МагъчIваялъе рес

Росдал медикал "кIочон" руго хIукуматалда


Росабазул азарханазде тохтурзаби ине рукIиналъе бихьизабураб «Земский доктор» абураб программа гIумруялде бахъинабулаго квекIенал данчIвалел ругила гьеб программаялда рекъон гIарац биччай регионазде тIаде ккаралдаса.

Дагъистаналда программаялда рекъон хIалтIизе 178 чи къабул гьавун вугин батIи-батIиял мухъазда ва росабалъ, ама гьезул 50 проценталъеги гIарац щун гьечIин лъазабулеб буго Сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул бетIер Камиль Бучаевас.

Шималияб Кавказалъул регионазда «Земский доктор» абураб программа гIумруялде бахъинабулаго квекIенал дандчIвалел ругин, аслияб куцалъ гьел хурхарал ругин гIарац биччалеб гьечIолъиялдайилан лъазабулеб буго «REGNUM» абураб информ-сурсаталда. 2013 сон байбихьаралдаса федералияб бюджеталдаса биччалеб букIараб гьеб гIарац регионалияб бюджеталде тIаде ккун бугила.

2014 соналъ гьеб программаялда гIахьаллъун бугила лъабго Шималияб Кавказалъул регион, амма гьезул цонигияз лъагIел индал программаялда рекъон хIалтIуде росарал тохтурзабазе гIарац кьеялъул сияхIал рачIун гьечIо. Бищунго хIалуцараб хIал бугеб регионлъун кколеб буго Дагъистан, гьениб, программаялда рекъон хIалтIизе росун ругел 180 чиясул сияхI гIуцIун бугила, жидее программаялда рекъон 1 млн. гъурщил компкнсация щвезе кколел , амма гьезул цнигиязе гьеб щун гьечIо.

Дагъистаналъул медикиял хIалтIухъабазул профсоюзалъул нухмалъулев Камиль Бучаевас баян гьабухъе, араб соналда жанир къабул гьаурал хIалтIухъаби гурелги, 2013 соналъ росаразеги жеги тIубан кьун бахъун гьечIо гьеб гIарац. ГIаммаб куцалъ 1 млн. гъурщил компенсация щун буго гIицIго 50 проценталъе, 2012 сон байбихбаралдаса къабул гьарурал.

Цогидаб квекIен кколеб бугила, гьез къотIи гьабун азарханабазде хIалтIизе лъугьиндал, гьеб гIарац кьезе заман щвелалде лъагIел ун, гьезул къотIиялъул болжал лъугIун ругилан абун инкар гьабулеб букIин.

Бучаев Камиль: «Дихъ ахирисел баянал гьечIо, гIолилал хIалтIизе росиялда хурхарал, амма киналниги, гьеб программа гIумруялде бахъинабизе байбихьаралдаса нахъе росабалъ азарханаязде къабул гьарурал гIолилазул 50 проценталъе гьеб гIарац щун гьечIо. ТIоцебесеб соналда росарал тохтуразе киназего щвана, амма хадусел соназ цоязе щун, цигиязе щвечIого, 2014 соналъ тIубан щвечIогоцин хутIарал руго.

Кинаб данделъи бугониги,гьениб гьеб суал борхула, амма гIарац гьечIин бихьизабурабилан абулеб буго. ГьабсагIатги гьеб суал борхун букIана министерлхиялда тIобитIараб иргадулаб данделъиялда. Чара гьечIого халатбахъинабизе ккола гьеб программа, росабалъ ругел тохтуразе кверчIвай букIине ккола».

Амма хIакъикъаталдаги тохтурал хIажат ругел ахарханаязда гIарац щоларого чанго сон балеб бугониги хIалтIулел руго гIолохъанал тохтурал. Гьедин, 2013 соналдаса бахъун, Хунзахъ мухъалъул ГьоцIалъ росал азарханаялде терапевтлъун хIалтIизе лъугьун йиго МухIамадова Аминат. Амма 2015 сон щун бугониги гьелъие гьеб программаялда рекъон биччазе кколеб букIараб гIарац кьун гьечIо. Цин гIилла бачанила жиндихъ бащадаб ставка гурого хIалтIи гьечIолъи, гьеб гIезе букIине мухъалъул хехаб кумекалъул станциялде хIалтIизе лъугьанила жий, амма гIарац щвечIила. ГьабсагIат Аминат декреталъул хIалхьигьабиялда йиго.

ГIарац щвеялда жий божулила, амма гьеб щвечIониги дагьал тохтурал ругел азархана рехун теларин абулеб буго гьелъ. ГьоцIалъ росдал азарханаялда бетIерай тохтурлъун йикIарай МалагьитIинова Халуница баян гьабухъе, гьабсагIаталде гьезул росдал азарханаялда хIажат вуго тохтур, амма гьел гьечIо, программаялда рекъон росарал тохтурзабазеги цоязе щун цогиязе щвечIого хутIулеб бугила гьеб гIарацги.

МалагьитIинова Халун: «Нижер росулъ кIиго специалист вачIана гьеб программаялда рекъон хIалтIизе восун, гьезул цоялъе гIарац щвана, цогиялъе щвечIо. Гьебги щвечIого ана гьей декреталде. Районалдего 20 специалист восана мухъалъул азарханаялде хIалтIизе гьеб гIарац щолеб бугилан абун. Гьеб гIарац гьезие щвезеги щвана».

Тохтуралъул пикруялда, мухъалъул азарханаялдасаги росабазул азарханаялде хIажат руго специалистал, амма росабазул азарханаялде рачIаразе киназего компенсациял щолареблъи бихьулеб бугила.

Гьелда бан, Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министр хисулев ХIажимурад Мирзабеговас баян гьабуна, хIакъикъаталдаги программа гIумруялде бахъинабизе гIураб гIарац букIинчIин республикаялъул бюджеталда. Гьаб соналъги гьеб программаялде биччазе бихьизабураб гIарац гьечIилан лъазабуна гьес.

Республикаялъул гьел тохтурзабазе компенсациял кьезе рес гьечIила, амма гьеб гIилла кколарила специалистаз росабалъ хIалтIизе инкар гьабиялъе, росабалъ гIадамал хIажат ругин лъазабуна Мирзабековас.

XS
SM
MD
LG