МагъчIваялъе рес

Эксперт: «Парахалъи цIунун буго гIицIго къуваталъул кумекалдалъун»


​«Исламияб пачалихъалъул» бутIа баккана гьал къоязда Шималияб Кавказалда – регионалда ругел радикалиял киналго къукъабаз гьа бана Абу-Бакр аль Багдадие. Щиб гьанже хисилеб республикабазда? ХIадур бугищ Россия терроралъул цIиял масъалаби тIуразе?

Халкъазда гьоркьосеб террор Россиялда бачIанин гьанжеян абулеб буго экспертаз «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе гьа барал Шималияб Кавказалдаса «рохьилазда» тIаса баянал кьолаго. Россиялъулаб Кавказалъул республикабаздаса киналго «рохьилаз» байгIат гьабунин «Исламияб пачалихъалъеян» информация баккана гьал къоязда. «Имарат Кавказ» гIуцIиялда гъорлъ рукIарал «рохьилаз» гьанже жидерго аслияв цевехъанлъун рикIкIунев вуго Абу-Бакр аль Багдади.

Шималияб Кавказалда ругел «Исламияб пачлаихъалъе» байгIат гьабурал изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазе цевехъанлъун вихьизавуна Дагъистаналдаса «рохьилав» Рустам Асильдаров. «Исламияб пачалихъалъе» тIоцере гьа барал «рохьилазда» гъорлъ вукIана Асильдаров.

Щай «Имарат Кавказалъул» «рохьилаз» гьеб гIуцIи тараб? Гьеб суалалъе баян кьолаго политолог Михаил Рощиница «Эркенлъиялъе» абун букIана гьеб гIуцIи радикалазда бихьулеб гьечIин жигьадалъул тIалабал тIуралеллъун рикIкIунел гIуцIиязул тIоцересел кьераздаилан, гьениб жакъа къоялда «Исламияб пачалихъ» бугилан.

Сириялда унеб рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел ругел Шималияб Кавказалдаса гIемерисел жигьадистал гьанже Россиялде нахъруссине бегьулин абуна экспертас.

Гьевгун разилъулев вуго исламияб жамгIияталъул хIакъалъулъ макъалаби хъвалев журналист Айдер Муждабаев. Гьес рикIкIухъе, Россиялда гьеб масъалаялъе кIкIвар кьолеб гьечIо. «Россиялда ахирисел саназда гьел суалал квер хьвагIун тун рукIана. Аслияб масъалалъун букIине кколаан «Исламияб пачалихъ». Ва гьеб масъала Россиялъ тIубазе кколаан тIоцебе СШАгун цадахъ, Европаялъул улкабигун цадахъ, гIарабиял улкабигун цадахъ. Киназего гIаммаб масъала буго гьеб. Украина гуро, «Исламияб пачалихъ». Амма Россиялъул политиказул цогидал пикраби руго. «Исламияб пачалихъалъ» кьалбал риччана Шималияб Кавказалда, Гьоркьохъеб Азиялдаги гьеб бачIина гIагараб заманалда. Гьениса Россиялде рачIуна мигрантал. Гьелщинал масъалаби рукIаго, Россиялда Украиналъул бицунеб буго», - ян абуна Муждабаевас.

Айдер Муждабаев: «ГIолилал гьенир аялъул кIиго гIилла буго. Аслияб гIилла - социалияб. КIиабилеб гIилла - идеология. ГIолилазе ритIухълъи батулеб буго диналъулъ. Гьезда бихьулеб буго социалиял ва пачалихъалъул институтал хIалтIулел гьечIеблъи, низам цIунулезул хIалтIи бихьулеб буго гьезда. Гьелдалъун цо-цо гIолилазда ритIухълъи радикалияб исламалда батулеб буго. Шималияб Кавказалда жакъа къоялда парахатаб хIал бугин абизе бегьула, амма гьеб хIал цIунун буго гIицIго къуваталъ».

Инсанасул ихтиярал цIунулев Александр Черкасовас абухъе Шималияб Кавказалда щибаб регионалда рукIана гьенир гIумру гьабулездасан гIуцIарал рохьилазул къукъаби. Амма цоял республикаялда ругел къукъабаз цогидалгун бухьенал кколел рукIинчIо. «Исламияб пачалихъалъул» идеологиялда рекъон, батIалъи гьечIо, кисса мун кколев, амма диналъул тIалабал тIуразе ккола бокьараб бакIалда.

«Санидаса санаиде абула рохьилазда гъорлъе унел дагьлъулел ругин, амма щай гьел тIубанго тIагIинаризе кIолеб гьечIеб? Къуваталъул методал хIалтIизарулел руго гIемерисала. Ингушетиялда ахIвал-хIал хисана диалогалъул процесс байбихьидал. Щай гьединабго нух тIаса бищизе бегьулареб Чечняялда яги Дагъистаналда? «Исламияб пачалихъ» Кавказалда бачIинин хIинкъи бугин абулеб букIана экспертаз. Профилактикияб хIалтIи гьабизе кколин абулеб букIана. Гьеб гьанжеги гьабизе батIаго кватIун гьечIо. Гьеб гьабичIони, раккила цоцалгун бухьенал ругел, миллат ва республика батIалъи гьечIел рохьилал», - илан абуна экспертас.

