МагъчIваялъе рес

«Буюрана кIочон тезе»


Пётр Грузинский. "Жидерго росу толел кавказиял".
Пётр Грузинский. "Жидерго росу толел кавказиял".

Гьалкъояз Истанбулалда тIобитIана ГIурус-Кавказалъул рагъ лъугIаралдаса 150 сон тIубаялда хурхараб жамгIиябгун-гIелмияб конференция. Гьелъулъ гIахьаллъи гьабуна жибго Кавказалдаса рачIарал гIалимзабазги, жамгIиял хIаракатчагIазги, къватIисел улкабазул тарихчагIазги, ХIХ гIасруялда Туркиялде гочарал мугьажирзабазул наслудул чагIазги. Дандбалеб букIараб аслияб суал –жакъа Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал. Киналго гIахьалчагIи абулаан гьениб геноцид халат бахъунеб бугин. Гьелъие гIемерал мисалалги рачIун рукIана.

ГьанжелъагIан цокIалаб пикру гьечIо тарихчагIазда гьоркьоб – кида ГIурус-Кавказалъул рагъ лъугIарабали абураб суалалда бан. Цояз ахирисеб тIанкI лъолеб буго Гъуниб магIарда Шамил имамас гIурусазулгун къотIи гьабун, ярагъ гIодобе лъураб къоялда, ай 1859 соналъул 25 августалда.

Цогидазул хIисабалда рагъ ахиралде щвана 1864 соналъул 21 маялда Чергессиялда. Гьениб гьелда абула – Пашманлъиялъул ва зигардул къоилан ва щибаб соналъ ракIалде щвезарулел руго доб рагъул къурбаналги ватIаналдаса ГIусманияб Империялде гочулеб мехалда гIурус аскарияз чIварал мугьажиралги.

Доб кIиябго тарихияб хIужаялдаса нахъе ГIурус Империялдеги большевиказдеги данде къеркьей жеги анцI-анцI соналда жаниб халат бахъулаан Шималияб Кавказалда. РакIалде щвезаризин аслиял.

1877 соналда ТIолго Дагъистаналда ва Чачанлъиялда багъарана къокъаб шаригIатилан абураб къеркьей. Гьелъул бетIерлъуда рукIана чачаназул имам ГIалибег-ХIажи ва Дагъистаналъул имам МухIамад-ХIажи.

1925 соналда ахиралде щвана Нажмудин Имамасул гъазават. 1929 соналда Чачанлъиялда НКВД-ялъул аскариязде данде рагъ багъарана Шита Истамуловас, 1920 соналдаса байбихьун КIудияб Ватанияб Рагъде щвезегIан ХIасан Исраиловасул ва Майрбек Шариповасул бетIерлъуда гъоркь Чачанлъиялда унеб букIана Советияб квершеллъиялде данде къеркьей.

Гьаб нилъер заманалда Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалде балагьун, рагъ ахиралде щун буго ян кинха абилеб? - Гьадинаб суал кьолеб буго конференциялъул гIахьалчи Генуб росулъа МухIамадов Шамилица.
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:13 0:00
Интернет-мухъ

ГIурус-Кавказалъул рагъ лъугIаралдаса 150 сон тIубаялда хурхун Истанбулалда гIуцIараб жамгIиябгун-гIелмияб конференциялда гIахьаллъарав чачанав Абу-ХIамза АхIмадица гьадинаб баян гьабуна нижер программаялъе.
"Чачан халкъалъе тарихалда жаниб Россиялъ гьабулеб зулму" абураб Туркиялда къватIибе биччараб тIехь
"Чачан халкъалъе тарихалда жаниб Россиялъ гьабулеб зулму" абураб Туркиялда къватIибе биччараб тIехь
Абу-ХIамза АхIмад: «Нилъер гIаммаб Ислам-динги, гIаммаб ракьги, гьале 400 соналда жаниб нилъее гIазаб-гIакъуба кьолел гIаммал тушбабиги руго. Хасго гьел тушбабаз нилъ гIагараб ракьалдаса нахъе гъуна, нилъер ватIан бахъана.

Ва гьезда ккола жал бергьанин. Амма рагъ халат бахъунеб буго. Гьал тушбаби биххизабулаан нилъер ракь, чIвалаан нилъер умумул. Хасго гьеб балагьалъ нилъ цолъизарула.

Гьал тушбаби жакъаги хисичIо. Гьезул бетIерлъун ккола Владимир Путин. Гьез кIодо гьабулеб буго Кавказалда тIад жидее щвараб бергьенлъи. Ва нилъеда тIадаб буго гьезде данде чIун, дунялалде бихьизабизе гьаб гъозул пуланаб бергьенлъиялъул хIакъикъияб багьа.

