МагъчIваялъе рес

Насрутдиновас жив гIайибияв гьечIин лъазабулеб буго


dagestan / Nasrudinov's court
dagestan / Nasrudinov's court

МахIачхъалаялда байбихьана Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьерлъун вукIарав Насрутдинов МухIамадхIусенида тIад диван.

Гьесде хIилла-рекIкI гьабун гIемер гIарац бикъиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. Насрутдиновас жив гIайибияв гьечIин рикIкIунеб бугин лъазабулеб буго гьесул адвокатаз.

АрбагI къоялъ букIараб диваналъул данделъиялда Дагъистаналъул экс-вице-премьер Насрутдинов МухIамадхIусеница жинде кьучIгьечIел гIайибал гIунтIизарулел ругин лъазабуна. Гьеб лъил букIаниги заказалда рекъон, ургъунго багъаризабураб иш буго. Гьедин лъазабуна гьессул адвокат Данила Паршиковас.

МухIамадхIусен Насрудиновасде гьес 2002 соналъ хIилла рекIкIги гьабун гьабун муниципалияб газалъул система бичиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго. ЦIех-рехалъул баяналда рекъон ООО «Дагрегионгаз» ва ОАО «Даггаз» компаниязда гьоркьоб къотIи-къайги гьабун 200 миллионалъул багьа бугеб гьеб система гьес 58 млн. босун буго жиндиего. Гьедин 20I4 соналъул 19 апрелалъ Москваялда хасал идарабаз ккуна гьев экс-вице-премьер.

​Живго Насрутдиновасги цебехун чанцIулго лъазабуна жинца Дагъистаналда газ бикъиялда данде рагъ балеб букIанин, гьеб данде кколарез ургъунго жинда данде багъаразибунин гьеб ишилан. Гьесул адвокат Данила Паршиковасги рикIкIунеб буго гьеб ишалъулъ Насрутдиновасде гIайиб гIунтIизабизе бакIгицин гьечIилан.

Данила Паршиков: «Гьеб буго кьучгьечIеб гIадалаб гIайиб гIунтIизаби, гьениб кIиго компаниялъул гьоркьоблъаби рукIин гурони МухIамадхIусен Насрутдиновасда бараб жо щибниги гьечIо. ГьечIеблъи дагьабниги хIалбихьи бугев чиясда тIаде балагьунго лъала. Амма гьеб кинабго хIисабалде босизе бокьун гьечIо цIех-рехчагIазе. Гьезда цебе чIараб масъала буго щиб гьабунги, кинаб нух батунги гьев туснахъ гьавизе. Дица ихтиярал цIунун ругес щибниги къанун хвезабун гьечIо. Гьединлъидал гьевги жинда гIайиб гьечIин чIун вуго. Гьев вуго гьел муниципалиял газалъул системаби ричулев вукIарав чи. Гьениб бича-хисиялъул къотIи-къаялда гъулбасараб гуреб, гьес тIокIаб кинаб букIаниги гIахьаллъи гьабун гьечIо гьеб ишалъулъ».

​Гьединго Данила Паршиковас абулеб буго цIех-рехалъул системаялъ ва диваналъ Насрутдиновасул ихтиярал хвезарулел ругилан. Гьес щивниги чIван гьечIила, цебе-цебе цониги такъсиргьабун букIинчIила, лъиениги хIинкъи бугев чи гурила, амма гьедин букIаниги лъагIалица туснахъалъуса къватIиве виччачIила гьев. БитIахъе бищун кIудияв чIвадарухъан яги террорист гIадин жанив тIамунила гьев. Я гъоркьлъалие гIарац кьун виччачIила, я рокъов туснахъ гьавун тейилан абураб жидер гIарзаги нахъчIванила диваналъ. Гьев эркен гьавейин абун 2 апрелалъ букIараб диваналдаги иргадулаб нухалда тIалаб гьабун буго Насрутдиновасул адвокатаз, амма диванчияс нахъчIван буго гьеб. Данила Паршиковасулги ракIчIун буго гьеб кинабго ургъунго гьабулеб букIиналда.

Данила Паршиков: «Гьеб иш цо пуланал чагIазул заказалда рекъон гьабулеб бугин абизе кIола дида. Гьев хъулухъалдаса вахъизе къваригIарал чагIаз гьабун батизеги бегьула гьеб. Гьес жинцаго абухъе республикаялъул газбикъулел чагIазеги гьев туснахъалда вукIун лъикI буго, щай гурелъул гьезде дандечIун вукIана гьев. Гьеб ишалда сверун ахIи-хIурги ургъунго бахъинабулеб буго. Гурони ФСБялъ щай гьеб жидехъего босизе кколеб ? Гьав халкъазда гьоркьосев террористищ вугев ? Гьеб буго экономикаялда хурхараб иш, ФСБялъ гуро гьединал ишазул хал гьабулеб. Гьелъие цIех-рехалъул идарабазул чанги бутIаби руго. Гьеб буго кIиго компаниялда гьоркьоб буголъиялда тIасан унеб гIадатияб къец. Уголовияб иш рагьизе бакIги букIинчIо гьениб, гьеб буго гIадатияб гражданияб, арбитражалъулаб диваналда халгьабизе кколеб букIараб иш».

Гьединго Паршиковасул рагIабазда рекъон 2 апрелалда букIараб диваналъул данделъиялда гьеб ишалъул халгьабиялъе байбихьи лъей гурони, тIокIаб кIвар бугеб жо букIун гьечIо. Цин диваналъ Насрутдиновасда гIайиб букIин бихьизабулел кагътилал далилазул хал гьабизе бугила, хадур нугIзазул цIех-рех байбихьизе бугин лъазабун буго диваналда.

Насрутдиновасул ишалда хурхараб диваналде цониги журналистги виччачIо. Гьеб къараблъун гьабиялъе гIилла бугила гьенив жив щивали лъазе бегьуларев нугI гIахьаллъулев вукIинилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ.

Журналистал гурониги гьесул гIагарлъиялъул чагIигицин риччан гьечIо данделъиялде. Жанире риччачIониги къватIир диваналъул кIалтIа ракIарун рукIана гьесул рахъкколезул 600 гIан чи. Насрудиновасул иш рагьараблъун гьабейин, гьесда щибниги гIайиб гьечIин, рейдеразул къурбан вугин гьевилан тIад хъварал игIланалги кодор ккун цо митинг гIадинаб акция тIобитIана гьесул рахъкколез. Хадусеб диваналъул данделъи тIобитIизе буго 15 апрелалда.

XS
SM
MD
LG