МагъчIваялъе рес

Депортация. Даим унтулеб ругъун


Депортациялъул къурбанал ракlалде щвеялъе гьабураб мемориал, Грозный
Депортациялъул къурбанал ракlалде щвеялъе гьабураб мемориал, Грозный

23 февралалда тIубана 70 сон Сталиница чачаналгун-гъалгъаязе депортация гьабуралдаса. Цо сордо-къоялда жаниб абухъе гочинабула цебе Чечено-Ингушетия республикаялда гIумру гьабун рукIарал чачаназул ва гъалгъаязул халкъазул цIикIкIунисеб бутIа. Жеги цо-кIиго къо уна республикаялъул мугIрул росабалъа гIадамал гочинарулагоги. Гьел киназего депортация гьабула Гьоркьохъеб Азиялде.

Щибго кодоб босизе течIого жидерго рукъзабахъа хIал гьабун поездазде вахинавун Гьоркьохъеб Азиялде депортация гьабун букIана бащдаб миллион гIанасев чиясе, аслияб куцалда гьел рукIана руччабиги, лъималги ва херал чагIи. Гьеб халкъалъул гIемерав чи хола нухдаги, ритIараб бакIалде щун хадуб ракъунги, гьава-бакъ рекъечIогоги. АнцIго соналдасан ай 1955 соналда Казахстангун Хъиргъизиялда гьабулеб букIана хас гьабун чачаналгун гъалгъаязул хъвай-хъвагIай. Гьелда рекъон, гьезул ватун вуго гIицIго 150 азарго чи.

Казахстаналде гочинабураб Какаевазул хъизамалъул анкьго лъимадул чIаго хутIана цо Медна. Гьанже гьелъие буго 83 сон ва гьелъ гIумру гьабулеб буго Серноводск росулъ. Гьелъ ракIалде щвезабулеб буго жиндир вац вакъун хвараб куц.

Какаева Медна: «Ахирги щвана ниж ритIулел рукIараб бакIалде. Гьеб бугоан цIакъ квачараб бакI. Нижее бихьизабуна цо кинабалиго рукъ. Лъаларо цебе гьениб тукенищ букIараб щиб букIарабали. БукIинчIо я квен я лъим. Казахал рачIунаан нижехъ балагьизе, гьезда абун бугоан ниж гIадамал кунел чагIи ругин. Хадуб гьез нижеда гьоркьо-гьоркьоса сахал рищун жиде-жидехъего рачунел рукIана. Нижее рихьизарулел рукIана хер цIунулел бакIал. Нижер эбелалъ кисаяли рачIана къотIарал ганчIал, гьезда тIаде накIкIуги бан, гьелда тIаде турутги рехун гьабуна нижее регел. Гьенир кьижулаан ниж анкьалго.

Цо сордоялъ ниж кьижун рукIаго кIиго сон барав дир гьитIинав вац МухIамадица дида квешго хIанчIана. Дица эбелалъе гIарз гьабиларищха. Эбел семана гьесда. Цинги МухIамадица абуна: «Эбел, дица тIокIаб хIанчIизе гьечIин». Радал ниж рахъиналде МухIамад тIокIав шурулев вукIинчIо, гьев хун вугоан. Дида хIанчIараб мехалда гьесда хадуб гьесул бакъараб хвел бачIун букIун батила.
Гьелдаса хадуб ниж хъамуна гьел чагIаз. Эбелалъ росу тирун гIадамазул рукъзал рохьунел ай гьезда хIащ чIвалеб букIана. Гьелъухъ гьелъие кьолаан ханжу-тIехх. Гьедин гьабуна бетIер-бахъи».

Гьел кьоязул Эркенлъи Радиоялъе гьадин бицун букIана 1944 соналъ чачаназе депортация гьабулеб мехалда 10 сон букIарав Гъазиханов МухIамадица.

Депортация, 23Фев1944
Депортация, 23Фев1944
Гъазиханов МухIамад: «Ниж гочинаризе рачIарал солдатаз, гочинарулеб къо тIаде щвезегIан абулеб букIана жал хIухьбахъизе рачIарал ругин абун. Гьез гьарун, нижеца гьезие ханал, ханжу, риди кьолеб букIана.

