МагъчIваялъе рес

Экстремизмалдаса интернет бацIцIад гьабизе лъугьун руго низам цIунулел


Дагъистаналъул Жанисел ишазул идараялъ байбихьун буго социалиял сетазда экстремизмалъул магIна гъорлъ бугел хъвай-хъвагIаял гьарулел гIолилаз загьир гьаризе. Дагъистаналъул жанисел ишазул министрасул рагIабазда рекъон сон байбихьаралдаса тIатинабун буго гьединаб 50 хIужа. Экспертазул щаклъи буго МВД-ялъухъа гьеб масъала бигьаго рагIалде бахъине букIиналда.

Жанисел ишазул минситерлъиялъ экстремизмалъул магIна гъорлъ бугел хъвай-хъвагIаял гьарулел гIолохъаби ралагьулел руго аслияб куцалда «Одноклассники», «В контакте», «Фейсбук», «Твиттер» гIадал социалиял сетазда.

Гьедин абуна лъабабилеб декабралда, терроралда дандечIараб хасаб комиссиялъул данделъиялда, министр хисулев Василий Салютиница. Гьесул рагIабазда рекъон сон байбихьаралдаса тIатинабун рагIула гIолохъабаз социалиял сайтазда экстремизмалъул магIнаялъул хъвай-хъвагIаял тун ратараб 50 хIужа. Гьелда гьоркьоса 22 рикIкIине бегьулин такъсир гьабиялъул иш жинда тIад рагьизе бегьулебин абуна министр хисулес, хутIараб 23-ялъул хал гьабизе бугин лингвистикаялъул экспертизаялъ.

Жанисел ишазул министерлъиялъ гьабулеб хIалтIи битIун гьабулеб бугин, амма гьениб хIисабалде босизе кколин гьадинаб рахъги. ГIемерисел соц. сетазда хъвадарулел гIолилал рукIунин жидецаго хъвараб жоялъул магIна жидедаго бичIчIуларел чагIи, гьединазда хурхун хасаб хIалтIи гьабизе кколин рухIияб идараялъгун цадахъилан рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса юрист ХIажимурадов Эльдарица.

ХIажимурадов Эльдар: «Гьев экспертги вукIине ккола, шаргIалъул хIукмабаги рагIа-ракьанде щун лъалев чи. РухIияб идараялда буго экспетрныяб шура абураб бутIа, гьениса чи вачине ккола МВДялде гьеб хIалтIи гьабулебгIан заманалда цадахъ хIалтIизе. Гьединав чиги гьечIони бокьараб рагIи ккезе бегьула экстремизамалъул магIна бугел сияхIалда гьоркьобе.

ГIун бачIунеб гIелалда гьоркьор гьаризе ккола бичIчIи кьеялъул хIалтIаби, насихIатал, вагIзаби цIализе ккола. Жакъа республикаялда буго чанго динияб рикьи. Кинаб рикьиялда гъорлъе жив иневали чиясда жиндаго бараб буго, гьесул гIакълу-лъаялда».

Жакъа социалиял сетазда хъвадарулел гIолохъабазул экстермистияб хIаракатчилъи тIатинабизе Дагъистаналъул МВД-ялъ гьабулеб хIалтIи бигьаяб масъала гурилан абулеб буго интернет сурсатазда хурхун хIалтIи гьабулев МухIамад Лабазановас. Щайгурелъул жакъа техникиял сурсатал цIакъго церетIун ругеб мехалда чиясда кIолин бокьараб пачалихъалдаги вахчун чанго батIияб сеталдасан хъвадаризе.

Лабазанов МухIамад: «Гьелда хадуб хал кквезе кканани рукIине ккола махщелчагIи диналъул рахъалъги, уголовияб такъсир гьабиялъул бутIаялдасаги. Мисалалъе босани чияс цогидаб халкъалдехун бугеб рокьукълъи загьир гьаби гьебги 282 статьялда (чиясдехун рокьукълъи загьир гьаби яги тушманлъи лъазаби) гъорлъе унилан ккола дида. Гьеб статьялда гъорлъе унел жал гIемер дандчIвазе бегьула жакъа интернеталда.

Гьел сайтазул нухмалъулездаги абун, модераторал абула гъозда, гьез нахъе бацIцIун тIагIинабизе кIванани гьединал хъвай хъвагIаял, гьеб батIияб жо буго. Гурого гьеб хъварав чи валагьизе, гьесие тIамихI гьабизе, гьев гIадлуялде цIазе лъугьин бигьаяб масъала гуро. Щайгурелъул мун кинаб сайталда вугев, кинаб адресалдасан гьениве ваккаравали лъачIого балъго хъвадаризе кIола жакъа чиясда. Гьев чи валагьизе бигьаяб иш гуро».

ЭР: «МВДялъул нухмалъиялъ абулеб буго жидеда 50 хIужа тIатинабизе кIванин гьединаб. Гьеб тарих жакъа гIемериш яги дагьиш бугеб?».

Лабазанов МухIамад: «50 хIужа гурони гьезад тIиинабун бажарун батичIони гьезул хIалтIул кинаб хIасил букIине гьечIо. Гьеб тарих буго гIурусазул кициялда абухъе ралъдалъ бугеб цо къатIра гIадаб жо. Гьединал хъвай-хъвагIаял жакъа аза-азар ратизе бегьула интернеталда. Бокьараб видеороликалда, бокьараб сайталда гьел камураб бакI гьечIо».

«Эркенлъи» радиоялъ дагьаб цебегIан бицун букIана гьаб соналде хIадурун бахъине бугин экстремизмалде данде гIуцIараб хасаб стратегия. Стратегиялда тIад хIалтIулеб буго Россиялъул жанисел ишазул министерлъи. Улкаялда экстремизм тIибитIиялъе кумек интернеталъ гьабулин абулеб буго гьениб. Гьединлъидал гьеб документ гIуцIаразда ракIалда буго интернеталдасан гьарулел гьужумазде нухал къазе.

Гьелда данде рахъинаризехъин руго блогералги, журналисталги, гIадатиял гIадамалги, интернет-провайдералги. Экстремизмалъул хIакъалъулъ макъалаби кин хIадурилелали хасаб лъай кьезехъин буго гIолохъанал журналистазеги.

Амма инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ президентасда цебе гIуцIараб шураялъул вакилзабазул цо-цоял ракIрекъолеб гьечIо гьеб стратегиялда. Гьелъулъ цо чIванкъотIи гьечIилан.

Шималияб Кавказалда экстремизм тIибитIунгутIиялъе нухал къазелъун хIукуматалъ бюджеталдаса хвезарулин санайил нус-нус миллиардал гъурущилан бицунеб букIана чанго моцIалъ цебе МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда печаталъул министр Азнаур Аджиевас. Гьеб данделъиялда цояз абулеб букIана гьукъараб информация бугел сайтазде нух щвеларедухъ нухал къварилъизаризе кколин.

Амма блогеразул пикруялда рекъон Рссиялъул хасал хъулухъалда бажаруларо гьеб гьукъун, щайгурелъул чIахIиял сайтазул серверал ругел къватIиса хIукуматалдаса гьезие гIемераб гIарац щолелъул.

XS
SM
MD
LG