Гьеб ккола некIо заманалда Пирр абурав бетIергьанас босараб бергьенлъиялда релъараб. РакIалде щвезарилин гьесул рагIаби. Жиндир аскаразул цIикIкIараб къадар камидал, гьес абуна "Гьадинабго бергьенлъи дие нахъеги щвани - дун къуна".

Гьале жакъа нилъ гьанир данчIвана дунялалде гьаб нилъер цолъиги хиялги бихьизаби мурадалда. Нилъеца гIаммал гьабулеб буго дунялалде бихьизабизе ва бичIчIизабизе Кавказалда халат бахъунеб зулму. Рагъ гьоркьоса къотIун гьечIо. Ва гьеб рагъ халат бахъине буго тушбаби нилъер ракьалда рукIинегIан. Я Дагъистаналда, я Чачанлъиялда, я Гъалгъастаналда кIвеларо залим бегизабизе ратIа чIун.

Гьединаб бергьенлъи щвела нилъ цолъани. Гьале ватIан камурал язикъал нилъ жакъа баркала кьола Туркиялъул хIукуматалъе хIакъикъияб рагIи бицине гьелъ нилъее рес кьун букIиналъухъ.

Нилъеца бицен гьабулеб буго нилъер халкъазе гьабулеб геноцидалъул ва ункънусго соналда жаниб нилъ хIехьолеб гIакъубаялъул. Ва гьелъ нилъее дагьа-макъаб гIаги паракъалъи кьола. Батизе бегьула гьаб нилъер ахIиялъухъ гIинтIамулеб дунялалъ нилъер балагьалъе цIикIкIараб кIвар кьезе бугин абураб хьулги хутIулеб буго нилъер.

Гьале гьаб нилъер конференциялъул аслияб мурад. Нилъеца дандбалеб буго нилъеда цебе бугеб масъала. Масъалайин гьадинаб буго - гIун бачIунеб гIелалъе насихIат кьей. Кин цолъизе бегьулебали, кин эркенлъиялъе гIоло гьабулеб къеркьей гьабизе кколебали. Гьелда тIаса чанго пайдаяб гIакъу кьун буго гьениб».

Лъалеб букIахъе жиндир заманалда Гуржистаналъул парламенталъ XIX гIасруялда букIараб захIматаб гочин рикIкIана гIурусаз чергессазе гьабураб геноцидлъун. Гьалкъояз Шималияб Кавказалъул хIаракатчагIазул къукъаялъ Украиналъул парламенталдеги буссун гьарана, доб зулму геноцидлъун рикIкIеян абун.

1944 соналъул 23 февралялда чачанал ва гъалгъал гIагараб ракьалдаса гьабураб депортация геноцидалъул хIужалъун 2004 соналда рикIкIана Европарламенталъ. Амма гьеб къо ракIалде щвезабизе гьукъун буго Чачан
Республикаялда.
1944 соналъул 23 февраль. Чачан халкъалъул депортация
1944 соналъул 23 февраль. Чачан халкъалъул депортация
Гьеб гуребги – советияб заманалдаго гIадин гьукъулел руго гьеб темаялда хурхарал тIахьалги фильмалги. Ахирисеб мисал бачунеб буго «Буюрана кIочон тезе» абураб киноялъул продюссер Руслан Каканаевас.

Руслан Каканаев: «Депортациялъул хIакъалъулъ кино бахъизе некIо бокьилаан нижее, нижер гъалгъазулгун чачаназул жамагIаталда. ВатIаналдаса нахъе гъурал Кавказ халкъазда гъорлъ бищун кIудияб халкълъун рукIана вайнахал.

Гьеб балагь киназего кIудияб балагьлъун ккана, гьединлъидал гIадамазул хIисаб гьабизе кколаро гьелъул хIакъалъулъ бицулаго. ГьанжелъагIан халкъ хIехьолеб буго доб зулмуялъул хIасил. Гьеб бихьула квершеллъиялъулгун бугеб гьоркьобакIалдаги, рукIа-рахъиналъул шартIаздаги.

Хасго гьеб сабаблъун баккана пикру кино гьабизе. Доб заманалда бищун захIматаб, бищун кьогIаб къисмат букIана сакъатал, херал ва унтарал гIадамазул. ХIатта хьвадизецин рес гьечIел гIадамазул. Хасго цо гьадинаб хIужа нижеца бихьизабуна бахъараб фильмалда. Хасго Хайбах росулъ лъугьа-бахъараб.

Доба НКВД-ялъул хъулухъчагIаз аскарияз унтарав, херав чи чIвана I944 соналда. Гьалеха пикру баккараб мехалда хIажалъи ккана сценарий хъвазе. Дица гьеб хIадурги гьабуна. Чанго вариант букIана. Гьелдаса нахъе дун дандчIвана Заурбегов СултIангун. Гьесги жиндирго сценарий хIадур гьабун букIана.

