МагъчIваялъе рес

Дальнобойщиказул цолъи гIуцIун буго Дагъистаналда


РикIкIада манзилалда хьвадулел чIахIиял юк баччулел автомашинабазул хIалтIухъабазул цолъи гIуцIун буго Дагъистаналда. Гьединаб хIукму гьабун буго 17 январалда Манаскент росулъ ракIарарал шофераз. Цолъиялъул нухмалулевлъун тарав Рустам МалламухIамадовас баян гьабухъе гьезул аслияб мурад буго «Платон» система тIубан нахъе бахъялъе гIолон къеркьей.

Гъарабудахкент мухъалъул Манаскент росулъ 150 цIикIкIун рикIкIада манзилалда хьвадулел чIахIиял, юк баччулел автомашинабазул хIалтIухъаби ракIарун рукIана 17 январалда. Данделъиялда гIахьаллъи гьабун буго Россиялъул цогидал регионаздаса шофераз ва «Диктатура ва къанун» абураб гIуцIиялъул вакилзабаз.

Гьоркьоб лъураб аслияб суаллъун букIун буго Дагъистаналъул рикIкIада манзилалда хьвадулел шофераз республикаялъулаб цолъи гIуцIи, хадуб ккун тIолгоРоссиялъулаб гIуцIиялда гъорлъе унеб.

РикIкIадаб манзилалда хьвадулел автомашинабазул хIалтIухъабаз жидедаго гъорлъа рищун руго 14 чи. Гьез жидеца рихьизарулел мухъазда тIоритIизе кколел руго данделъаби ва хадубккун жидер мухъаздаса рикIкIада манзилалда хьвадулел, юк баччулел автомашинабазул хIалтIухъаби республикаялъул цолъиялда гъорлъе рачине.

Гьедин, МахIачхъалаялдаса вищун вуго ГIисаев Тимур, Хасавюрталдаса ГIайнудин Эсинбаев, ГIахъуша мухъалдаса ЖабрагIилов Шамиль. Цолъиялъул нухмалъулевлъун тIаса вищун вуго Рустам МалламухIамадов.

Цолъи гIуцIиялъул суалал рагIалде рахъингун, тIобитIизе бугин кIудияб, гIаммаб мажлис, гьенир цере лъезе ругин суалал хадусеб хIалтIи кин тIобитIилебалийин абулеб буго цолъиялъул нухмалъулев Рустам МалламухIамадовас.

ГIадамал цолъун, къватIазде рахъиндал бихьанин, «Платон» системаялде данде къеркьон бажарулеблъи, гьедин нахъ бахъулеб бугин транспорталъул магъало, дагь гьабунин гIакIа, амма жидее хIажат бугин тIубан «Платон» система нахъе бахъийин бицана «Эркенлъи» радиоялъе рикIкIада манзилалда хьвадудед чIахIиял, юк баччулел автомашинабазул хIалтIухъабазул цолъиялъул нухмалъулев Рустам МалламухIамадовас.

Рустам МалламухIамадов: «ТIоцебесеб иргаялда ниж цолъизе ккола, щай гурелъул ниж ратIа гьаризе, цолъи биххизабизе гIемер жигар бахъулеб букIана. Гьедин, лъалаха Москваялде унаго, риччаларого гьарурал квекIенал, гIадамал жанир тIами ва цогидаб. ГIуцIи цIубазабиялдалъун нижеца цолъи ва цуцада гъоркьоб бухьен щула гьабулеб буго.

Абизе ккола, цересел акциязул хIасил лъикIаб кканилан, гьедин цебеккун «Платон» система хIалтIизе биччан босулеб букIараб 3 гъурущги хадубги дагь гьабуна, гьединго нахъе бахъулеб буго транспорталъул магъало. 450 азарго гъурщидаса цIикIкIун букIараб гIакIа 90 нухалъ дагь гьабуна, гьанже гьеб буго ункъазарго гъурущ.

Гьел галаби гьаруна хIукуматалъ гIадамал гIодоре руссинаризе, амма гьел заманалъул галаби рукIин бичIчIула нижеда, гьединлъидал гIадамал гIодоре риччалел гьечIо, ниж ахиралде щвезегIан къеркьезе руго, «Платон» нахъе бахъиялде данде. Щай, щай гурелъул гьединго, тана жиндир заманаялъ ОСАГО страховка.

Гьеб букIана 700 гъурщиде. Нижее квеш бугеб жо гурин гьебилан тана, дагь-дагьккун гьеб бахана цин 3000 гъурщиде, 5000 гъурщиде, гьанже 10 000 гъурщидеги. Гьединго гьабсагIаталда «Платон» системаялъ цо километр рикIкIун босулел 1,50 кепекги цо лъагIалидасан букIухъе 3 гъурущги хадубги букIине буго, хадуб дагьалъги цIикIкIинеги рес буго».

2015 соналъул декабрь моцIалда протест лъазабурал шоферазул тIалабазул цо бутIа тIубаялъ хIалуцин гIодоцун букIана, гьанже гьез жидерго протесталъул хасият хисизабулеб бугин, киназдаго бичIчIанин цолъизе кколелъи, бакI бакIалда ракIаричIогонин тIаде жубана Рустам МалламухIамадовас.

Гьединго, Дагъистаналде вачIун вукIана Санкт-Петербургалъул шоферазул вакил Андрей Бажутинги. Бажутинил рагIабазда рекъон, дальнобойщиказул цолъиял гIуцIцIун руго Рязанаялда, Мурманскалда ва жеги регионазда шофералгун дандчIваял рукIине ругилан лъазабулеб буго. Регионалиял гIуцIабазул гьин гIуцIидал, тIолго Россиялъулаб ассоциациялъул данделъи тIобитIизе бугин Москваялдайин тIаде жубана гьес.

Абизе ккола, регионазда камулел гьечIо «Платон» системаялъул минабазде гьужумал. Гьедин, Кемерова шагьаралда «Платон» системаялъул идара бухIун буго щалали лъаларез.

XS
SM
MD
LG