МагъчIваялъе рес

Рищни-къулалъул контейнерал пропагандаялъул "хъулухъалда"


МахIачхъалаялъул Киров мухъалда Порошенкол, Гитлерил, «Дом 2» абураб телепроекталъул ва долларалъул суратал рахъарал рищни балел къалиял лъеялъ тахшагьар рощнодаса бацIцIад гьабизе бугилан абулеб букIана цебеккун гьеб мухъалъул нухмалъулес.

Порошенкол яги долларалъул сурат гуреб, улкаялъул жанисел заралчагIазул суратал лъунани дагьаб дагъистаниязе кIвар бугеб букIинаанин, амма гьезул рахъ кколезухъа къан, яги батIиял гIиллабазда гьел рахъулел гьечIила рищни балел къалаздайилан абулеб буго МахIачхъала шагьаралда гIумру гьабулез. Гьелдаго цадахъ бухIараб риидал, санитариял шартIал хвезарун, рощнолъ тIерхьунел руго шагьаралъул цо-цо къватIал.

Август моцIалъул авалалда МахIахъалаялъул Киров мухъалда Адольф Гитлерил, Петр Порошенкол, долларалъул ва «Дом 2» абураб телепроекталъул суратал рахъарал рищни балел къалиял лъуна. Мухъалъул нухмалъулев СалихI СагIидовас суратал рахъи бичIчIизабуна, гIадамал сверухълъи бацIад гьабиялде гьесизаризе ругин гьез ва тахшагьар эстетикияб сипат бугеб лъугьинилан.

Амма бухIараб риидал гIемерисел шагьаралъул къватIал махIцун, рощнолъ тIерхьунеллъун хутIулел руго. Гьелго тIадехун рехсарал рищни балел къалиялги гIицIго Киров мухъалъул администрациялъул минаялда цере лъун руго. Киров мухъалда гIумру гьабулев МухIамад МухIамадовас баян гьабухъе гьес гIумру гьабулеб къотIнор лъун руго макърал рищни балел къаиял, гьезул цо-цоял рек-рекунги руго некIого.

Администрациялъул минаялда цере ругел къалиял ругила рихьизе лъурал жал, амма улка тун къватIисел гурел, жанисел заралчагIиги рахъизе бегьилаанила гьенир.

МухIамад МухIамадов: «Гьенир суратал чIваялъул гIилла буго, гьенир рахъарал гIадамал ва телепроектгун доллар улкаялъул тушманзаби ругин абулел. Гьедин бицуна щибаб къойил телевизоралъги. Амма долларалъ щиб квешлъи гьабураб, яги гьеб сурат гьениб чIванилан гъурщил къиматищ бахараб. Нилъер улкаялда жанирги руго гIемер заралчагIи, гьевго Амировасде чан жо бицунеб, амма гьесул сурат гьениб чIвазе лъидаго кIоларо, гьесул гIадамал руголъун гьанир».

Блогер Айдимир Дагъановасул пикруялда администрациялъ рищни балел бакIазда суратал лъей кколеб буго этикиялда данде кколареб гали. Цо-цояз гьеб бихьизабулеб бугила патриотизм загьир гьаби гIадин, амма цогидав чи инжит гьавиялдалъун гурила загьирлъулеб патриотизм. Гьебго рищни жакъа лъугIизе киб гурила букIараб, гьелъулъ тIерхьунел ругин чанго къватIалин баян гьабуна блогерас.

БагIарараб риидалил гIужалъ бакIаричIогон, гохIал гIун бугеб рищниялъ махIцун, рощнолъ тIерхьун хутIулел руго гIемерисел къватIал. Гьединаб хIал буго ХIамидова къватIалда бугеб 49 минаялда сверухъ. ГIемертIалаяб минаялда гIумру гьабулезул мажлисалъул вакил МахIмудова Суанатица баян гьабуна гIадамазул тарбия гьечIолъи гуребги, ругел рищни балел къалиялги дагьал ругила ва гьел лъимал расандлеб бакIалда лъун ругила.

Суанат МахIмудова: « ГIадамаз гордухъа балеб буго къватIибе рищни, къватIире рачIунагон, кIамури бугеб бакIалде хьвагIун, гохI гIун буго. БичIчIи гьечIел руго гIадамал, гьеб гуребги гьаб къватIалдаго лъурал къалиял рикIкIанани, гьел цIакъ дагьаб къадаралда руго. АскIоб бугеб рагьда, бакьулъ лъун руго гьел къалиял, гьеб бакIалдаго лъималги расандула. Щай цебе ккараб бакIалда лъолъел гьелали бичIчIуларо, гIадамазул ургъел гьечIо, риидал гьеб бакIалда аскIосан рилълъун бажаруларо, ригьда нахъеги бакIаруларо рищни».

ЖамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовасул пикруялда, тахшагьаралъул хъублъи кколеб буго информалатазда бицунеб аслияб тема, амма пачалихъияб даражаялда борхизе кколеб суал кколарила гьеб. Чороклъи тIагIинабиялдаса, бацIцIалъи чIезабиялдаса Порошенкол ва цогидазул суратал чIвай бигьаяб батун бугила шагьаралъул нухмалъиялда.

ГIабдурашид СагIидов: « ТIадчагIаз жидехъаго щибго жо гьабун бажаричIеб мехалъ, цо щиб бугониги гьабун гьелде буссинабула пикру халкъалъул. Хъублъи, рищни тIагIинабиялдаса Порошенкол ва цогидал суратал рахъун чIвай бигьаяб батун буго гьезда. Чияр политикасул сурат чIван буго рищни балеб бакалда. Шагьаралда бугеб хъублъиялъул бицунеб буго Дагъисаналъул цIиял харбазул тIоцебесеб тIанчида.

Пачалихъияб даражаялда борхизе кколеб суал кколаро рищниялъул суал. ТIолго пачалихъазда, жидер рухIиябгун культурияб бечелъи бугел, гьеб суал бачIинего бачIунаро. ГIадамал рорчIилалде бацIцIад

гьабун батула шагьар, гIадамаз, магъалаби кьолел гражданаз пикру гьабизе кколаро лъица гьеб бацIцIад гьабулебали. Дун МахIачхъалаялдаса рогьалида къватIиве унаго, гьаниб цо, доба цоги, гъунал рукIана рощнол.

Сураталги чIван, лъабго бак лъечIогон, цо бакIалда гурел, киса-кирего чIезаре гьел бакал. Суратал рахъиялъул бицанани, гьеб баказда тIад, участокалъул жавабияв щив ватаниги, жинда т1ад къараб мухъ бацIцIад гьабиялъе кIийил кканани, анкьил хIасил гьабун, гьесул сурат лъезе ккела гьеб бакалда. Шагьарго бацIцIад гьабизе кIолеб гьечIонани, босун мэрасул сурат чIвазе ккела гьел баказда тIад, гIадатиял гIадамазда тIад велъулев. Порошенкоги, Гитлерги, долларги МахIачхъалаялъул хъублъиялде кинаб букIаниги хъатIи гьечIел жал руго».

ГьабсагIаталда МахIачхъалаялда буго 70 цIикIкIараб къадар рищни бакIарулеб техникаялъул, амма шагьаралъул хIажалъалабазда рекъон, гьеб къадар кIиго нухалъ цIикIкIараб букIине кколеб буго.

XS
SM
MD
LG