МагъчIваялъе рес

Джули росдаде тIадекIанцIана жал щалали лъаларел


20 апрелалъул сардилъ Табасаран мухъалъул Джули росдаде тIадекIанцIи гьабун буго щалали лъаларел яргъидгIуцIарал гIадамаз.

Къуваталъул идарабаз лъазабулеб буго гьел чагIи Жанубияб Дагъистаналъул изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчагIи рукIун ратизе бегьулилан. Гьез росдал школалда цIа гъун буго, чанго тукадаса къайиги бикъун буго. Гьелда тIадеги къватI-къватIахъ цебе ккара-ккаралъубе кьвагьделелги рукIанин гьелилан лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда чIварав лъукъарав чи гьечIо, амма гъоркьлъалие росун рукIанин гьез гIадамалилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Табасаран мухъалъул коррупциялде дандечIчIараб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи Къурбанов Гъазиханица.

Къурбанов Гъазихан: «Гьел чагIаз школалъул нухмалъулесул минаги сверун ккун, гьесул хъизан гъоркьлъалие босун букIун буго. Щиб гьезие къваригIун букIараб, щай гьел гъоркьлъалие росаралали лъалеб гьечIо. Щай гурелъул школалъул бетIерас щибго жо бицунеб гьечIо, хIинкъизарун ратиларищха гьел.

Рокъореги рачIун гIемер меххго балалде тIадруссун анин гьелилан аби гурони, тIокIаб кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо гьез. Гьаб сагIат МахIачхъалаялдасаги, Дербенталдасаги хасал идарабазул хIалтIухъабиги рачIун гьесулгун гара-чIвари гьабулеб буго, амма гьелъул хIасилалъулги жеги нижеда лъалеб жо гьечIо.

Къуваталъул идарабаз официалияб баяналда абулеб буго гьез цохIо тукадаса къайи бикъун бугилан, чанго тукадаса жо ун буго гьез. Дир баяназда рекъон бищун дагь лъабго тукаде жанире лъугьун руго гьел. Цониги тукада гIисинаб гурони гIарац букIун гьечIо, амма саламатго кванил нигIматал ун руго гьез. Цо-цоял гьурмазда маскаби хун рукIун руго гIемерисезда тIад рукIун гьечIо гьел.

Гьезул цониги чи лъан гьечIо бакIалъул гIадамазда. Тукадул видео камераялъ анлъго чи гурони вахъун гьечIо гьезул, гIадамаз абулеб буго къогогIан чи вукIанила гьезул къокъаялъулъилан. Гьеб школа бухIиялъе гIилла букIун батила гIадамал хIинкъизари, нуж гIодой риччагейин жалги жеги гьанирго ругин абун киназдаго лъазабизелъун гьабунин гьез гьеб ишилан кколеб буго дида».

Гьединго Гъазиханица бицана мухъалъул нухмалъиялъги, низам цIунулезги гьел изну гьечIого яргъидгIуцIараз школалъул басрияб, хIалтIизабулареб мина бухIун бугин лъазабиги гьереси бугилан. Джулиялъул лъимал жанир цIалулеб школалъул мина букIанила гьеб, гьанже гьел лъималаз щиб гьабулебали лъаларилан абун рахIатхун вуго жамагIатчи. Гьесулго рагIабазда рекъон гьел гьереси баянал кьеялъулъги мухъалъул тIалъиялъул хасал мурадал рукIун руго.

Гъазихан Къурбанов: «Гьеб хIалтIулареб басрияб школа бухIун бугин абиялъе гIилла буго гьениб балеб бугеб цIияб школа 2012 соналдаго лъугIизабун, хIалтIизе биччан букIине кколаан. Гьелъие хIажатаб гIарацги биччан букIана, амма тIалъиялъ бикъа-хъамун гьоркьоб инабун гьебгун, жеги цIияб школаги гьечIого руго гьеб росдал лъимал.

ЦохIо тIохикье ккараб, гордалги лъураб мина букIин гурони жаниса гIебеде щибниги хIалтIи гьабураб бакI гьечIо гьеб. Гьеб лъугIизабизеги жеги таманаб заманги, гIарацги къваригIуна. Мухъалъул тIалъиялъ гьеб кинабго коррупциялъул схема бахчизе букIинелъун абулеб буго басрияб школа бухIанин.

Гьедин батани цIиялъур цIализаре ха дол лъимал, кин гьарулелали. Гьез щибдай гьабизе кколеб. Джули гурониги гьединалго школал НичIрас, Ярси росабалъги некIого ран лъугIизе кколаан, гьелги жеги рагIалде рахъун гьечIо. Гьелъие биччараб гIарацги хIурудахъ ун школалги гьечIого хутIун руго гIадамал».

Гьединго Гъазиханица абулеб буго жидер мухъалъул нухмалъиялъулги бакIалъул полициялъул бетIерасулги дандеккунгутIаби ругила. Гьеб нухмалъиялъул рохьилазулгун хурхен букIин жидер гIадамазда киназдаго лъалеб жо бугила, цеве вукIарав Табасаран мухъалъул администрациялъул бетIерасул васгицин терроризмалъулъ гIахьаллъи гьабиялъухъ жанив тIамун вугилан.

Гьел экстремистаздеги, ришватчагIаздеги дандечIчIарав чи вугила полциялъул бетIер. Щиб гьабунги квешаб рахъалъ гьевги вихьизавун гьев хъулухъалдаса инавизе къваригIун бугин бакIалъул нухмалъиялъейилан. Гьедин рачIун росабалъегун гьел рохьилаз бокьа-бокьараб гьабизе тей гьебги полициялъул бетIерасде цIакъ кIудияб гIайиб щолеб иш букIунилан.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъу пресс-хъулухъалъ гьеб Джули росдаде тIадекIанцIи гьабурал ралагьизе къуваталъул идарабаз Табасаран мухъалда хасал тадбирал тIоритIулел ругин абураб информация гуреб тIокIаб батIияб баян кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG