МагъчIваялъе рес

Ишан диналдейищ босун бугеб?


Иргадулав динияв хIаракатчи чIвана гьал къоязда Гъарабудахкент мухъалъул Губден росулъ. Щалали лъаларел чагIаз жиндирго рукъалда цеве чIван вуго мадрасалъул мугIалим Биясланов МухIамад. ТакъсирчагIи кодоре щун гьечIо.

Гьеб лъугьа-бахъин ккана гьатIан къоялъ къаси. Губден росдал мадрасалъул мугIалим Биясланов МухIамад чIван вуго жиндирго рукъалда цеве. ЦIех-рехалъул комитеталъухъа информалатазе щварал баяназда рекъон, чIварасда лъун буго микьго ругъун.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ кинал ругониги баян кьечIо гьеб чIвай-хъвеялда хурхун, киналго комментариял ЦIех рехалъул комитеталъ кьолин, жидер ихтияр гьечIин гьеб бицинеян жаваб кьуна «Эркенлъи» радиоялъе пресс-хъулухъалъул нухмалъулев хисулей ГIубайдатова Фатимаца. ЦIех рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул пресс-хъулухъалъ щибниги жаваб кьечIо.

Исана гьеб тIоцебесеб хIужа ккола Дагъистаналда динияв хIаракатчиясде квер борхараб, амма гьеб тIоцебесеб хIужа гуро батIи-батIиял соназда ресспубликаялда диниял церехъаби чIваялъул.

1998 соналдаса байбихьун гьезул къадар цебго 20 саги тIаде ана. Бищунго ракIгъанцIизабураб такъсирлъун букIана араб соналда августалъул 28-б къоялъ тIарикъаталъул кIудияв устар ЧIикIаса СагIид-афанди чIвай. Черхалда кьвагьул алатги борчарай Курбанова Аминат абулей гIаданалъ жийгоги кьвагьизаюн чIвана устарги гьесда цадахъ жеги 6 чиги. Гьеб такъсир гьабурал чагIи жеги кодоре щвечIо. Такъсир гьабиялде щаклъи бугел чагIиянги абун Гумбет ва Унсоколо мухъалдаса лъабго гIолохъанчи ккун вукIана араб соналда, амма гьезие кинаб бугониги тамихI гьабичIо. Дагьаб хадусан гьезул цоясул росулъ бугеб мина бухIана щалали лъаларел чагIаз. ЦIех рехалъул хIалтIулъ тIокIаб батIияб хис-баси лъугьинчIо. Гьединго жеги ратичIо Дагъистаналъул муфти СайидмухIамад хIажиги, ТIагьаев АхIмадги, ГIалишаев ГIабдулаги, КъурамухIамад-хIажи Рамазановги ва гьел гурел жеги чанго мухъалъул батIи-батIиял росабазул имамзабилъун хIалтIулел рукIарал гIадамал чIварал чагIиги.
ГьатIан къоялъ Губден мухъалда гьабураб чIвай-хъвейги бугин радикалиял бусрбабаздаги тIарикъаталъул церехъабаздаги гьоркьоб ракълилаб къотIи-къай хвезабизе ургъараб иргадулаб галилъунилан рикIкIунеб буго Сайдаев Исламица. Шималияб Кавказалъул, Экстремизмалдагун гъарачилъиялде дандекъеркьолеб централъул эксперт ккола гьев.

Сайдаев Ислам: «ЦохIого-цо федералиб даражаялъул хIалтIуда рекъон гьединал такъсиразда дандечIей гьабун бажаруларо жакъа. Щайгурелъул щибаб росдал имамасул гIумру цIнизе чи тунги бажаруларелъул. ХIажат буго батIиял, комплексалъулал тадбирал тIоритIизе. Жакъа мисалалъе бокьарав бусрбанчияс жиндиего батIияб нух тIаса бищани гьесда экстремистилан цIар чIвазе гIедегIулел руго киналго, гьеб мекъи буго.

ЛъикIалдаги квешалдаги гьоркьоб бугеб батIалъи бихьизе бокьуларел чагIаз цIадабе нарт тIураб гьеб жоги гьабун бусурбабазда гьоркьоб кьал боркьизабизе хIаркат бахъулеб буго. БатIалъи гьечIо, къватIиса яги жаниса бугеб къуват гьеб батаниги, гьеб буго бусрубабазда гьоркьоб ракълилаб диалогалъе лъураб байбихьи гьоркьоб къотIизаубизелъун ургъараб жо .Дагъистналда рекъел букIине бокьичIел гIадамал гIемерал руго, гьединлъидал гьелда данде гьабулеб хIалтIи гIагараб заманалда рагIалде бахъинилан кколаро дида. Жакъа Дагъистаналда бугебго гIадаб ахIвал-хIал тIоцебе Чачаналдасан байбихьана, гьенисан ана гьеб мадугьалихъ бугеб республикаялдеги. Ратизе бегьула гьеб такъсир гьабуразда гъорлъ респуликаялъул жакъасеб нухмалъиялде дандечIарал чагIиги. Суалал гIемерал хутIулел руго…».

Кавказ-узел сайталда гьатIан къоялъ ккараб чIвай-хъвеялда тIасан жидерго комментариял тун руго чанго чияс. ГIадатияб къагIидаялъ аслияб куцалда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулхъалъул хIалтIухъабазда хурхинабулеб буго динияв хIаракатчи чIвай. Руго гьелда дандечIараб пикру загьир гьабуралги. Комментарий таразул гIемерисез хварасул гIагарлъиялда зигар бан гурони чIванкъотIараб пикру загьир гьабулеб гьечIо. Гьединго жидерго кинаб бугониги пикру информ.алатазе загьир гьабичIо Дагъистаналъул рухIияб идараялъги.
XS
SM
MD
LG