Амма ниж гочинаризе нижер рокъоре рачIараб мехалда, ниж лъалареб ххвел гьабуна гьез. Дир кIудияв вац унтун бусада вукIана. Солдатазда гьеб лъалебги букIана, гьез гьесие дару бачIунаан. Амма гьеб къоялъ гьез гьесда абуна: «ТIаде вахъа! Дуца ххвелал гьарулел руго»-ян.

Дида течIо хьитал ретIине. Балеб гIаздакь, хIатIида гIицIго вачана дун. Дида хадув вилълъунев вукIарав солдатас тункIил тIогьиб къазабураб нус хIенчIезабулеб букIана дир мугъалда: «Тушманасул куц, чIезабе гIоди!»-абун.

Поездазда рекIинарураб мехалда лъимал, руччаби, бихьинал цоцалъ гъункун гIодорчIун рукIана вагоназда жанир. ШартIал гьенир рукIана хIайваназе гIадал. Сордо-къоялда жаниб цо нухалда толеб букIана тIагIарталъе ине. Лъимги кьолеб букIана цо нухалда. ГIун-гIечIого гьебги букIунаан. Нухда хварал росун лъолел рукIана гIаздада тIад ва гьанир толел рукIана».

Гьоркьохъеб Азиялде депортация гьабун чачанал рачIунеб заман ракIалде щвезабуна Эркенлъи Радиоялъе Хъиргъизиялъул Талас мухъалъул Пенсионеразул Щураялъул нухмалъулев Мамбеталиев Мунурица

Мамбеталиев Мунур: «Гьел ккана кьварарал шартIазде. Гьезухъ букIинчIо хинаб ретIел, юргъаби. 1944 соналъул хасел букIана цIакъ цIорораб ва гIазу гIемераб. Лъималги чIахIиялги рукIана гьезул унтун. Гьезул гIемерисел хвана гочун дагьаб заман иналдего. Амма абизе ккола бакIалъул гIадамаз гьезие кIудияб кумек гьабунин.

РукIана гьезие гIака, бечIчIулеб цIцIе кьурал гIадамалги. Нижер гIадамазул кумекалдалъун ва жидерго жигаралдалъун гьезул гIумру тIасияб их щвелалде лъикIлъана. ХIалтIи бокьулел рукIиналъ, гьезул гIумрудул шартIал лъикIлъана хадусеб 5-6 соналда жанибги».

Шалиялдаса гIемерго рикIкIад гьечIеб Герменчук росулъа ЖабрагIилова ТIавус Казахстаналде унаго нухда хола гьелъул эбел.

ЖабрагIилова ТIавус: «МоцIал нухда раралги рукIана гIадамал гьенире щвелалде. Нижеда бан букIараб нацIцIалъул бицун пайда гьечIоха. Ролъул мугьгIан чIахIиялги рукIана гьел. ЦIияб яги бацIцIадаб гурде ретIун бахъиналде гьезул цIун батулаан. ЛахIчIегIерал...Хераз гьезул чIахIалъиялде балагьун «ганщазул нацIцIалин» абулаан гьезда. Нухдасан лъугIана нижехъ цадахъ букIарабщинаб квен-тIехх. Нижеда цадахъ вукIарав кIиго чи рещтIинеги гьавун киреялиго рачун ана. Хадусан гьел тIадруссана чурпаялъул кIиго къалигун. Гьедизе кIола, гьенир лъедолел рукIана болъонил расул цIурал гIундулги щанкIлалги. Щибха гьабилеб букIараб?

Эбелаз кьунаха гьеб лъималазе, амма нижеца гьеб кинабго нахъе лагъулеб букIана ретIелги чорок гьабулаго. Гьеб букIана унго-унгояб жужахI. Дунги дир вац-яцалги гьенир хутIана эбелги камун. Гьей унтун хвана нухда. Казахстаналде щвелалде нижги рикь-рикьизаруна ва рахъ-рахъалде рачун ана. Гьенир рукIана комендатураби, нижее рукIине бихьизабураб бакIалдаса лъабго километралъул рикIкIалъуде ине бегьулароан. Гьедин лъабго сон бана нижеца цоцазда рихьичIого. Хадусан гурони нижее цадахъ рукIине рес щвечIо.
Чачаназ жидерго лъималги ричулел рукIана ракъун хвеларедухъ. Дида дидаго бихьана кIиго лъимер казахазе бичулеб».

