МагъчIваялъе рес

Генуб тIобитIана иргадулаб хасаб операция


10 октябралъул рогьалилъ Унсоколо мухъалъул Генуб байбихьараб хасаб операциялъулъ чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул лъабгоявги хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул цо хIалтIухъанги.

Гьел ккола терроралда дандечIараб Россиялъул комитеталъ тIиритIизарурал баянал. Гьелдаго рекъон, низам цIунулез сверун ккун буго гIадамаз гIумру гьабулеб цо мина. Цинги гьенир аскIоса гIебеде ругел чагIиги цоги бакIалде гочинарун, сверун ккураб минаялда жанир чIарал чагIазде ахIун буго кверде рачIайин. Доз инкар гьабунила гьелъие. Гьедин байбихьун буго цоцазде кьвагьдезе.

Гьенир жанир чIварал лъабгоял гендерил терроралъул къокъаялда гъорлъе унаанин бицунеб буго низам цIунулез. Гьезул щаклъи буго дол чагIаз флешкаби ритIун, бечедал чагIазухъа гIарац бахъулеб букIараблъиялда (гьеб гIарац хадубккун терроралъул ишал рагIалде рахъинаризе хIалтIизабулаанинги тIадежубалеб буго низам цIунулез). Гьелго чагIаз республикаялда къанун цIунулел хIалтIухъаби чIвалел рукIанин абураб щаклъиги буго цIех-рехалъулазул.

10 октябралда жеги баян гьаричIо гьев чIварав лъабгоясул цIар. Гьединго гендерицаги абуна ЭР-ялъе жидедаги лъаларин гьенир чIварал чагIи щалали. Рес бугин гьел къватIиса чагIи рукIинеги.

ГIайшат: «Нижеда лъалеб жо щибниги гьечIо гьеб хIужаялда хурхун. КъватIиреги рахъинчIо ниж, рикIкIадасан бихьулеб букIанаха. Гьадаб сверун ккураб мина-къай букIана жанив чиги гьечIеб, рехун тараб бакI. Гьелъул бетIергьанги хвана, чIужуги унтарай гIадан йиго. Гьелъги чIобого тун букIана гьеб. НикIалай заманалъго бараб, тIад шиферги гьечIеб бакI букIана. Гьенир жанир чIун рукIараб къагIидаха дол чагIи».

ЭР: «Гьел чIварал чагIи лъалел ратиларо нужеда?»

ГIайшат: «Лъаларо. Нижеда телевизоралдасан рагIана бицунеб азул лъабгоялги омоналъул цоявги чIван ругилан. ЦIаралги жоги лъаларо».

РакI рагьараб гара-чIвариялда низам цIунулезул цо хIалтIухъанас бицана рес бугин гьел чагIи исана августалда Генув чIварав «Имарат Кавказа» гIуцIиялъул бетIер МухIамад Сулеймановасул къокъаялдаса гIадамал рукIинеги рес бугилан. Доб мехалда абулеб букIана Сулеймановасда цадахъ ункъоял чIванин, лъабгоял тIурун рорчIанилан.

Ахираб чанго сон буго Генуб жаниб хасаб низам билълъанхъизабуралдасаги. Масала, щивасул руго хасал номерал. Гьезда рекъон бахъараб сияхIги буго низам цIунулезул. Гьединго росулъе жаниреги къватIиреги унелъул хIажалъула низам цIунулезул рахъалъан хасаб изнуги.

XS
SM
MD
LG