МагъчIваялъе рес

ЕГЭ учительзабазги кьезе бегьула


«ГIурус мацIалъул ва адабияталъул 5800 мугIалимасул аттестация гьабизе ракIалда буго. Гьеб тIобитIулаго цогоял пачалихъиял экзаменазул тIадкъаял хIалтIизаризе руго. Экзамен кьун бажаричIел мугIалимзаби хIалтIудаса нахъе рехи гуро гьелъул мурад. Лъавукъал мугIалимзабазе лъай камил гьабиялъе рес кьезе буго». Гьадин лъазабуна ДРялъул Лъай кьеялъул министерлъиялда.

ТIоцебесеб иргаялда аттестация гьабизе рагIула тIасияб соналда жидер цIалдохъабаз экзаменал кьолел мугIалимзабазул. Хадусеб иргаялда экзамен кьезе бугила байбихьул классазул ва цогояб пачалихъияб экзаменалъул сияхIалде гъорлъе ккечIел предметазул мугIалимзабаз. Гьезул хIасилазда экзаменазда хашал баллал ккарал мугIалимзабазул лъай камил гьабиялъе гIоло тадбирал гIуцIизеги ругила. МугIалимзабазда ЕГЭ кьезабулеб бугила ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул буюрухъалда рекъон.

Экзаменал гIуцIизе ругила Дагъистаналъул мугIалимзабазул лъай камил гьабиялъул институталдайин абураб баян кьуна Лъай кьеялъул министерлъиялда. Гьениб бицухъе, мугIалимзабазул лъай борциналъе гIиллалъун ккун рагIула Дагъистаналда цогоял пачалихъиял экзаменазда лъималазул цIакъго хашаб лъай букIин тIатиндал, ва гьелъие гIиллалъунги бихьизабулеб буго жалго мугIалимзабиги гIураб лъаялъул даражаялде рахинчIел рукIин.

МугIалимзабазул лъай лъица борцине бугеб ва гьеб ккезе гьечIищ мугIалимзаби хIакъир гьаригIадинаб хIужа? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго мацIазул гIелмуялъул гIалимчIужу Сулейманова Кавсаратица бицана мугIалимзабазул лъай борциналъе Лъай кьеялъул министерлъиялъ гIуцIизе бугила хасаб идара ва гьелдегъорлъе рачине ругила тIадегIанал цIалул идарабазул мугIалимзаби ва лъай камил гьабиялъул институталъул вакилзаби. Амма гьеб суалалъе, ай гьединаб комиссия гIуцIизе букIиналъул бцараб суалалъе министерлъиялъ щибго баян кьечIо, гьабсагIаталда гьабураб кьучIаб хIукуму гьечIиланги абун.

Сулейманова Кавсарат: «Гьеб масъалаялъул бицанани, дир хIисабалда, мугIалимзаби ккола вузаз хIадур гьарурал махщелчагIи. Вузалъ кодобе дипломги кьун мактабалда хIалтIизе витIарав махщелчиясул халгьаби, гьеб буго мугIалимасдехун божилъи гьечIолъи бихьизабулеб хIужа. Дир гьединаб куцалда халгьабулеб букIарабани, дица гьеб дунго хIакъир гьайилъунги рикIкIинаан. Щайгурелъул тIадегIанаб цIалул идараялъ гьесие диплом кьун бугелъулха мун пуланаб ишалъул махщелчи вугин абун. Гьелде тIадеги, щибаб щуго соналдаса учителасул лъай камил гьабулеб буго ва гьелъул хIасилалда гьесухъе кьолеб буго удостоверение. Гьелдаги бихьизабун буго пуланав мугIалимасул гIураб даража бугин дарсал кьезейилан».

Сулейманова Кавсаратица бицухъе, ЕГЭялда цIалдохъабаз лъикIал хIасилал рихьизаричIинги абун, мугIалимзабазул лъай борцин рагIула гIантаб иш. Щайгурелъулила, цIалдохъанас хашаб хIасил бихьизаби цохIо мугIалимасда бараб букIунарила. Гьениб аслияблъун кколила умумузул хIаракат.

ГIемерал соназ мактабалда хIалтIарай Хъазанбиева Шамайил пикруялда рекъон, мактабалъул мугIалимзабазул гуреб, тIоцебесеб иргаялда, лъай борцине кколеб рагIула тIадегIанал цIалул идарабазда дарсал кьолезул.

Хъазамбиева Шамай: «ЗагIипав мугIалим вукIине ккани, гьев вукIине кколаха загIипав студентлъун. ЗагIипав студент кин ворчIулев институталде цIализе, кин гъосул гъоб лъугIулеб? Цоги, мугIалимасул лъай лъица борцине бугеб? Лъай камил гьабиялъул институталде индал, гIемераб хIалтIи гьабизе тIамула. Дида ракIчIун лъала нижее, ай мугIалимзабазе гьединал тIадкъаял кьолел институталъул хIалтIухъабазухъа гьел масъалаби тIуразаризе жидехъаго бажарулареблъи».

Хъазамбиева Шамайица бицухъе, гьадингоги рагIа-ракьанде ккезавун вугев мугIалим кIвекIизе щвей бугила министерлъиялъулги мурад, гьезие хIалтIизе ихтияр кьолезда хъинтIизе, щаялиго, лъиего бокьулеб гьечIила.

ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул чияда бачIеб махщелчагIазул цолъиялда бицухъе, мугIалимзабазул лъай борцунеб, ай гьезда ЕГЭ кьезабулеб къагIида Россиялъул цогидал вилаятазда рагIуларо. Амма, гьебго заманалда, гьеб хIалтIиги бугила мугIалимзабаз жидеего бокьун гьабизе бегьулеб жо. Къануналда рекъон, гьезда тIадаб гьечIила ЕГЭ кьезе.

XS
SM
MD
LG