Нижеца гьеб кIиябго сценарий цоцаде жубан, цогояб гьабуна ва кьуна гьелъие "МухIур" абулеб хIалтIул цIар. Гьеб букIана 2011 сон. Нижеца Россиялъул маданияталъул министерлъиялде хитIаб гьабуна.

Гьелда цебе бугеб кинематографиялъул департаменталъ нижеде лъазабуна "Миллияб фильм" абулеб къецазда гIахьаллъизе изну кьолеб шагьатнама кьезе бугин абун. Гьелъ магъалоялъукьа борчIизабулеб буго хIалтIи унеб мехалда ва изну кьолеб буго кинотеатразда ва телеканалазда фильм бихьизабизе.

Нижеца гьеб кино гIурусалъ бахъана ургъунго - Россиялда киназего бихьизаби мурадалда. Ниж цIакъ рохатал рукIана гьелдалъун, амма ахирисеб параялъ щвана пашманаб хабар - шагьатнама нижее кьун гьечIин абураб. ГьабсагIат нижеца гьеб суал дандбалеб буго. Къокъ гьабун гьадин абилаха дица».

ЭР: - Нижеда лъалеб букIахъе 2004 соналда чачаназул депортация Европарламенталъ рикIкIана геноцидалъул хIужалъун. Россия гьеб гIайибалъе мукIурлъулеб гьечIо. Тадежоялъеги, гьанже фильмалги гьукъулел руго доб тарихияб хIужаялъул хIакъалъулъ.

ГIицIго хъвадарухъан Анатолий Приставкиница хъвараб "Ночевала тучка золотая" абураб къиса ва гьелда тIаса бахъараб кино гурони, доб депортациялъул хIакъалъулъ тIокIаб щибниги загьриабун гьечIо Совет Союзалдаги Россиялдаги. Бегьулищ абизе, цIияб геноцид баккулеб бугин - культураялъе, гIелмуялъе гьабулеб? Советияб заманалдаго гIадин.

Руслан Каканаев: «Анатолий Приставкинил къиса перестройкаялъул заманалда къватIибе бахъана. Хайбах росулъ букIараб хIужаялъул суал цебеги борхизабулеб букIана, хасго республикаялде цIех-рехчагIаз рачIараб мехалда. Жиндир заманалда КIудияб ВатIаналъул Рагъул гIахьалчи Степан Кошуркоца хIаракат бахъана Хайбахь росулъ гьабураб такъсиралъул цIех-рех байбихьизе.

Дов Кошурко Грозныялде вачIараб мехалда гьесде абуна байбихьуда, Хайбах абураб росу республикаялда гьечIин. Хадуб, гьесул хIаракаталдалъун гIуцIун букIана хасаб рагъулаб комиссиялъ. Ва гьеб комиссиялъ дурус гьабуна Хайбах росулъ 1944 соналда НКВД-ялъул аскарияз унтарал гIадамал речIчIун чIван ругеблъи.

Гьанже ккаралъул хIакъалъулъ бицани, лъаларо, бугищ гьеб хурхараб геноцидалъул проблемаялда, гьечIищ? ГьечIин, дида ккола, щай гурелъул дида хадуб лъицаниги хал кквей гьабулеб гьечIо, хIинкъиги кьолеб гьечIо.

Нижеца паракъатго гьаб нижер кинофильм бахъулеб букIана кIиго соналда жаниб. Официалиял идарабаз нижеде тIадецуй гьабулеб букIинчIо. ГIаксалда, Чачан республикаялъул парламенталъ нижее моралияб квербакъи гьабуна.

Суал батIияб буго. Гьаб такъсиралда хадур цогидал такъсирал тIатине бегьула. 1936 соналда букIараб конституциялъ гIадамазе гIемерал ихтиярал кьолел рукIана. РукIаниги рехсарал хIужаби ккана киса-кирго.

Жакъаги хIалтIулеб конституциялъ гIадамазе ихтиярал кьола. Гьедин бугониги инсанасул ихтиярал ризго хвезарулел руго. Гьалеха, нижеца бицунеб хIужа гIадамаздаса бахчун тезе гьабулеб къасдалъ хасго гьеб бихьизабулеб буго».

Руслан Каканаевас гьалкъояз нижер радиоялъе лъазабуна республикаялъул парламенталъги хIукуматалъги изну кьун бугин «Буюрана кIочон тезе» абураб чачаназул депортациялъул хIакъалъулъ бахъараб ва Россиялда гьукъараб кино жибго респубьликаялда гIадамазде бихьизабизе.

РакIалде щвезабизин, Чачаназулгун-гъалгъазул депортациялъул къурбанал ракIалде швезабулеб къо – ай 23 февраль – кIодо гьабизе гьукъун буго республикаялда.

Руслан Каканаевас абулеб буго жиндирги, жидерго ишцоязулги хьул хутIулеб бугин гьеб кино тIолго Россиялъул кинотеатраздаги бихьизабизе изну кьезе букIиналда.
XS
SM
MD
LG