МагъчIваялъе рес

МустIапа Жамилев: «Тарих такрарлъулеб буго»


Крым-татаразул жамгIияв цевехъанМустIапа Жамилев.
Крым-татаразул жамгIияв цевехъанМустIапа Жамилев.

Крым-татаразул жамгIияв цевехъан, советияб заманалъул диссидент МустIапа Жамилевасе Крымалъул оккупационияб тIалъиялъ гьенибе нух къана. Гьалкъояз крым-татараз хIадурлъи гьабулеб буго халкъалъул депортация гьабиялдаса 70 тIубаялда хурхараб тадбир тIобитIизе.

Нижер радиоялъул ГIурус сервисалъул мухбир Наталья Голицинагун гара-чIвари гьабулаго, МустIапа Жамилевас кIвар цIикIкIарал цо-цо суалазе жавабал кьуна.
Кинаб къагIидаялъ крым-татараз депортация ракIалде щвезабизе бугин абураб тIоцебесеб суалалъе Жамилевас гьадинаб жаваб кьуна.

Мустафа Джемилев : «Депортациялъул къурбанал кIодо гьабиялъул къо ва жибго депортация ракIалде щвезабиялъул тадбир крым-татаразе кидаго букIана кIвар цIикIкIараб тадбирлъун. Ва гьеб къо кIодо гьабулеб буго татараз гIумру гьабулел киналго улкабазда.

ТIад балагьани, Крымалда бугеб оккупационияб тIалъиялъул хиял гьечIин рехсараб тадбир гьукъизе. ГIаксалда, гьел тIадтараз абулеб буго жал хIадурал ругин гьелъулъ гIахьаллъизецин ва гьелдалъун зигара базе. Амма гьезде данде чIун буго Крым-татаразул мажлис. Гьединлъидал хIалуцараб-ахIвал хIал хутIулеб буго гьениб».

ЭР: Кинаб бербалагьи бугеб крым-татаразул Россиялъ Крымалъул аннексия гьабиялда.

Мустафа Джемилев «Россиялъул тIадтаразе бокьун буго Крымалда ругел киналго гIадамазе хIалица Россиялъул гражданлъи кьезе. Ва гьелдаса инкар гьабулел гIадамал рикIкIула чияр улкаялъул гIадамаллъун».

ЭР: Крымалда квершщелъи кодоб босараз татаразул миллияб мажлис гьукъизе бугищ-гьечIищали ахир къад? Щиб дуца абилеб гьелда бан?

Мустафа Джемилев: «Советияб квершеллъиялъ нижер миллияб багъа-бачари къабул гьабулеб букIинчIо. Гьез ниж рикIкIулаан экстремизмалъул ва антисоветияб багъа-бачарилъун.

Гьадинабго бербалагьи баккана жакъаги. Гьедин бугониги, Мажлисалъ жиндирго хIалтIи халат бахъине буго гьукъиалде балагьичIого.

Крым-татаразул жамгIияб телевидениялъ дагьалъ цебе гьабураб гьикъа-бакъиялъул хIасилалъ бихьизабулеб буго Мажлис гьукъиялъ гьелъул хIалтIи загьиплъизабизе букIиналда гIицIго 12 процент божулеб бугеблъи».

ЭР: Дагьалъ цебе Россиялде цIикIкIараб цIайи бугез референдумилан абулеб тадбир тIобитIун, жидерго лъидаго бачIеблъи лъазабуна. Бокьун бугищ крым-татаразеги жидерго автономия тIалаб гьабизе?

Мустафа Джемилев: «Байбихьудасанго нижеца ахIи балеб букIана нижер территориалияб автономия цIигьабиялде.
Амма я Украиналъул я Россиялъул тIадтараз нижехъ гIинтIамичIо. Нижер ахIи гIадахъ босичIо. Гьез абулеб букIана Крымалда аслияб къагIидаялда гIурус миллаталъул гIадамал ругилан.

ХIакъикъаталдаги, Сталиница гоьабураб депортациялъул хIасилалда Крымалда гьанже 14 процент гурони, тIокIал крым-татарал гьечIо.

Амма гьеб хIужа багьанадуеги босун, ниж нижерго ихтияралдаса махIрум гьаризе кколаро.
Нижерго гIагараб ракьалда нижер ихтияр буго ращадаллъун рукIине.

Амма, рекIелъ гIагалигун гьеб суал гьоркьоб лъолеб букIинчIо. Ва дида ккола оккупациялъул шартIаздаги гьеб суал дандбазе гьечIо».

ЭР : Дур рукъ Крымалда буго. ГIага-божаразги доба гIумру гьабьулеб буго. Амма дуе нух къан буго рукъобе. Щиб дуца абилеб гьелда бан?

Мустафа Джемилев: «Ахирисеб нухалъ дида дирго лъади йихьана нейтралияб зонаялда – Украиналда ва Россиялда гьоркьоб.

Гьелдаса нахъе ниж дандчIвачIо. Советияб заманалдаги дир рес букIинчIо дирго хъизам бихьизе халатаб заманалда жаниб. Гьанже тарих такрарлъулеб буго»
XS
SM
MD
LG