарухъеги риччачIого, лъарагIлъиялде ритIун руго – гьанжесел Гъизилюрт, Хасавюрт мухъазул ракьал ккола гьел. Гьелъул магIна букIун буго лъарагIлъиялда ругел ракьал цIи гьари. Гьедин гIадамаз байбихьун буго хьуцIал ракъвазаризе, гIуру къарал ракьал рекьизе. Бакъул унти ккун, ракъун гIемер чи хун вуго гьенив. Гьез гIумру гьабулеб букIун буго ракьулъе рухъарал хандакъал гIадал бакIазда жанир. Жидер рукIа-рахъин дагьабниги гIадамазулалда релълъинегIан, жидерго лъимлаги гьез шагьаразде интернатазде ритIулел рукIун руго.

Чачаналде 114 росу зулмуялдалъун битIун букIаниги, Дагъистаналда гIицIго тумал гурони депортациялда букIараб халкълъун рикIкIунеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG