МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул прокуратура "Кавказпрессалде" данде


Дагъистаналъул прокуратураялъ диваналдаса тIалаб гьабулеб буго «kavkazress.ru» абураб интернет-сурсат экстремистияб букIиналъул хIукму гьаби ва гьелда рекъон гьукъарал сайтазул сияхIалда гъорлъе бачин. Гьеб сайт рикIкIунаан къуваталъул идарабазул сурсатлъун. Кинаб бугеб гIилла прокуратураялъ гьединаб бербалагьиялъе ва диваналде хитIаб гьабиялъе?

Дагъистаналъул прокуратураялъ диваналдаса тIалаб гьабулеб буго «kavkazress.ru» абураб ресурс экстремистияб бугилан абураб хIукму ва гьелда рекъон гьукъарал сайтазул сияхIалда гъорлъе бачин. Жибго гьеб ресурс рикIкIунаан къуваталъул идарабазул ресурслъун.

Дагъистаналъул прокуратараялъ «kavkazpress.ru» абураб сайталде кIвар кьуна Генералияб прокуратараялдаса кагъат бачIингун. Гьенибе гIарза хъван бугоан Англиялда чIарай журналистка Зарема ХIасановалъ. Гьелъул пикруялда рекъон, рехсараб сайталда руго экстремистиял материалал, сайталда ахIулел руго цоги диналъул чагIазде зулму гьабизе, рахъулел руго инсанасул къадру гIодобегIан гьарулел материалал. Дагъистаналъул прокуратураялъ психолого-лингвистияб анализалъул хIасилги босун гьабураб цIех-рехалъул хIасилалда чIезабун буго сайталда хIакъикъаталдаги ругин экстремистиял материалал.

Зарема ХIасановалъ Генералияб прокуратураялде гIарза хъваялъе гIиллалъун ккун букIана араб соналъул 23 маялда рехсараб сайталда бахъараб макъала. Гьениб бицунеб букIана щиялиго ГIалиева Мадина абурай ясалъул хIакъалъулъ чорокаб мацIалда. Макъалаялъул авторазул пикруялда рекъон, гьей изну гьечIого яргъид гIуцIараз хIадурлъулей йиго жийго жинцаго кьвагьизайизе. Гьеб макъала бачIун кIиго къоялдаса, 25 маялда МахIачхъалаялъул Ленинилгун ХIамзатовасул къватIал журалеб бакIалда кьвагьана гьей яс. Зарема ХIасановалъ прокуратураялде хъвараб къагътида цIехолеб буго, щайин гьей кьвагьулейлъи лъалеб букIун батани, гьелъие квал-квал гьабичIебин, гIадамазда лъазабичIеб абун. Щал кколел макъалаялъул авторал ва кин лъараб гьей кьвагьизе йикIин? Кьвагьизе ракIалдацин букIун батичIони гьелда, рехсараб сайталда хъвараб чороклъиялдаса хадуб гьей инеги рес буго жийго кьвагьизайизе, макъалаялда провокация букIанилан бицунеб буго журналисткаялъ. Гьединабго гIарза хъвана прокуратураялда МахIачхъалаялдаса Пайзулаев ГIабдулагьица.

Дагъистаналъул прокуратураялъул баяназда рекъон, ГIалиева Мадинаял хIакъалъулъ хъвараб материалалда хIакъикъаталда руго экстремистиял ахIиял ва МахIачхъалаялъул Советский диваналде хъвараб кагътида бицунеб буго гьединаб хIукму гьабизе кколин. Амма бицунеб буго жибго сайталъул хIакъалъулъ гуреб, цохIо гьеб макъалаялъул хIакъалъулъ. Гьединго бицунеб буго щал кколел гьеб ресурсалъул бетIергьаби ва макъалабазул авторал чIезабизе кIвечIин. Сайталъул серверал руго Цолъарал штатазул Сан-Франциско шагьаралда ва гьединлъидал авторасул IP-адрес чIезабизе кIолеб гьечIилан лъазабулеб буго Федералияб хIинкъи гьечIолъиялъул идаралъ прокуратураялъе гьабулеб жавабалда.

Кинабха букIине бегьулеб гьаб кинабго ахIи-хIуралъул хIасил, щай прокуратураялда гьабсагIат гьеб сайталда тIаделъун ругел, цебеккунги гьеб сайт букIин киназдаго лъалеб букIун батани ва гьенир инсанасул къадру гIодобегIан гьабулел материалал кьолел рукIун ратани. Гьелда тIасан «Эркенлъи» радиоялъе жиндирго пикру бицана журналист Джалал Бутаевас.

Джалал Бутаев: «Прокуратураялъ гьеб сайталда экстремизм батун бугин абураб хабар гIажаибаб хабар буго. Амма дун гIедегIилароан гьабсагIаталда щиб бугониги цебеккун абизе, щайгурелъул жеги диваналъул хIукму гьечIо. Прокуратураялъе гьениб экстремизм батизе къваригIун батула жидедаго гьеб хъвалеб букIиналъ. Нилъеда лъала, рехсараб сайталда гIемер рукIана Дагъистаналдаса батIи-батIиял хIакимзабазда тIасан компроматал.

Прокуратураялдаги гьечIищха долго хIакимзаби ва гьезул гIагарлъигун аскIосел гIадамал. Гьединлъидал, Дагъистаналъул прокуратура гьениб хIалтIулеб буго абураб жо буго гьездаги цо щиб бугониги щвезабун бати гьеб сайталъ. Прокуратураялда лъаларогойищ букIараб гьанжелъагIан гьединаб сайт букIин ва гьенил кьолел хъубал материалал рукIин. Амма кин бугониги гьабсагIат жеги цудунго буго сайт къазе бегьулаян абизе, щайгурелъул жеги диваналъул хIукму гьечIо. Хадубги, хIукму гьабуниги гьелъул асар букIунгутIизе рес буго, щайгурелъул кидаго гуро тIубазабулеб гьеб хIукму. Амма прокуратураялда гьединаб жо батулеб буго абураб хабар лъикIаб буго. Жидерго интересазал гьенир прокуратураялъул ратула абун чIван къотIун абизе бегьуларо, амма сайталде кIвар кьей лъикIаб хIалтIи буго».

Юрист Мурад НурмухIамадовасул рагIабазда рекъон, Россиялъул къануназда хадур рилълъани, экстремистияб материал бугеб сайталъул хважаинзабазда прокуратураялъ лъазабула гьеб хвазабеян. ХвезабичIони, диваналъул хIукмуги гьабун сайт рикIкIуна эксремистияблъун. Хадуб «Роскомнадзор» абураб идараялъ сайт босизе ккола гьукъаразул сияхIалде ва интернет-провайдеразухъе хIукму кьезе ккола рехсараб сайталде нух къайилан. БукIине бугищ гьединаб процесс «Кавказпресс» сайталда хурхун жеги лъалеб гьечIо. Прокуратураялъ гьабсагIаталда бицунеб буго гIицIго цохIо макъалаялъул.
XS
SM
MD
LG