МагъчIваялъе рес

ТIахьал жакъа рахъула бокьарас


21-абилеб гIасруялъул авалалде щвезегIан Россия рикIкIунаан бищунго цIикIкIун тIахьал цIалулеб улкалъун. Гьанжейин абуни, тIахьазул рынокалъул цIех-рех гьабулеб "НОП-ВОРЛД" компаниялъул баяназда рекъон, бищун цIикIкIун тIахьал цIалулеб улкалъун кколеб буго Индия, хадуб Китай, Таиланд, Филлипина ва Чехия. Масала, тIахьал цIалиялда тIад индиялъулаз анкьида жаниб 11 сагIат хвезабулеб батани, россиялъулаз – 7 сагIат гурони инабулеб гьечIо.

Гьединабго хIал буго Дагъистаналдаги. Масала, информациялъул ва печаталъул министерлъиялъул баяназда рекъон, къого соналъ цебецин 70 проценталъ лъагIалида жаниб цо тIехь цIалулеб букIун батани, гьанже гьеб тарих бащалъулеб буго 40-гIанасеб проценталда. Гьединабго хIал рагIула газеталгун журналал цIалулезулги. Гьебго заманалда, масала, Дагъистаналда бугеб хIал босани, цIакъго къанагIалъун ругила харбал, къисаби хъвалел хъвадарухъаби. Амма кучIдул хъвалезул къадар, ахираб къого соналда жаниб, абизегIан дагьлъун рагIуларо.

Халкъалъ тIахьал цIалунгутIиялъе ва прозаялдасаги цIикIкIун поэзиялъ гьанжесеб адабияталда бакI кквеялъе гIилла щиб? Гьел ва цогидал суалалги кьун, нижеца гара-чIвари гьабуна шагIир, Хъвадарухъабазул гIуцIиялъул авар бутIаялъул нухмалъулев ПатахIов МухIамадилгун.

ПатахIов МухIамад: «Цебе газеталги журналалги, рахъарал тIахьалги гурони цIализе жо букIинчIо. Гьанже интернет, телевидение буго ва гьелъ тIахьал нахъе цуна. КIиабизе, цIалдеялъул, лъай босиялъул иш расги лъикIаб хIалалда гьечIо. Лъабабизе, цебе унго-унгоял, ай Аллагьас жидее гьунар кьуразул рахъулаан тIахьал. Гьанжейин абуни, бокьарас бокьухъин кодоре росизе кIвеларелгIан бакIал тIахьал рахъулел руго, гьелгиха чIорогоял. Гьединал тIахьал гIемерлъиялъги гIадамазул ракIбуссунеб буго. Масала, цебе нилъ гьитIинал чагIи ругеб заманалда адабияталъул бахIарзаздехун цо гIажаибаб рекIел хинлъи букIунаан. Мактабаздаги гьелде кIвар кьолаан. Гьединал тIахьазда рехсарал бахIарзазул мисалалда гIун бачIунеб гIел куцалаан. Гьанжейин абуни, гьединаб ишалде кIвар кьолев чи гьечIо, гьеб лъиего хIажат гьечIеблъунги ккун буго».

ТIахьал цIалулезул къадар мукъсанлъун бугониги, цIех-рех гьабулез бихьизабулеб буго тIахьал хъвалезул къадар, цебеялде дандеккун, гьанже гIемерлъунцин бугилан. Хасго гIемерлъун ругила поэзиялде цIикIкIун кIвар кьолел, ай кучIдул хъвалел. Щибха гьелъие гIилла? Щай проза хъвалел дагь ругел?

ПатахIов МухIамад: «Гьеб буго кидаго букIараб жо. Цереги цIакъ дагьал гурони рукIинчIо прозаикал. ГьабсагIатги руго гьел, масала, ГIабдулхIалимов МухIамад, Расулов ГIарип, ГъалбацIовасул кигIанги лъикIаб проза букIана. ГIабдулгIазизов МухIамадица хъвала проза. Цинги, ГIалиева ГIайшат, Малачиева ГIайшат. ЧIарадаса ГIабдурахIманова ПатIимат абун йиго кигIанги лъикI прозаикиял асарал хъвалей гIадан. Гьединго, ЛъаратIаса вуго Садрудининги абун гIолохъанчи. Квеш ккараб жо буго гьунар гьечIелщинал цере кIанцIулел рукIин, гьунар бугезул рес гьечIого букIин».

Ахираб заманалда тIахьал рахъулел рукIин гурони, гьезие къимат кьолел чагIи, яги идара букIунаро. ГIемерисез абулеб жоги буго къимат кьезе цIалдолел тейилан. Гьеб пикру мекъийищ яги битIунищ бугебали абизе кIоларо, амма нилъер адабияталда критакайин абураб жо гьезего гьечIин абуни битIун букIина. ХIажат букIунарищ критика ва букIунеб батани щай гьеб гьечIеб?

ПатахIов МухIамад: «ТIахьал рахъулел руго бокьарас бокьараб бакIалда. Гьел гьекъизеги лъидаго кIоларо. Амма нижеда кIолеб жо буго, масала, Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялъ лъагIалида жаниб бахъулеб 7-8 тIехь гьоркьоб лъола ва гьезул гIолел-гIоларел рахъал рехсола. Критакал гьечIолъиялъе гIиллаги буго хIасил гьечIеб хIалтIи гьеб букIин. Жал зодоре рахинарун реццизе киназего бокьулеб буго, критика гьабуни, битIахъе тушманлъун кколев вуго. Гьеб битIун бичIчIулев чи къанагIатги кколев гьечIо. Хъвадарулев чиясул бищун кIудияб талихIкъосин буго гьунар гьечIегIан чиясда живго бищун гьунар бугевлъун кколев вукIин».

ПатахIов МухIамадил гара-чIвари гьабун хадуб, нижеца бухьен ккуна анцIгоялдасаги цIикIкIун чиясулгун, ва гьезие кьураб суал букIана исана кинаб тIехь нужеца цIаларабин абураб. I2 чиясда гьоркьоса полициялъул хIалтIухъан ГIалихIажи МухIамадовас цIалун батана Гъоркьа ЧIугIлиса ГIазизов СагIидица хъвараб ХъахIабросулъа МахIмудил хIакъалъулъ тIехь.

XS
SM
MD
LG