МагъчIваялъе рес

Спорталъулъ миллияб суал …


Ахирал къоязда интернеталда ва республикаялъул киназдего гIагарун газетаз кIвар буссинабураб хIужалъун лъугьана гIагараб заманалда Лас-Вегасалда тIоритIизе ругел эркенаб гугариялъул къецазде рихьизарурал речIчIухъабазул сияхIал. Гьеб сияхIалъулъ 65 килограмм цIайиялда дунялалъул чемпионатлде ине кколаан Иляс Бекбулатов абурав лъарагIав. Гьев Россиялъул чемпионаталда Рамонов абурав осетиязул речIчIухъанасдаса бергьин цIакъ лъикI къабул гьабун букIана Каспийскиялъул кIудияб зал занкIун цIурал дагъистанияз.

Гьелдаса хадув Бакуялда тIоритIарал къецазда Бекбулатов къун рагIула ва лъабабилеб бакI щун рагIула. ХIасил калам, дунялалъул чемпионаталде унеб Россиялъул тIаса бищараб командаялда гъорлъ вуго Алесандр Лебедев абурав бурятавги тIадагьаб цIайиялда, Александр Богомаев ва Сослан Рамонов (Илясил бакIалда вихьизавулев 65 кг) осетиналги, МухIамадрасул ГъазимухIамадов, ГIабдурашид СагIдулаев ва ГIабдусалам ХIадисов абурал магIарулалги, Билал Маховги бищунго цIикIкIараб цIайиялда.

Дун гьал речIчIухъабазул миллат хъвазе тIамулев вуго нилъер миллаталъул вацал лъарагIаз. Гьез дунялалъул чемпионаталда Иляс виччангутIи бухьинабуна бачIинахъего лъарагI миллаталъе ккараб трагедия ва ургъунго лъарагIазда данде гьабулеб хIалтIилъун. Бищунго гIемер гьарчалги щолел руго Россиялъул тIаса бищараб командаялъул бетIерав тренер МухIамад ХIусеновасде. Гьев магIарулав вукIиналъ виччачIин Иляс абурал пикраби загьир гьарулел чагIиги руго.

ХIасил калам, хасал къокъабазул ахIмакълъиялъ бищдаб лъагIелалъ цеве тIубараб зал цIурал дагъистанияз тIаде рахъун хъат чIварав, киназго жидерлъун рикIкIунев вукIарв речIчIухъан къазавуна миллиял рамкабазда жанив. МахIрум гьаруна гIадамал гьесде бугеб рокьудаса миллатчилъиялъ ва хасал къокъабазул ахIмакълъиялъ. Гьев цIунун гьарулел хитIабазулъги, гьарилин «хIинкъаби кьолел» митингазулъги киса-кибего буго «кумыкская общественность» абурал хитIабал.

Щибха абулеб бугеб живго ХIусеновас, гугариялъул федерациялъ ва тренеразул шатабалъ? Щай аз лъарагIазул гъалбацI дунялалъул чемпионасул тажалдаса махIрум гьабулеб? Щай риччаларел нилъ Илясидаса чIухIизе? МухIамад ХIусеновасул рагIабазда рекъон дунялалъул чемпионаталде Илясил бакIалда Сослан Рамонов витIиялъулъ кинабгIаги политика гьечIо, лъикIав речIчIухъан тIаса вищи гурони.

«Руго чIван къотIарал киназего гIаммал шартIал. Россиялъул чемпионаталда бергьарав чи уна Европаялъул чемпионаталде. Гьенивги бергьани калам тун гьев вукIуна дунялалъул чемпионатлде унезда гъорлъ, къуни гьесул ин яги унгутIиялъул хал гьабула тренеразул штабалъ. Иляс къуна Европаялъул хIаязда, гьесие рес кьун букIана Польшаялда тIобитIулеб турниралдаги гIахьаллъун жиндир тIокIлъи бихьизабизе, гьенив бергьани дунялалъул чемпионатлде виччалин. Гьенив гьев гIахьаллъичIо живго, гьелда бан тIаса вищана тренераз Рамонов. Гьел шартIал руго киналго речIчIухъабазе» - ян абуна ХIусеновас.

Гьас рехсолел гIаммал шартIал гурел цойги пардавалда нахъа бугеб вала-рахас бугищ гьечIищали нилъеда лъаларо, батизеги рес буго. Амма якъинаб жо буго ракI чIараб тIокIлъи букIаго гьев нахъе гьавун гьечIевлъи. СагIдулаев нахъе гьавизе кIолев гьечIогури лъиданиги. Гьаб макъалаялъул аслияб пикру буго хасал къокъабаз, миллатчагIаз дунялалда «Спорт – ракълил вакил» абураб пикруги нахъе гьабун миллатазда гьоркьоб кьалги, рокьукълъиги бекьиялъул хIакъалъулъ.

Миллияб суал гьаниб букIинего бегьуларо, нилъер речIчIухъанасул проблемаби ратани гьелги киналго дагъистаниял цолъун роцIцIине ккела миллиял квартирабазде рикьичIого. «Дун Иляс вокьизе ва гьесул гугариялъухъ валагьизе виччай, лъарагIал!!!» - ин ахIизе базе ккараб хIал буго цо-цо миллатчагIи рихьараб мехалда, ралагьизе речIчIухъаби камун нилъ гьечIониги. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG