МагъчIваялъе рес

"Зулмуялъ зулму гурони гьабуларо"


Заирбегов АсхIабгIали, Гъизильюрталъул полициялъул бетIер
Заирбегов АсхIабгIали, Гъизильюрталъул полициялъул бетIер

Гъизилюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулев Заирбегов АсхIабгIалица иргадулаб видеохитIаб гьабун буго гьеб мухъалъул амир ТIалхIатов ХIажимурадиде .

Полициялъул нухмалъулес абухъе, цебеккун ХIажимурадица гьабун букIун буго Чонтаул росдаде гьединабго хитIаб. Цо сордо-къо кьолеб бугин жинца нужее ярагъ гIодоб лъезе. Жидер мина-карт цIунун чIарал чагIазде гьед хитIаб гьабизе кин дуда кIолебин абулеб буго полициялъул нухмалъулес. Хадуб гьес цо-цо ккун бицунеб буго ХIажимурадидаги, гьесул къокъаялда гъорлъ ругел цогидазулги такъсиразул.

Заирбегов АсхIабгIали: "Дуца гьеб кIалъаялдалъун гIодобегIан ва инжит гьабулеб буго гIадатияб халкъ. Халкъалъул къимат гьабизе ккола. Гьелъул адаб хвараб щибаб рагIухъ нилъеца халкъалда тIаса лъугьаянги гьаризе ккола. Жиндир халкъалъул къимат гьабуларев чи ккола талихI къосарав чи".

Хадубго гьадинги гьикъулеб буго полициялъул нухмалъулес:

Заирбегов АсхIабгIали:"Эркеналлъун рукIине къваригIун батани, къануналъул лагълъун вукIине кколин абулаан некIсиял румаз. Дуе лъица квалквал гьабулеб бугеб гьаб дунялалда парахатго гIумру гьабизе?"

ТIалхIатов ХIажимурадидего гIадаб видеохитIаб Заирбеговас исана риидал гьеб мухъалъул амир Темирбегидеги гьабун букIана. Гьесул ккараб ахирги ракIалде щвезабулеб буго гьаб цояб видеохитIабалда полициялъул нухмалъулес.

Ахираб заманалда Гъизилюрт мухъалъул полициялъул нухмалъулесулгун Комсомольское ва Чонтаул росабазул гIадамазул буго дандеккунгутIи. Масала, дагьалъ цере Чонтаулалдаса ХIажиева Салиматил рокъореги рачIун маскаби ххурал чагIаз хIалбихьана бензинги тIаде тIун тIубараб хъизан бухIизе. Гьез ралагьулел рукIун руго Салиматил ясалъул васал АсхIабги Шагьрудинги. Амма гъоркьисала низам цIунулез ккун вачун арав АсхIаб тIурун ворчIун вуго. Гьелдаса хадув я гьев, яги Шагьрудин кир ругелали жидедагогицин лъаларилан бицана Салиматица.

Гьеб бакIалда бензинги тIаде тIун рухIулел рукIарал руччабазул цояй ккола ЦIумада мухъалъул Лъондодаса ГъазимухIамадов Шагьрурамазанил яс. Гьединго ясалъул яс йиго берги гIинги бухIун.

Полициялъул нухмалъулев Заирбеговас гьеб хIалтIи жидер пиша гурин абуна, амма росдал гIадамаз рикIкIуна гьел чагIи полициялъулал рукIанилан. Гьединаб хIалтIуца лъикIаб хIасил кьезе рес гьечIин абуна ЭР-ялъе Шагьрурамазаница.

ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: "АсхIабгIали вачIинегIан гьаниб букIинчIо гурищ гьадинаб жо. Гьес нахъе гIенеккун гьабизе ккола жиндирго хIалтIи. Цо чияс щибали такъсир гьабунин абун тIубараб тухумго тIагIинабулеб жойищ букIунеб? нусго гIагарав чи вукIина гьесул, нусавгойищ тIагIинавилев? Дунялалда кибниги гьечIо гьединаб низамги къанунги. Гьа, вачIана гьаниве АсхIабгIали. Гьес гьаниб гьабураб хIалтIул хIасил кинабха бугеб? Кинабниги гьечIо. Щибниги бегьулареб жо гьабурав чиясе гIадлуги гьабе, гурони ракълидалъун лъугIизабе кинабго. Гьеле гьеб буго киназулго пикру".

ЭР: "Дагъистаналда салафиязда ращалъизарулел руго рохьор чIарал чагIиги бечедал чагIазда тIад магъало лъун флешкаби ритIулел гIадамалги. Кинаб гьоркьоблъи бугеб гьел кIиязулго?"

ГъазимухIамадов Шагьрурамазан: "Аллагьас Къуръаналда абулеб буго цояс гьабураб мунагь цогидазда баччизабуларилан. Ратила жиде-жидер пикруялъул чагIи. ГьабсагIаталда цохIо Каиралда салафиязул ункъазаралда хадув чи цIалулев вуго. Гьел руго аслияб куцалда гьаниб гьаб питнаги ахIи-хIурги букIун къватIире арал чагIи. Нужеда лъала, тIоцебесеб иргаялда, гьел флешкаби гьезухъеги рачIунел рукIин. Гьеб мехалда гьалги долги цого чагIи кин рукIунел? Нужецаго цIехеха щал дора ругел, щай дол рохьоре аралали. РухIияб идараялъулгун рекъел гьабуниланги, цогидалъе гIологи гIезегIан ругелъулха салафиязе хIинкъаби кьолел. Гьеб лъалеб жо буго".

Гьал къоязда букIараб республикаялда тIалъиялъул данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламица абуна республикаялъе бищун кIудияб хIинкъи терроризмалдасан бугилан.
XS
SM
MD
LG