МагъчIваялъе рес

ЦIороялъ пихъил бачIиналъул хьулал хвезаруна


Март моцIалъул ахирисел къоязда Дагъистаналъул мугIрузул мухъазда цIорой ккеялъул хIасилалда Унсоколо, Хьаргаби, Гъуниб ва Шамил мухъазул пихъил ахазе кIудияб зарал ккана. Гьедин лъазабуна Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялда. Гьениб бицухъе, цIороялъ бухIун хун рагIула ахбазаналъул щезе ракIалда букIараб бачIиналъул 90 процентниги.

Гьел мухъазда, хасго Унсоколо ва Хьаргаби мухъазда гIумру гьабун ругезул аслияб бетIербахъи букIуна ахакьа бачIунеб бачIиналдаса. Амма исана пихъ букIиналда щибго божилъи гьечIо. ХIатта харабазцин абулеб буго март моцIалъул ахирисел къояз букIараб гIадинаб цIорой ккараб заман къанагIатги букIинчIин абун бицана «Хьаргаби мухъ» муниципалияб гIуцIиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Сулейманов АхIмадица.

Сулейманов АхIмад: «Марталъул 30-абилеб ва 31-абилеб къоялъ ккараб цIороялъ кIудияб зарал гьабуна пихъие. Гьел къояз бараб гIазу жакъаги биун лъугIун гьечIо. ГъутIби рукIана тIогьолъ росун. ЦIорой ккана 8-I0 градусалде бахараб. Абизе бегьула I00 проценталъ Хьаргаби мухъалда ахбазан, курак хванилан».
ЭР: «Аслияб бетIербахъи ахбазан-куракалдасан букIаралъул, щибха гIадамаз абулеб бугеб? Щиб гьабизе ракIалда бугеб»?

Сулейманов АхIмад: «ГIадамал пашманго ругоха. Аслияб бетIербахъи ахбазан-курак бичун гьабулеб букIаралъулха, I00-200 азарго гъурущги щолаан гьеб бичун. Исана гьеб хайиралдаса махIрумлъанаха гIадамал. Гьанже гени-гIечгIаги хвечIого хутIилин абураб хьулалда ругоха, гьелъул ахар гIемер гьечIониги. 200-220 гектаралда гурони гьечIо генулгун гIечул ахал».
Хьаргаби мухъалдаса Сулейманов АхIмадица бицухъе, ахбазаналъул ахазул 950-гIанасеб гектар рагIула гьеб мухъалда. ХIукуматалъул рахъалдасан кумек щвеялде хьулго бугебищилан цIехедал,

Сулейманов АхIмад: «МагIарухъ ругел киналго ахал руго гIадамазул жалго бетIергьанал. Цебе-цебеги пихъ хвеялъул хIужа ккедал, гIадамал бетIергьанал ахал ругинги абун, гьабулеб кумек щибго букIинчIо. Гьаб нухалъгIаги кумек щвелародайин, росдал магIишаталъул ахал ругинги абун документал хIадур гьариялда тIад ургъулел руго. РецIел щвезе ккани, ахал страховать гьарун рукIине кколинги суал лъола цебе. МагIарухъ къанагIатги рукIунаро страховать гьарурал ахал. Гьеб буго цIакъ захIматаб суал. 2006 соналдаса жакъа къоялде щвезегIан гьанжегIадинаб цIорой лъабго нухалда ккун букIана Хьаргаби мухъалда. Цониги соналъ кумекги щвечIо».

МагIарухъ ругел консервазул заводаз, аслияб куцалда, гIадамазухъа къабул гьабулаан ахбазан-курак. Исана гьеб пихъ хвеялъул хIасилалда, заводазе, хасго кIикIундерил консервал гьарулеб заводалъе кIудияб зарал ккезе гьечIин рикIкIунеб буго гьелъул генералияв директор МухIамадов МухIамадица. Щайгурелъулила, жидер рес бугила помидор-охцералдаса ва микьиралдаса пайда босизе, гьединго, нахърател бугила гъоркьисалаго гьарун рукIарал ахбазаналъул пюреялъулги.

Гьединго, тIубанго пихъ хванилан зигара буго Шамил районалъул жамагIаталъулги. Масала, ХIебдаса Назирбегов МухIамадица бицухъе, тIегьан букIанщинаб гъветI, цIорой ккедал лахIчIегIерлъун рагIула.
Назирбегов МухIамад: «Ахбазанги хвана, микьирги хвана, багIли-жага хвана. ГIага-шагарго 7 гарадусалъул цIорой букIана ХIеда росулъ. Гьолокь ва гIурумухъ ккун жаниблъиялда ругел росабалъ хурмагицин хун бугин абулеб буго. Нолъкъасиги букIана лъикIаб цIорой. ТIегьан букIанщинаб гъветI хванин абизе бегьула».

Гьединабго хIал буго цогидал мухъаздаги. Масала, Гумбет мухъалдаса Ибрагьимов Ибрагьимица бицухъе, цIорой ккеялъул хIасилалда гьенибги ахбазан-курак хун рагIула. Ибрагьимица бицухъе, гIазу баниги, радал-бакъанида саву ккечIелдаса гъутIбузе къварилъи букIунарила. Амма саву ккани гьелъ бухIун рехулила гъутIбузда бараб тIеп. Гьединлъидал, саву ккечIого букIиналдаса рорчIизелъун гъутIби гIаздадаса рацIцIад гьаричIого тани лъакIаб букIунила.

Нижергун гара-чIвари ккараз бицухъе, хIакъикъаталдаги ккараб зарал лъазе рагIула 15-20 къоялдасан.
XS
SM
MD
LG