МагъчIваялъе рес

Даимал шагIирал, аза-азар кечI


Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Цолъиялъе гIемерал соназ нухмалъи гьабулаан ХIамзатов Расулица.
Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Цолъиялъе гIемерал соназ нухмалъи гьабулаан ХIамзатов Расулица.

Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Цолъи гIуцIаралдаса исана тIубала ункъого сон. Гьелда бан гIемерал литературиял данделъаби тIоритIизе ракIалда буго гьезда республикаялда. Дагъистаналда гьоболлъи базе буго Россиялдаса ва къватIиса хIукматалда хъвадарухъабазгун шагIирзабаз. АрбагI къоялъ республикаялъул аслияб китабханаялде ракIарун рукIана хъвадарухъабазул къокъа гьелъул бицине.

Юбилеялъулал тадбиразе байбихьи лъолеб магIнаялда литературияб сордо тIобитIизе данделъун рукIана арбагI къоялъ Республикаялъул Миллияб библиотекаялде шагIирзабигун хъвадарухъаби.

Хъвадарухъабазул Цолъиялъул нухмалъулев АхIмадов МухIамадица бицана гьеб цолъиялъ нахъа тараб бечедаб нухалъул. 1934 соналъ Максим Горькиясул квербакъиялда гъоркь байбихьун буго тIолабго улкаялда киналго хъвадарухъаби цолъизаризе.

Гьедин Дагъистаналда рагIул устарзабазул вакилзабазул къокъаги гIахьаллъана доб соналъ Москваялда тIобитIараб Хъвадарухъабазул тIоцебесеб съездалда.
Гьеб съездалдаса хадуб бижана Дагъистаналда Хъвадарухъабазул Цолъи.

Гьелъул тIоцевесев нухмалъулевлъун вукIана Сулейман Стальский. Гьесдаса хадур батIи-батIиял чагIаз нухмалъи гьабун буго Хъвадарухъабазул къокъаялъе. 1951 соналдаса байбихьун гIумруялъул ахирал соназде щвезегIан гьелъие нухмалъи ХIамзатов Расулица гьабураблъиги ракIалда щвезабуна гьениб Хъвадарухъабазул къокъаялъул нухмалъулес.

Гьел сонал рукIанила унго-унгоги хъвадарулел чагIазе бищун баракатал сонал. ГIемерал цIарал сайигъат гьарунин араб гIасруялъул 50 соназдаса байбихьун Хъвадарухъабазул Цолъиялъ ватIаналъе. 90 абилел сонал рагьда рещтIиндал, цогидаб киналъего гIадин гьелъ къваридаб лъалкI тана хъвадарухъабазул гъасдаги.

Гьелдаса хадуб араб ахираб къоло щуго соналъ цониги чIагояб асар бачIинчIин Дагъистаналъул хъвадарухъабазул къалмикьа къватIибеян тIадежубана М. АхIмадовас хадубги.

Гьеб тадбиралда церерахъана Дагъистаналъул киналго миллатазул хъвадарухъаби. Гьезул бицунеб жо цоцада релълъараб букIана. Гьез цоцазда баркулеб букIана юбилей.

ТIокIаб жо гьечIониги гьадин данделъун кучIдул цIализегIаги бугеб гурищ нилъер цолъиян, разиго жидерго кучIдул цIализе лъугьунел рукIана гьелги.

Нугъаязул шагIир Бийке Кулунчаковалъ бицана жидерго шагIирзаби загьир гьаризе Хъвадарухъабазул Цолъиялъги хъвадарухъабазул институталъги кумек гьабураб куцалъул.

1960 соназда тIоцебего гьезул росулъа Литературияб институт лъугIизабурав чиясул хIакъалъулъ гьелъ бицараб хIакъикъат. ТIокIлъиялдалъун гьебги лъугIизабун вачIарав гьесие кьун буго райгазеталъул корректорасул хъулухъ.
Гьеб рекIее захIмалъун хIехьезе кIвечIогун живго жинцаго чIван вуго гIолохъанав шагIирас.

Гьоркьо –кодор кучIдул ахIизе цо машгьурал ва машгьурал гурел кочIохъабиги ахIулел рукIана цере. МагIарулазда лъалев гьунар бугев кочIохъан ГIабдула МухIамадмирзаевас ахIана МахIмудил кечI.

Жакъа ва гьалдаса хадубги Хъвадарухъабазул Цолъиялъ цIиял галаби тIамизе рукIиналда божун руго Дагъистаналъул литератураялъул церехъаби.

Дагъистан гьеб кидаго букIанин хъвадарулеб бакI, хъвадарулеб гIел жеги лъугIун гьечIин жакъасеб гIелалда гьоркьоргиян абуна «Эркенлъи» радиоялъе хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулей хисулей АхIмадова Маринаца.

АхIмадова Марина: «Жакъа нилъеда цебе чIараб аслияб масъала буго гIолохъанаб гIелалда цIиял гьунарал тIатинари. Гьединал гIолохъанал хъвадарухъаби гIемерал руго жакъа гIурус мацIалъ хъвадарулел гIолилазда гьоркьор.

Руго гьезда гьоркьор гьунар бугелги, хъвадаризе кIудияб махщел гьечIелги, амма гьел руго. Гьел дурусаб къагIидаялъ хIалтIулелги руго.

Миллиял мацIазда хъвадарулел гьединал гIолохъабазул рахъалъ беццизе ккараб хIалалъ гьечIо иш. Амма гьел гьечIилан абураб жоялда божуларо дун. Рес гьечIо магIарухъ миллияб гьунаралъул ицц къине.

ХIажат буго жакъа гъежгурун гьел киналго ралагьизе. Школалда цIалулеб заманалдаго тIатинабизе ккола гьезул гьунар. Дидаго ккола хъвадаризе бугеб гьезул гьунар къватIибе загьирлъичIого хутIулеб батулин, гьабсагIат лъиениги литератураялъул кIвар гьечIилан абураб пикру сабаблъун».

Дагьал церегIан улкаялъулго хъвадарухъаби тIаде къабул гьарун руго президент Путиницаги. Исана сон маданияталъул гьабураб гIеларилан, литератураги бесдал эбелалъул кколарилан абураб гьазул гIакълуги къабул гьабун, бачIунеб 2015 сон литератураялъул сонлъун лъазабизе хIукмуги ккун рагIула улкаялъул нухмалъулесул.

Гьелъ божиги хьулалги цIикIкIинарунин жидеран абуна МухIамад АхIмадовас. ГьанжелъагIан букIараб чIунхутIиялдаса хадуб цIияб гьаракь рагIизе къваригIун бугин гIолохъанал хъвадарухъабазул. Гьелде ишан босун хIалтIизе ракIалда буго гьесдаги гьесул пикруцояздаги.

Хъвадарухъабазул Цолъиялъ ункъого сон тIубаялда бан гIемерал тадбирал тIоритIизе ракIалда буго гьезда исана. Аслияб дандеруссин букIине рагIула сентябралда Расулил «ХъахIал къункърабазул къоязда» цересел къояз.
XS
SM
MD
LG