Чачанал гочун хутIарал ракьазде витIула Дагъистаналъул мугIрул мухъаздаса аза-азар чи. ГIодилаго, умумузул хабалги, жидерго рукъзалги тун ине ккола гьеб халкъ чияр ракьалде.

Чачаналде гочинарураб мехалда 25 сон букIун буго ЦIумада мухъалда гьаюрай Иманова Кипаятие.

Иманова Кипаят: «Къоло щуго соналъулай йикIана дун гьение араб мехалда. Дие чIунтараб рукъ щвана гьениб. ЧIорогоял рукъзал рукIана гьенир. Халкъ букIинчIо. Годилаго ана дун гьение. МагIарухъ лъикIаб гIумру букIана дир. Росги рагъде вачун ун бесдалайгIадин хутIана дун гьеб чияр рокъой. ХIалица ритIана ниж гьенире.

ИнчIони, магIарухъ рукъзал рухIулел рукIана нижер. МагIарухъ лъикIаб яшавалда рукIарал нижер Чачаналъе гочинарун хадусала бащдаб халкъ хвана бакI рекъечIого, кваназе жо щвечIого. Дир яс хвараб къоялъ, ниж рукIараб бакIалда жеги ункъго хвел ккун букIана цо къоялъ. Гьедин гIакъуба-къварилъиялда рукIана ниж гьенир».

Гьедин бицун букIана Эркенлъи Радиоялъе Кипаятица чанго сон цебе. Гьеб мехалда гьелъ гIумру гьабулеб букIана Чачаназул Шелковской мухъалъул Бороздиновская росулъ. Хадуб гьел киналго гьениса гочине ккун рукIана 2005 соналда гьенив цо чи чIван ва 11-яв араб бакI лъачIого тIагIараб мехалда.

Чачанал рукIараб бакIалде гочинарун рукIана Казбек мухъалъул Алмахъалдаса гIадамалги. Дагьабго заманалда жаниб гьенире гочинаруразул 200-гIан чи хванин бицана Эркенлъи Радиоялъе Калининаулалда гIурав жамгIияв хIаракатчи СалихIов СалихIица.


please wait

No media source currently available

0:00 0:05:52 0:00
Интернет-мухъ


Жидерго ракъазде тIад руссине рес щварал 50-билел соназул ахиралдаса байбихьун цIидасан гIуцIизе ккола чачаназ жидерго магIишат.
Дагъистаналда жидер букIараб Гъавухъазул мухъ цIи гьабун гIуцIизе бокьун буго республикаялда ругел чачаназеги.
Гьелда бан республикаялъул нухмалъиялде гьез хитIабал гьарулеб бугелдаса буго 20-гIан сон.

Гьедин бицана нижее цебе ГIавухъ мухъалде кколеб букIараб гьанже Казбек мухъалъул Калининаул росулъа жамгIияв хIаракатчи Гилимов СултIаница.

Гилимов СултIан: «ГIавухъ мухъ гIуцIун букIана 1944 соналъ. Ниж гочинаризе анлъго моцI хутIун букIараб заманалда. Гьениса гочинарун рукIарал гIадамаз жакъа гIумру гьабулеб буго Хасавюрт, Бабаюрт, ЦIияб лак, Казбек, Гъизилюрт ва цоги мухъазда. Амма ГIавухъазул мухъ жакъаги гьечIо».

Чачаназе депортация гьабун хадуб ЦIияблак мухъалде гочинарурал тумазе МахIачхъалаялда аскIобегIан кьун буго росаби кквезе бакI. Амма гьенирги руго жидерго проблемаби. Тумал разиял гьечIо гьеб ракьалдаги гьенир жидее рукъзал ралел ругеб куцалдаги.
XS
SM
MD
LG