Human Rights Watch гIуцIиялъул Россиялъул офисалъул нухмалъулей Татьяна Локшинаца абуралда рекъон, хасал операциял цIикIкIине бегьула Шималияб Кавказалда. Ва хIинкъи буго гьел вахIшиял операцияздаса тIоцебе зарал гIадатиял гIадамазе букIинин. «Мисалалъе, Временный поселокалда лъабго моцIалъ букIараб хасаб операциялъ бихьизабуна низам цIунулез къуваталъул гурел цогидал методал хIалтIизаризе хIаракат бахъулеб гьечIолъи. Гьеб операциялда низам цIунулезул вахIшиял ишазе букIине кколеб къимат кьечIо республикаялъул нухмалъиялъ. Рохьилал кквезе ккола, амма гIадатиял гIадамазул щиб гIайиб бугеб? Къуват хIалтIизабун терроралде данде къеркьани, террор дагълъуларо», - ян абуна Локшинаца.

Гьейгун рази вуго машгьурав журналист Орхан Джемаль. Гьес абуралда рекъон, ахIвал-хIал хIалуцине буго, амма гьелъие гIиллалъун цохIо рохьилазул ишал рукIине гьечIо – хIукуматалъул политикаялъ гIадатиял гIадамал хисулел руго, радикалияллъун гьарулел руго гьел. Гьес абухъе, ахирисеб заманалда гьев щвана Кавказалъул батIи-батIиял регионазда ва гьесда бихьана кин гIадамал радикалиял бусурбабилъун рахъунел ругел. «ХIукуматалъ рехун тарал гIадамазда жидер ихтиярал цIунулеллъун рихьулел руго бандитал. Гьедин гьеб ахIвал-хIал тани щуго-анцIго соналдаса Россиялда букIина ГIиракъ», - илан абуна гьес.

«Мемориал» гIуцIиялъул нухмалъулев Олег Орловас рикIкIухъе, терроралде дандекъеркьей вахIшилъизе буго гьанже. Гьес абулеб буго хIукуматалъул аслияб мурадлъун букIине кколин изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъ ккеялдаса гIадамал цIуни. «Суфияздаги салафияздаги гьоркьоб кIиго соналъ цебе байбихьун букIараб диалог тIубанго тIагIана, адаптациялъул комиссия хIалтIулеб гьечIо. Гьел суалазеги кIвар кьезе ккола. Чара гьечIого къваригIун буго профилактика», - ян абуна инсанасул ихтиярал цIунулес.

Исламиял цIех-рехалъул Шималияб Кавказалъул Централъул директор Руслан Гереевасул пикруялда рекъон, «рохьилазул» такъсирал цIикIкIине бегьула гьанже Россиялда. ТIадежоялъе, «рохьилаз» жидерго тадбиразе цебе гIарац «флешкаби» ритIун бакIарулеб букIана. Гьанже гьезие гьеб щвезе буго «Исламияб пачалихъалдаса». Гьеб гIуцIиялъ цебе Россиялъул президент Владимир Путинида лъазабуна Сириялъул хIукуматалъе кумек гьаби течIони жидеца Шималияб Кавказалда рагъ байбихьизе бугин. Гереевас «Эркенлъиялъе» абухъе, «Исламияб пачалихъалъул» лъазабиял гьадингосел жаллъун рикIкIине бегьуларо, Шималияб Кавказалда рагъулал провокациял гьезда гьаризе кIвезе гьечIилан абураб жоялда божи дагьаб буго.

«Жакъа къоялда гьеб ккола цIакъ кIудияб гIуцIилъун ва гьеб гIуцIиялъул ресурсалги руго, гIарацги буго. ГIиракъалдаги Сириялдаги гьеб гуцIиялъ ккуна нарт бахъулел регионал. Сириялда гIемерал кавказалъулал рагъулел руго оппозициялъул рахъалда. Гьелги гьанир ругел изну гьечIого яргъидгуцIаралги кумекалъе ахIун «Исламияб пачалихъалъ» гьаризе бегьула терроралъулал такъсирал. Россиялъул хасал хъулухъазул хIалтIуда бараб буго гьанже гIемерисеб. Ресурсал «Исламияб пачалихъалъул» руго ва гьезул ахIвал-хIал цIакъ лъикIаб буго финансазул рахъалъ. Гьезда кIола бокьараб къукъаялъе спонсорлъи гьабизе», - ян абуна экспертас.

«Исламияб пачалихъалъул» пропагандаялъе дандечIезеян Шималияб Кавказалда программаби ургъулел руго. Гьединаб программаязул цояб тIатинабуна Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда Россиялъул президентасул вакиллъиялда тIобитIараб данделъиялда. Гьелда рекъон, мисалалъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул ругел квешалщинал рахъазул медиа-алатаздаса бицине ккола гIолилазул кумираз, гIолилаз авторитеталлъун рикIкIунел чагIаз. Гьединго информалатаздаса гIемер бицине кколаан Сириялда экстремистазе тIоритIине кIвечIел операциязул, гьезул рагъул къеязул, гьезул квешалщинал рахъазул. Гьединал методаз кинал хIасилал кьезе ругелали программа ургъараз мухIкан гьабичIо.

XS
SM
MD
LG