МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул мэрасда сверухъ хIаял


2 апрелалда МахIачхъала шагьаралъул мэриялда гьаруна араб соналъул хIасилал. Амма гьенире гIадамал рачIунел рукIана шагьаралъул мэрлъун гьабсагIаталда ФОМС абураб гIуцIиялъул нухмалъиялда вугев Сулейманов МухIамад тезе вугилан рагIун.

Радал МахIачхъала шагьаралъул мэриялда цебе ракIарун рукIана гIемераб халкъги транспортги. Цо-цо баяназда рекъон, киналго халккун чIун рукIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов вачIиналъухъ. Гьелъие гIиллалъунги бачунеб букIана тахшагьаралъул мэр хисизехъин вукIин. Гьедин мэриялда жаниб, данделъи тIобитIулеб бакIги занкIун цIун букIана гIадамазул. ГIемерисезул гьурмалги рукIана щиб лъугьа-бахъунеб бугебали бичIчIуларел гIадал. Гьезда гъорлъ рукIана цеве вукIарав мэр, гьанже туснахъалда тIамурав СагIид Амировасул рахъкколел чагIиги, гьесул бакIалда тарав МуртазагIали Рабадановасул рахъалда ругелги, рукIана гьединго республикаялъул нухмалъиялдаса ритIун рачIарал министралги рукIана. Амма Рамазан ГIабдулатIипов вачIинчIо. Гьесул бакIалда рихьулел рукIана республикаялъул нухмалъулесулгун хIукуматалъул Администрациялъул бетIер Рамазан ГIалиевги территориалияб цебетIеялъулгун бакIалъул нухмалъиялъул бутIаялъул нухмалъулев Артур Исрапиловги.

Исрапиловас абуна Рамазан ГIабдулатIипов гьеб мажлисалде вачIинчIин Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулев Медведевас киналго регионазул нухмалъулезулгун селекторалъул къагIидаялда гьабулеб данделъиялда гIахьаллъизе ккеялъ. Мэрасул ишал тIуразарулев МуртазагIали Рабадановасе каранда балеб шапакъатги кьолеб бугин ГIабдулатIиповасинги абуна Артур Исрапиловас. ГIемерисеб мехалда хъулухъалдаса нахъе унев чиясе кьолин гьединал шапакъаталин рагIи рехана гIодор чIаразул цояс. Амма Исрапиловас абичIо гьев хисун Сулейманов яги цойги чи вачIине вугищ мэрасул хъулухъалде гьечIищали. Абуна гIицIго хъулухъчагIигун дандчIвазе гьал гIагарал къоязда ваккизе вугин мэриялде Рамазан ГIабдулатIипов.

Кин батаниги, мэрасул хъулухъалде ФОМСалъул нухмалъулев МухIамад Сулейманов тIами некIого гьабураб хIукму бугин, чанго къоялдасан вахъунин гьев мэрлъунин абулеб бугоан гьеб мажлисалда гIодор чIарал хIакимзабаз.

Сулейманов цевехун Избербаш шагьаралъул мэрлъун вукIана, хадув МухIу ГIалиев президентлъун вугеб мехалда Халкъияб Мажлисалъул нухмалъиялде тIамуна. ГIемерисезул пикруялда рекъон, гьесда кIвезе буго СагIид Амировасул рахъалда рукIарал чагIазда дандечIей гьабизе. Интеллигент махIав Рабадановас нейтралитет цIунулеб букIана. Амировги, Сулеймановги, Рабадановги ккола цого миллаталъул чагIиги – даргиял.

МухIамад Сулейманов вуго Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусамад ХIамидовасул вацгIал. Гьединлъидал республикаялъул хIакимзабазда гьоркьоб гIезегIан кIудияб ХIамидовазул тухумалъул чи. Гьелъул магIна кколин Рамазан ГIабдулатIипов МухIамадгIали ва гьесул вас МухIамадсалам МухIамадовазул нухмалъиялъул заманалдаго гIадин машгьураб тухумчилъиялде тIадвуссунев вукIинилан хъвалеб буго интернеталдасан юрист Расул Къадиевас. Гьеб кутакалда мекъи гьабулебги бугила. ГьабсагIаталда мэрасул ишал тIуразарулев МуртазагIали Рабадановасда нахъа гьечIо гьединаб кьибил-тухум. Гьев гьеб хъулухъалда тана цевесев мэр СагIид Амиров гъоркьисала риидал туснахъ гьавун хадув. Гьелде щвезегIан гьев лъалаан Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ректор гIадин.

Мэрасул ишал тIуразариялдаса нахъеги вачун МуртазагIали Рабаданов гьанже ХIамидовасул бакIалде – хIукуматалъул нухмалъулевлъун тIамизе рес бугилан абурал харбалги раккун руго. Гьединго цогидаб пикруялда рекъон, гьев тIадвуссине рес буго жиндирго хъулухъалде – университеталъул ректорлъиялде.

МахIачхъала кIудияб гамида релълъинабуна МуртазагIали Рабадановас. Гьеб бачунев чиясда бараб жо бугила кутакалда.
МуртазагIали Рабаданов, МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев
МуртазагIали Рабаданов, МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев
МуртазагIали Рабаданов: «Дида кIвана гьеб гама битIараб рахъалдехун, республикаялъул нухмалъулесул нухдехун буссинабизе, гьединлъидал кIвана кинал рукIаниги гIорхъолъа рорчIарал хIужаби нахъчIвазе».

Гьесухъ гIенеккун чIарал мэриялъул хъулухъчагIаз абулеб букIана СагIид Амиров туснахъ гьавун араб мехалда шагьаралда букIараб хIалуцин гIодоцинабизе кIванилан.
Гьесдаса хадув кIалъалаго республикаялъул нухмалъиялъул вакил Артур Исрапиловас абуна цоцалъ рагъун жо кколарин гьанже.
Артур ИсмагIилов, Президентасулгун хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев хисулев
Артур ИсмагIилов, Президентасулгун хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев хисулев
Артур Исрапилов: «Нилъеца тушбаби ралагьизе, лъилгунниги, яги кинал рукIаниги къуватазулгун рагъги лъазабизе бегьуларо, гьедин абулеб буго республикаялъул нухмалъулесги. Нилъеца гьабулеб къеркьей букIине ккола МахIачхъала шагьар гIадамазе санагIатаблъунги берцинаблъунги букIиналъе гIоло».

Хадув МуртазагIали Рабаданов лъугьана жив вачIиндал шагьаралда гьабураб хIалтIул хIасилал цойиде росизе. Араб сон жидее кутакалда захIматаб букIанин бицана гьес, миллионалде гIагарун чияс гIумру гьабулеб тахшагьаралда масъалаби кутакалда гIемерал ругила, хасго инфраструктураялъул масъалаби. Гьел тIуразаризе хIажалъулеб гIарацги тIаса къотIун батанин жидее республикаялъ гъоркьисала, гьединлъидал цо-цо суалал гIагалун хутIанин абуна Рабадановас. Амма хадув кIалъарав республикаялъул нухмалъиялдаса вакил Артур Исрапиловас бицана гъоркьисала МахIачхъалаялъе биччан букIанин цебехун биччаралдаса кутакалда гIемераб гIарац – 1 млрд 540 млн гъурущ. Амма исана гьедигIанасеб гIарац биччазе букIиналда кIудияб щаклъи бугила.
XS
SM
MD
LG