МагъчIваялъе рес

Россиялъул армия – хъизан хьихьизе рес хIисабалда


Россиялъул улка цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, гIадатияб куцалда армиялде ахIарал гIолохъабаздаса 30 проценталъ цIикIкIун буго ахираб заманалда контракталдалъун хъулухъ гьабулел гIолохъабазул къадар. 2016 соналда абуни гьеб тарих нусго проценталъги цIикIкIинабизе ракIалда буго гьезда – масала, 425 азарго чи вукIине ккола. 2020 соналда абуни щунусазарго.

Улкаялда экономикияб рахъалъ захIмалъаби гIемерлъараб заманалда цо-цо идарабазда бюджет тIаса къотIулеб гIадат буго. Амма улка цIуниялъул министерлъиялъ лъазабулеб буго жидеца бюджеталда квер хъвазехъин гьечIилан.

Россиялъул армия
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:43 0:00
Интернет-мухъ

Гьедин кризис халатбахъанагIан цIикIкIинехъин руго Россиялда гIарцухъ хъулухъ гьабизе бокьарал гIолохъабиги. Гъоркьисала тIоцерего-тIоцере ахIана Россиялъул армиялде Крымалъулгун Севастополалъул гIолохъаби – 500 чи. Контракталда рекъонин абуни восана Крымалдаса 1700 чи. Гьел аслияб куцалда гьенирго тана хъулухъ гьабулел.

Дагъистаналдаги дагь гьечIо армиялде ине бокьарал гIолохъаби – гIадатияб куцалда ахIунниги, контракталда рекъон унниги. Жиндир заманалда ахIун армиялде Дагъистаналда гIолохъаби ритIулеб гIадат хваралдаса чанго сон буго. Цере гьезул къадар 8-10 азарго букIунаан. Гьанже лъагIалида жанив азарго чигицин витIичIеб мехги бугин бицуна жалго рагъулаб комиссариаталдаса вакилзабаз. Щайин абуни дагъистанияз армиялда кутакалда гIадлу хварал жал гьарун, Россиялъул регионаздаса гIолохъабазе гIакъуба кьун гьанже божилъи хутIун гьечIила гьезда. Гьединлъидал ахIулелги гьечIила армиялде.

Амма гьеб ахIвал-хIал данде кколарин кIиябго рахъалъеян абула гIемерисез. Щайин абуни, цо рахъалъ, Россиялда гIолохъанаб гIел дагьаб бугила чIахIияб гIелалда дандеккун. Гьединлъидал армиялде ине чагIиги хутIулел гьечIила дора. Гьединго дагъистаниязеги санагIатаб ахIвал-хIал гурин гьебилан бицуна республикаялда. Масала, рагъулаб билет гьечIого, гIолохъаби росулел гьечIо дагьабниги лъикIаб хIалтIуде.

Гьедин хIалтIи гьечIого хутIаразул рахъалъ цересел кьеразда бугеб Дагъистаналда машгьурлъун буго контракталда рекъон хъулухъ гьаби. Гьединаб къагIида баккана Чачаналда рагъ лъугIун хадусел соназда. Масала, Хунзахъ центрлъунги гьабун, Чачаналдаса нахъруссарал рагъухъаби чIезе гIорхъаби цIунулезул къокъаби гIуцIана республикаялда. Гьедин жакъа къоялда лъикIаланго гIолохъабазул рес буго пачалихъалдасан щолеб хайиралдалъун хъизанал тIуразе. Гьединазул цояв ккола контракталда рекъон армиялда хъулухъ гьабулев ХIажимурад. Гьадин бицана гьес ЭР-ялъе.

ХIажимурад: «ГьабсагIаталда гIолохъаби росула гьанире чIорого, гIарацги кьечIо. Амма цере цIикIкIун росулел рукIана гьел, гьанжеялде дандеккун. ЦIияв командирги вачIун, гьес дагь гурони чи восулев гьечIо гьанже. Къоялда жанив 30-45 чи вачIуна нижер гъове контракт хъвазеян. Цинги жалго ахIизегIан гIезегIан мехалъ балагьун чIун рукIуна гьел. ГьабсагIаталда эркенал бакIал гьечIо гьенир. ЦIияв чи восизе ккани, гъоркь ругел нахъе ритIизе ккола».

ЭР: «Контракт чан соналъ хъвазе бегьулеб?»

ХIажимурад: «ТIоцебесеб соналъ – лъабго, кIиабилеб нухалъ – щуго соналъ».

ЭР: «Нилъер гIолохъаби щайин унел чагIи контрактги хъван армиялде?»

ХIажимурад: «Нилъерго ватIан, ракь цIунизе».

Амма контракталда рекъон хъулухъ гьабизе унел чагIазул мурад бугин гIицIго хайир щвейилан бицана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Шамиль абурав гIолохъанчияс.

Шамиль: «Унха, гIемерисел гIолохъаби гьелъие гIоло унел руго хъулухъ гьабизе. Армиялде ахIараб заман лъугIидал, контрактги хъван дораго чIолел руго. Магарич-жо гьабунги, армиялдаго чIезе тIалаб гьабулеб буго цо-цояз. Цо нухалъ гьенире росичIони, цIидасан комиссия гьабунги унел руго. Лъие гIарац кьуниги ургъел гьечIо гьаб нилъер хIукуматалъеги – туманкI кодоб кквезе лъалебищ дозда, лъаларебищ,,, Чанго соналъ контракталда рекъон хъулухъ гьабулел ругел, жанир чIезе рукъзал щвезе иргаялда чIарал гIолохъаби рукIуна бицунел «кIийил» гуреб жо кколарила жидее автомат кьвагьиялъе. Гьединго кигIан гIарац кьуниги армиялде унарел, диниял гIолохъабиги руго. Диналда данде кколарин гьебилан абула гъоз.

Контракт хъварал гIолохъабаз абуни хIаракат бахъулеб буго Дагъистаналда чIезе, хIинкъи цIикIкIараб бакI бугилан гьезие хайир цIикIкIун щолеб буго гьанисан».

ГIун бачIунеб гIел рагъулаб рахъалъе хIадуризелъун советияб заманалда хасал дарсал рукIунаан, хадур – тIадегIанал цIалул идарабазда рагъулал кафедрабиги рукIана. Амма жакъа къоялде гьезул цонигиял гьечIо (къан руго).

ПалхIасил, кинал рагъухъабиги гъорлъе рачунали жеги мухIканго лъаларо, амма исана сентябралда кутакал рагъулал ругьунлъаби тIоритIизе руго Россиялъ Къилбаялъул рахъалда.

XS
SM
MD
LG